Аслияб гьумералде

Хехаллъун рукIунге

Хехаллъун рукIунге

Хехаллъун рукIунге

Жакъасел гIолилазухъ балагьидал, гIажаиблъизе бачIуна. Цо щиб бугониги жо ккани, цоцалъ речIчIизе хIадурго рукIуна.

 

Гьеб хIал бихьулеб буго интернеталда сверулел видео-роликаздасанги. Жидер пикру загьир гьабун хъвараб цIалидалги, нус яги таманча гьечIого къватIире рахъине хIинкъараб хIал лъугьун бугин абула. Пикру гьабидал, иш гьелде кколеб букIин хIакъабги буго. Амма гьеб муъминчиясул пиша гуро. Данде жаваб гьабичIого церехун ине кIолеб гIамал нилъелъ гьечIелъул, хIаракат бахъизе ккола бачIинахъего квер борхулеб хIалалде иш биччангутIизе. Гьеб букIина бусурбанчиясул ишлъун.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги щивасе ццим бахъунгутIизе ва бахъиндал сабру гьабизе. Лъеца цIа свинабулеб кинниги, сабруги буго ццим бахъиндал гьеб гIодобе биччазабулеб жо.

Нилъ бусурбаби ругелъул, нилъее мисалиявлъун Авараг ﷺ вукIине ккола, гьес ﷺ батIи-батIиял ишаздалъун сипатал гьаруна нилъее, гьелъулъ бищун лъикIаб гIамал - тIабигIат лъикIлъи букIинги бичIизабуна. Аварагас ﷺ абуна муъминчи вугин жиндир напсалъе бокьулеб жо диналъул вацасеги бокьулевлъунин абун (Бухари). Данде ккарав, тIулил вац гьечIониги, диналъул вацгIаги вукIунелъул, нилъеда аскIоб гьабуниги рекIее бокьулареб, гьединасе гьабичIого те. Дуего бокьулеб чияеги бокьа.

 

 

 

ХIАДИС Анас асхIабас бицараб хIадисалда буго, цо нухалъ Аварагас ﷺ абунин: «Ццим бахъараб мехалъ гьеб къинабулев чиясдаса, Аллагьасги ﷻ жиндирго гIазаб нахъчIвала. ХIажат гьечIеб бициналдаса жиндир мацI цIунулесулги, Аллагьас ﷻ квешлъаби рахчула», - ян (ГIукъайли).

 

 

 

Цо нухалъ кIудияв вали Ибрагьим ибну Адгьам унев вукIуна гIалахалдасан. Пуланаб бакIалде щведал гьесда данде ккола цо рагъухъан. Рагъухъанас Ибрагьимида гьикъула мун лагъ кколищин абун. Ибну Адгьамица абула кколин абун. Нахъеги гьес Ибрагьимида цIехола гIадамал гIумру гьабун ругеб рахъ киб бугебин абун. Ибрагьимица хабалаздехун ишара гьабула. Гьесда бичIчIичIого батилинги ккун, рагъухъанас кIиабизеги абула дие гIадамал ругеб рахъ лъазе бокьун бугин абун. Ибрагьимица абула хабалал ругин гIадамал ругеб бакIилан абун. Жив махсароде кколевищ вугевин абун, гьесул рагIабаз ццим бахъинабурав рагъухъанас, Ибрагьимил ботIрода цIал кьабула. Гьелъ Ибрагьимил бетIер хъарсизабула ва биги бачIуна. Цинги дица бихьизабилин дудайиланги абун, чоде живгоги вахун, цеве къотIун цадахъ вачуна гьев.

Гьедин унаго данде ккола цоги рагъухъаби. Дандияз цIехола щиб ккарабин абун. Гьес ккараб бициндал, гьез абула дуца гьабулеб жо щибин, гьав чи Аллагьасул ﷻ вали Ибрагьим ибну Адгьам кколин абун. Гьеб мехалъ виха-хочун лъугьуна гьев ва жинда мун лъачIин гIузру бачун, тIаса лъугьаян гьарун, Ибрагьимил квераздагун хIатIазда убачал гьарула.

Гьелдаса хадуб, щай дуца гьесда мунго лагъ вугин абурабин цIехедал, Ибрагьимица абула гьес дида лагъ вугищ абун гурони, лъил лагъ мун кколевин абун цIехечIин, дун Аллагьасул ﷻ лагъ вугелъул дицаги лагъ вугин абунин. Кинниги гьес дир бетIералда цIал кьабидал, дица Аллагьасда ﷻ гьесул мунагьал чураги, Алжан щвагиян гьарун гурони квешлъи гьесие ккезеги бокьичIин. Дуда зулму гьабун букIаго кин гьедин букIунебин гIажаиблъун гьикъидалги, Ибрагьимица абуна: «Дида лъала, гьесдаса дида щваралъухъ дие ажру гьабизе букIин. Амма дие бокьичIо гьесдаса диего щвезе бугеб лъикIабги букIун, дидасаго гьесие квешаб букIине», - ян.

Гьадинаб букIуна хIакъикъиял муъминзабазул хасият, кигIан квешаб жидеего гьабуниги Аллагьасе ﷻ гIололъун дандияв тIаса лъугьунги толев, Гьесда ﷻ аскIоб жидее бугелде хьулги гьабулеб.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


ХIикматал махлукъатал

КIвахIачал   КIвахIалал абун цIар лъурал хIайванал руго цIакъ хьвади хIинцал жал. Гьез кванала гъотIол тIамхал. Цаби рукIуна бащадал ва цо формаялъул. Цересел хIатIал нахъисездаса халатал руго. Рас буго чахьалдаса мугъзаде сверун бижараб. ЛъикI бихьула, махI бачине кIола, амма гIинда бакIаб...


Мадраса рагьана МагIлибги

Хьаргаби районалъул МагIли росулъ рагьана цIияб мадраса. Гьелъие цIарги кьуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул. Мадрасалда чIезарун руго киналго шартIал. Руго цIалул кабинетал, библиотека ва мутагIилзабазе хIажатабщинаб. Мадраса рагьиялъул хIурматалда тIобитIана динияб мажлисги....


ГIадамал данде гьарулеб ифтар

Щибаб хамиз къоялъ мажгиталъур данделъула гIадамал кIал биччазе. Анкьида жаниб тIоритIулел ифтарал гIуцIула «Инсан» фондалъ, гьелъие кумек гьабула волонтераз.   Нижеца гара-чIвари гьабуна «Инсан» фондалъул вакил Мурадилгун ва цIехана гьелъулги волонтеразул...


Муфти дандчIвана Сулеймангун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица, ГӀиса аварагасул цIаралда бугеб централда къабул гьавуна Гъарабудахкент районалъул Параул росулъа гӀараб каллиграфиялъул устар Аширлаев Сулейман. Гьес сайгъат гьабуна хирияб Къуръаналъул жинцаго квералъ хъвараб, цогидаздаса батӀияб нусха. ГӀага-шагарго...


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...