Аслияб гьумералде

Исламалъул тIогь

Исламалъул тIогь

Аллагьасул хIукмуялда нахърилъине тIадаб букIин нилъеда лъаниги, ракIалъ гьеб къабул гьабизе захIмалъула. Нилъ гьелъие мутIигIлъула цебе лъикIаб куцалъ ццидахинеги ццидахун, тIокIаб рес хутIичIеб мехалъ.

Гьединаб иш Аллагьасул къадаралда, Гьесул хIукмуялда нахъвилъин кколаро. Нилъее щайха гьеб ракIалъ къабул гьабизе захIмалъулеб бугеб? Щайин абуни, нилъер ракIал сах-саламатго гьечIого рукIиналъ. Балагь тIаде рещтIараб мехалъ гурони ТIадегIанав Аллагь ракIалде щоларел нилъер щиб бицинеб? НигIмат кьун рахIаталда тун ругел мехалъги нилъеца щукру гьабулеб гьечIони, нигIматалъе капурлъи, ай щукру гьабунгутIи ккола.

Тирмизиясги ХIакимицаги ибну ГIаббасидасан бицараб хIадисалда буго: «ЛавхIул махIфузалда Аллагьас тIоцебе хъвана: «Дун вуго Аллагь, Дун гурони щибниги жоги гьечIо лагълъи гьабизе тIадаб, МухIаммад авараг Дир илчи вуго. Дир хIукмуялъе разилъичIесдаги, Дица ритIарал балагьазда сабру гьабичIесдаги, Дир нигIматазе щукру гьабичIесдаги Дун гурев цогидав БетIергьанлъун ккве абе. Дир хIукмуялда ва балагьазда сабруги гьабурав, нигIматазухъ щукруги гьабурав Дица хъвазе вуго ритIухъал чагIазда гъорлъ ва Къиямасеб къоялъ гьевги вахъинавизе вуго ритIухъал гIадамалгун».

ТIадегIанав Аллагьас Давуд аварагасухъе вахIю рещ1тана: «Я Давуд, дуца сабру гьабе духъ бугеб жоялда, гьеб мехалъ дуе Дир кумек бачIина», - ян. Давуд аварагасухъе рещтIараб Забур тIехьалда буго: «Лъалищ дуда сиратIалъул кьодаса гIадамазул бищун гIедегIун щив ине вугевали? Гьенисан ине вуго Дир хIукмуялда разилъарав ва кидаго Дун рехсолев вукIарав чи».

Вагьбу бин Мунаббагьица абуна: «ТIадегIанав Аллагьас ГIузайр аварагасухъе вахIю рещтIуна: дуде балагь щведал дуца цIуне гьабе халкъалде зигардиялдаса. Дица дуе гьабулеб гIадин дуцаги Дие гьаре лъикIал гIамалал. Квешаб пиша гьабидал малаикзабазде зигардуларев гIадин, гьединго, мун Дие зигардуге халкъалда тIасан бачIараб балагь сабаблъун». ТIадегIанав Аллагьас Аюб авараг балагьалде ккезавураб мехалъ, рокъовеги ун, ретIел бахъун, гьес абуна: «Гьадин дун дунялалде вачIана ва гьединго нахъе инеги вуго», - ян.

Абу Гьурайратица абуна: «Исламалъул тIогьлъун ккола Аллагьасде кинабниги иш тIамун тей».

КагIбул АхIбарица абуна: «Балагь щварав чи гIадамазде зигардани, ай Аллагьасе гурев, гIибадаталда жаниб гьуинлъи батизе гьечIо, тавбу гьабизегIан».

Вагьбу бин Мунаббагьица абуна: «Цогидасухъ бугеб жоялда хIасад гьабун гьев пашманлъани, Аллагьасул къадаралда ццим бахъарав чилъун ккола».

ГIумар бин ГIабдулгIазизица гIемер гьабулаан гьадинаб дугIа: «Я Аллагь, Дуца дун рази гьаве Дур къадаралда, баракат лъезабе Дуца бихьизабураб къадаралда, хIатта дие бокьичIого букIине Дуца нахъ бахъараб жо хехго щвезе яги хехго бихьизабураб жо нахъбахъичIого букIине».

МухIаммад бин ХIанафияс абуна: «Рохел-аваданлъи ТIадегIанав Аллагьасул тадбиралда буго ва пашманлъи нилъер тадбиралда буго. Гьелъул магIна ккола дунялалъе гIоло кидаго пашманлъулел ругони, нилъеда гурони лъиданиги гIайиб гьечIин абураб жо. Нилъеца ракI пашманлъизе течIони, Аллагьас гьеб Жиндирго тадбиралде бачуна».

Маймун бин Магьраница абуна Аллагьасул къадаралда разилъуларев чиясе щибниги дару гьечIин абун. Цо нухалъ имам РуфагIиясда цIехола щиб бокьун бугебилан абун. Гьес абула дие бокьун бугин дие бокьичIого букIине. Жеги гьесда цIехола дуца щибха тIаса бищулебилан абун. Гьес абула, дие бокьун бугин дица щибниги бищичIого тезе.

Имам РуфагIияс кинабго жо Аллагьасул ихтияралда тана, гьелъ гьесие бокьичIо жинцаго щиб букIаниги бищизе. Аллагь лъарал чагIазда гьелъул магIна лъикI бичIчIула, нилъее гьеб захIмалъаниги. РакIал рацIцIад гьаруни, нилъедаги гьеб бичIчIула.

Жунайдица абуна: «Разилъи ккола ихтияр тей», - абун. ХIакъикъаталдаги балагьазде ккеялъе гIайибияллъун нилъго ккола. Щайин абуни, Аллагьас балагь нилъеда тIаде кепалъе биччаларо, нилъехъа ккараб мунагьалъухъ гурони. Нилъер гIакълуялда рекъон букIуна гьеб балагьлъун, амма хадуб нилъеда гьеб рахIматлъун батула. Гьелъин цо-цояз гIайибчIвалеб Аллагьасда балагьал сабаблъун, гьезул ракIал чороклъун рукIиналъ гьезда бихьулеб гьечIо жалго гIайибиял рукIин.

Аллагь бищун лъикI хIукму къотIулев ва гIадилав вуго. Гьедин бичIчIизе ва гьедин бихьизе Аллагьас нилъее тавпикъ кьеги. РабигIатул ГIадавиятида гьикъула Аллагьасул къадаралда инсан разиявлъун кида рикIкIуневилан абун. Гьелъ абула: «РахIаталда вугеб мехалъ вохун вукIунев гIадин, балагь щведалги вохун вукIунеб мехалда», - ян. Салафу ссалихIуназ жидерго ихтияр тун Аллагьасул ихтияр тIаса бищулеб букIана.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...