Аслияб гьумералде

ГIамалазул лъабго аслу

ГIамалазул лъабго аслу

Мина балаго кьучI лъечIого толаро. Щайин абуни, кьучI гьечIеб минаялъ гIемераб заман баларо, биххун уна. Гьелдаго релълъараб буго нилъеца гьарулел гIамалалги. ГIамалазулги кьучI буго чара гьечIого жал къваригIунел.

 

Шакъикъ бин Ибрагьимица бицун буго: «ГIамалалъул лъабго аслу букIине ккола.

ТIоцебесеб – киналниги гIамалал Аллагьасдасан рукIин лъай ва жинца гьарулел гIамалаздаса чIухIичIого вукIин.

КIиабилеб – Аллагьасул ﷻ разилъи бокьи ва нафсалъул разилъиялдаса рикIкIалъи.

Лъабабилеб – гьарулел гIамалазухъ кири ТIадегIанав Аллагьасдасан щолин хьулазда вукIин ва рияъ ккеялдаса рикIкIалъи, гIадамазухъа щиб букIаниги щвелин хьулазда вукIинчIого. Гьаб лъабабго аслуялъ гIамалал ихлас бугел, ай рацIцIадаллъун гьарула.

Киналниги гIамалал Аллагьасдасан ﷻ рукIине кколин абуралъул магIна буго: дуда лъай гIамалал гьаризе тIамурав Аллагь ﷻ вукIин, цо мун гуро. Гьеб мехалъ гьес Аллагьасе ﷻ рецц гьабула ва жиндирго гIамалаздаса чIухIуларо.

ГIамалазухъ Аллагьасул ﷻ разилъи бокьиялъул магIна ккола: гIамалазухъ Аллагьасул ﷻ разилъи щвезе бокьарав чияс гIамалал гьарула (нахъбахъуларо кIвахIаллъун). Амма гьесие гIамалазухъ Аллагьасул ﷻ разилъи бокьун гьечIони, гIамалал гьаричIого тола, щайгурелъул, нафсалда хадув вилълъаравлъун вукIун. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Нафс ккола квешлъиялдехун амру гьабулеб», - ян.

Шакъикъица бицана Аллагьасдаса ﷻ кири щвеялда хьулалгун вукIине кколин, Аллагьасе ﷻ гIоло гьел ихласгун гьариялда ва гьевги хIинкъуларин гIадамазул рагIабаздаса.

Цо-цо гIакъилзабаз абуна: «ГIамалал гьарулев чияс адаб босила вехьасдаса». Гьеб кин букIунебин гьикъидал, гьез жаваб гьабуна: «Чахъабазда аскIов вехьас как балаго рияъ тIалаб гьабуларо», - ян. Кинавниги чи вукIине ккола дов вехьгIадин.

Гьединго цогидал гIакъилзабаз абуна: «ГIамалал къабуллъизе ккани ункъо шартI къварагIуна: тIоцебесеб – гIамал гьабизе ккола лъайгун цадахъ. ГIелму гьечIого гьабураб гIамал бухIараблъун букIуна. КIиабилеб – гIамал бараб буго нияталда. Гьединлъидал ният бацIцIадаб букIине ккола. Аварагасул ﷺ хирияб хIадисалда буго: «ГIамалал ниятазда рарал руго», - ян. Лъабабилеб – сабру. Ункъабилеб – ихлас.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...