Аслияб гьумералде

Аллагь ﷻ тIаса лъугьунаро

Аллагь ﷻ тIаса лъугьунаро

Аллагь ﷻ тIаса лъугьунаро

ГIемерал хIадисазда Аллагьасул Расулас ﷺ мухIканго баян гьабун буго жамгIияталда гьоркьорлъаби кин гIуцIизе кколебали. Гьес ﷺ нилъеда малъун буго хIалал-хIарамалъул гIурхъабиги чIезарун, цоцаздехун битIараб бербалагьи гьабизе. Гьел тIадкъаяз нилъ ахIулел руго лъикIлъиялде, цIунулел руго зарал гьабиялдаса ва гьукъулел руго гIадамазда гьоркьоб квешлъи тIибитIизабиялдаса.

 

Гьел насихIатазул кIвар букIин баян гьабула мунагьал кIиго тайпаялде рикьиялдалъун. ТIоцересел руго лагъасдаги гьесул БетIергьанасдаги гьоркьор ругел: гьединал мунагьал ракIбацIцIадго тавбу гьабиялдалъун, Гьесул ﷻ гурхIелалдалъун чуризе рес буго, щайин абуни, ширк тун цогидаб жоялдаса тIаса лъугьуна ТIадегIанав ﷻ. КIиабилел, чияр ихтияралде асар гьабулел мунагьал: зулму, бугьтан, жахIда ва цогидал заралалъул формаби. Гьел мунагьал чуризе гьечIо, гIайиб гьабурав чи тIаса лъугьун гурони.

Гьал цере рехсарал тIадкъаязулъ бищун хIинкъи бугебги ккола хIасад. Абу Гьурайратица бицараб кьучIаб хIадисалда Аварагас ﷺ абун буго: «Цоцазулъ жахIда гьабуге», - ян (Муслим).

ХIасад ккола Аллагьас кьурал нигIаматаздаса пуланав чи махIрум гьавиялъул квешаб анищ. ХIасад гьабурав чиясе гьел нигIматал жиндиего щвезе яги гIицIго цогидав махIрум гьавизе бокьиялъухъ балагьичIого.

Хасго гьеб мунагь хIинкъи бугеблъун ккола чанго гIиллаялъе гIоло:

  1. Аллагьасул къадаралдаса разилъи гьечIолъи загьир гьаби.
  2. ЛъикIал гIамалал хвезарула, цIаялъ цIул бухIулеб гIадин.
  3. ТIадегIанав Аллагьасул ццин бахъинабула.
  4. Гьелъ къала рахIматалъул каваби ва лъикIлъаби гьабизе ресал.

ХIасад гьабиялъ квешлъиялъул мисал батизе бегьула ритIухъал халифзабазул заманалъул тарихалда. ВарагI бугев чияс гьоркьоса къотIичIого гIакъилал малъа-хъваял гьарулел рукIана халиф МугIтасимие. ХIасадалъ кванарав цо вазирас гьесда бугьтан лъуна, халифасдасан квешаб махI чIвалеб бугин абулин гьесилан гьересиги бицун. Халифасда дандчIвалалде, варагI бугев чиясда ражиги кваназабун, вазирасда кIвана хIакъикъаталдаги халифгун дандчIвайдал жиндасаго бачIунеб махI къотIизабизелъун кIалалада квер чIвазабизе. Бугьтаналдаги божун халифас амру гьабуна гIайиб гьечIев чи чIваян, хадуб гурони хIакъикъат загьирлъичIо, амма кватIун букIана.

Гьаб хабаралдасан бихьулеб буго кинал вахIшиял хIасилал ккезе бегьулелали хIасад гьабиялъ. Бищунго щулияб бухьенцин хвезабула гьелъ. Аллагьас цIунаги нилъ квешаб хасияталдаса! Нилъер къисматалдаса разилъиги, цогидал бусурбабазул икъбалаздаса ракIбацIцIадаб рохелги кьеги нилъее Аллагьас ﷻ. РакIал жахIдаялдаса рацIцIалъаги, гIадамаздехун ракIбацIцIадаб рокьул цIеги. Амин!

 

МухIаммад Ибрагьимов, ДРялъул муфтияталъул Буйнакск районалдагун шагьаралда бугеб рухIияб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...