Аслияб гьумералде

Диналъул вацлъи

Диналъул вацлъи

Ахираб заманалда нилъеда гьоркьоб чороклъи, жахIда ва дагIба-рагIи цIикIкIунеб буго. Гьединлъидал бокьун буго диналъул вацлъиялъул хIакъалъулъ бицине.

Аллагьас абулеб буго: «Муъминзаби цоцазул вацал руго, нужеца нужерго вацазда гьоркьоб дагIба-рагIиялъулъ букIаниги маслихIат гьабе, нуж Аллагьасдасаги хIинкъа, гьеб такъваялъ нуж рачина вацлъи цIуниялде ва гьелдалъун щвела Аллагьасул рахIмат-цIобги», - абун.

Аллагьас гьаб аяталда жаниб нилъеде амру гьабулеб буго цоцазул адаб-хIурмат гьабун рукIайилан абун. Амма щибха нилъеца гьабулеб бугеб? Кинабго гьабулеб буго гIаксалда. Имам Нававияс хъвалеб буго аварагас абунин абун: «Нужер цонигиязул иман камиллъуларо нужеего бокьараб диналъул вацасеги букIине бокьулеб гьечIони», - ян.

Бокьулищха нилъее нилъедасаго лъикI рукIине мадугьалзаби, гIага-божарал? Исламалъ малъухъе хьвадулел ругищ нилъ? Аллагьас нилъ ахIулел руго лъикIльи гьабизе ва абулеб буго квешалда хадуб лъикIлъи гьабуни, гьелъ квешлъи бацIцIунин.

Баракат щваяв СагIид афандияс хъвалеб буго, Аварагас абун бугин: «Бусурбанчи бусурбаниясул вац ккола, бусурбанчияс гьабуларо жиндирго диналъул вацасе заралгун зулму», - ян.

«Лъица бугониги диналъул вацасе кумек гьабун гIицIго Аллагьасе гIоло, гьеб заманалда жаниб Аллагьас гьесиеги кумек гьабулеб букIуна», - ян. «Лъица бугониги диналъул вацасул гIайиб бахчун, ахир къиямасеб къоялъ хирияв Аллагьас дурги гIайиб бахчула». Гьединал хIадисал цIакъго гIемер руго, амма нилъеца гьездаса пайда босунгутIи буго квеш ккун.

ГIарабиязул аби буго ахIмакъав гьудуласдаса, гIакъилав тушман лъикIин абураб. Гьелъ заралияв гьудуласе дугIа гьабизе ккола кIванагIан гIемер, иман тIинкIагийиланги абун. ГIали асхIабас абун буго гьанже заманалъул диналъул вацал цоцазда хадур лъугьун гIайибал цIехолел ругин.

ГIали асхIабасул заманалдацин гьедин рукIун ратани, жакъа ругезул хIакъалъулъ нилъеца щиб бицинеб. Амма нилъ рукIине ккола хIалкIун цоцазе кумек гьабулеллъун. Диналъул вацаз хIаракат бахъула нилъ битIараб нухде рачине. Нафсалъ нилъ тIамула квешлъи гьабизе ва диналъул вацаз ахIула тавбуялде ва лъикIлъиялде.

Халид Пайзулаев, ДГИялъул студент (бакалавр)

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...


Учительзабиги кIочон течIо

Хъайтагъ районалда тӀобитӀана РабигIул аввал моцӀалъе сайгъат гьабураб гӀелмияб мажлис. Гьелда гӀахьаллъана районалъул бетӀер ХӀасанов Запир; районалъул имамзабазул советалъул председатель - Салимов ГӀабдулла; Югалъулаб территориалияб округалда Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул вакил Рамазанов...


Муфти дандчIвана Сулеймангун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица, ГӀиса аварагасул цIаралда бугеб централда къабул гьавуна Гъарабудахкент районалъул Параул росулъа гӀараб каллиграфиялъул устар Аширлаев Сулейман. Гьес сайгъат гьабуна хирияб Къуръаналъул жинцаго квералъ хъвараб, цогидаздаса батӀияб нусха. ГӀага-шагарго...


Кванил адабал

Кваназе байбихьилалде цин кверал чурила, гьелъ кванида баракат лъола, цинги «Бисмила» бахъила ва абила: «Аллагьумма барик лана фима разакътана ва къина гIазаба ннари», - абун. Кваналев чиясул ниятги букIина диналъе къуват бачIинеян абураб. Гьединаб ниятгун кванани, квенги...


ОРВИялде данде

Щибаб санайил дунял квачазе байбихьидал, цIикIкIуна вирусалъулаб инфекциялъ (ОРВИ) унтаразул къадар. Хасго гIадамал унтула хаслихълъиялдаса бахъараб ихдалил байбихьуде щвезегIан. Гьединлъидал гьеб заманалда жаниб кIвар бугеб жо ккола унтул аслиял гIаламатал лъай.   ОРВИ ккола батIи-батIиял...