Аслияб гьумералде

Хвасарлъиялде рагьу

Хвасарлъиялде рагьу

ТIадегIанав Аллагьас МухIаммадие кьураб бищунго кIудияб нигIматлъун ккола гьарурал мунагьаздаса тавбу гьаби ва тавбу гьабурав лагъасул мунагь чуризе тIаде боси. Нилъер хирияв аварагасул хиралъиялъе гIоло кьураб буго Аллагьас нилъее гьеб нигIмат. Ккараб мунагьалдаса тавбу гьабун Аллагьасда тIаса лъугьин гьаризе нух букIинги ва тIаса лъугьин гьарун вачIарасул мунагь Аллагьас чуриги буго гIицIав МухIаммадил умматалда хас гьабураб рахIмат.

НагIана батаяб иблисалъ Аллагьасда абун буго жинца гIадамал кьосинаричIого тезе гьечIин ва Аллагьасги абун буго Жив гьезда тIаса лъугьуневлъун, тавбу гьабун рачIаразул мунагь чурулевлъун вукIине вугин абун. Эбелалъул ургьиса къватIиве инсан вачIаралдаса нахъе байбихьула иблисалъ гьесда хадуб чIезе, гьев къосинавизе. Ва иблисги гIодоб чIоларо инсан жужахIалъул кIалтIе регIичIого, Аллагьасул ццин бахъиналъул рагьдухъан гьев жаниве витIичIого.

Аллагьас хирияб Къуръаналда абун буго (магIна): «ХIакълъунго, дунялалда тIад бугебщинаб жо Нижеца гьелъие берцинлъилъун гьабуна, гьелдалъун гIадамазул хIалбихьизе ва лъил гIамал лъикIаб букIунищали балагьизе», - абун (18:7).

Гьаб аяталъул магIнаялдасан бихьулеб буго БетIергьанас хIалбихьи гIицIго иблисалдалъун гуреб, дунялалдалъунги гьалда тIад бугебщинаб жоялдалъунги гьабизе букIин. Щивха цинги, Аллагьас нилъер хIалбихьизе бугинги абулеб букIаго, мунагьалде ккечIого, мунагьаздаса цIунун хутIизе рес бугев чи? Гьединги букIаго, чIечIого Аллагьасе шукру гьабизе рекъарал чагIи руго нилъ, бусурбабилъун рижун ратиялда цадахь, тавбуги нигIматлъун кьун букIиналъухъ.

Щибха кколеб тавбу? Кинал рагIабаздалъун гьеб загьир гьабулеб? Тавбу ккола мунагьалдаса ракI бухIи Аллагьасе загьир гьаби, ракI-ракIалъ, истигъфаралдалъун, Астагъфируллагь абураб цо калима абиялдалъун бугониги. Тавбу камилаблъун, тIубараблъун рикIкIуна гьеб гьабун хадуб тIокIалъ доб мунагьалде вуссунгутIигун яги хIалкIун гьеб мунагьалдасан цIунизе яхI бахъигун цадахъ.

Мунагьалде кколареллъун Аллагьас рижарал руго гIицIго аварагзаби. Амма аварагзабазулги ханлъун вугев хирияв МухIаммад аварагасцин радал-къаси нус-нус нухалъ цIалулеб букIана истигъфар. Дуца гьеб щай цIалулебин гьикъидал, Хирияс абун буго: «Дунги Аллагьасе хIелулев, Гьесие шукру гьабулев лагълъун вукIине ккола», - абун.

Нилъеца гьабураб гIамалалъухъ жаза Аллагьас нилъее кьезе бихьизабун бугелъул, истигъфаралъухьги буго даража, нилъеца гьабураб мунагь чуриялъул нияталда бугеблъун гьеб истигъфар бугониги. Аллагьасул кIудияв гIариф МугIаз ибн Жабалица абун буго: «Инсанас гьарурал гIамалазул бищунго гьев Аллагьасда цеве чIараб кьоялъ гIакъубаялдаса цIунулеб жо гьес гIемер Аллагь рехсей буго», - абун.

Истигъфаралдаса цIикIкIун, ракI-ракIалъ хIелун, Аллагь инсанас рехсолеб жоги щибха букIинеб? Суфьян ас-Саврияс абун буго: «ТIадегIанав Аллагьас бижана рогьалил заманалда пулеб гьури ва жинцаги Аллагь рехсолезул зикру, истигъфар бакIарулеб, гьебги Аллагьасухъе щвезабулеб. Гьединго сардил авалалда ГIаршалда гьоркьан ахIула гьаракьалъ: «Аллагьасе гIибадат гьабулел рахъа тIаде.

Гьел тIаде рахъуна ва Аллагьасе хIалкIвараб тIагIат гьабула. Хадубги, сардил бакьулъ гIужалъ гьебго гьаракьалъ ахIула: «Аллагьасукьа хIинкъарал рахъа тIаде», - ян. Ва рахъуна дунял рогьинегIан Аллагьасе гIибадат гьабулел лагъзал. Цинги сардил ахиралдаги ахIула добго гьаракьалъ: «Аллагьасда тIаса лъугьин гьарулел рахъа тIаде», - абун.

ТIаде рахъуна Аллагьасда мунагьал чури гьарулел лагъзал ва дунял рогьинегIан гьеб ишалда рукIуна гьел. Дунял рогьине байбихьидалги ахIула добго гьаракьалъ: «Гьанже рахъа тIаде Аллагьасдаса гъапулал лагъзал», - абун. Ва гьеб мехалда рахъуна Аллагьасдаса рикIкIадал лагъзал».

Щибаб къойил гIемер истигъфар цIалиялъ ракI бацIцIад гьабула, чурараб мехаль черх бацIцIалъулеб кинниги. Истигъфаралъ Аллагьасул рахIмат гIагар гьабула, ракIазда нур базабула. Истигъфаралда тIадчIеялъе гIей гьабула аварагасул гьал рагIабаз:

«ГIемераб истигъфаралда тIадчIей гьабун, гьеб рехсолев чиясе ТIадегIанав Аллагьас нух батула кигIан захIматабги хIалалдаса къватIибе, гьесул рекIелъ бугеб кигIан дагьабниги ургъелги нахъе босула, гьесие ризкъиги Аллагьас кьола гьесда ракIалдацин букIинчIеб рахъалдасан» (Абу Дауд, Витр, 26/1518, ибн Мажа, Адаб, 58).

РетIел букъулев чияс цIеханила гIалимчиясда: «Аварагасул гьаб хIадисалъул рахъалъ щиб абилебин ва рехсанила гьадинаб хIадис: «ТIадегIанав Аллагьас жиндирго лагъасул истигъфар- тавбу къабул гьабула гьесул хвалил сагIат тIаде щвезегIан», - абун. ГIалимас абунила: «Гьеб кьучIаб хIадис буго. Дуца бетIербахъи сундалъун гьабулебали бице?

- Дица ретIел букъула. БетIербахъиги гьелдалъун буго.

- Бищунго бигьаяб жо щибха бугеб ретIел букъиялда жаниб?

- КIвекьмаххалъ ххам лъутIи буго.

- Чан соналъ мун гьеб ишалда вугев?

- Лъеберго соналъ.

- КIвезе бугищха дуда ххам лъутIизе хвел тIаде щвараб гIужалъ?

- Валлагь, кIвеларо.

- Лъеберго соналъ ретIелги букъарав, гьеб хIалтIул мухIканльиги дурус гьабурав дуда хвел тIаде щведалги ретIел лъутIун бажарулеб батичIони, кинха хвалил рагIалде щведал дуца Аллагьасда тIаса лъугьин гьарун тавбу гьабизе бугеб?

Гьеб тавбуялда ругьунлъичIеб дур ракIги, гьеб абиялъ дуруслъичIеб мацIги, кинха гьеб кIиябго хвалил лълъар гьекъелалде цебе дуца тавбу гьабизе тIамизе ругел? Тавбу гьабе, дир вац, дуда рухIги хIалги букIаго! Дуда рагIичIищ абулеб: «ГIедегIил гьабе тавбу гьабизе, дуде тIаде хвел щвелалде», - абун. ГIалимчиясул рагIабаз кIудияб асар гьабунила ретIел букъулев чиясе. Гьев тавбуялда тIад чIанила ва заманго иналде Аллагь лъалел чагIазда гьоркьоса чилъунги лъугьанила.

Аллагьас тавпикь кьеги нилъее тавбу гьабизе ва гьеб къабулал лагъзаллъунги гьареги нилъ БетIергьанас.

Амин.

ПАТIИМАТ ХIАСАНОВА

2026-05-15 (ЗулкъагIида 1447 с.) №10.


«Инсан» фондалъул лъазаби

«Инсан» фондалъ байбихьун буго Маккаялда къварилъиялда ругел гӀадамазе садакъаде бикьизе къурбан хъвезе бокьаразул гӀарзаби къабул гьаризе. Фондалъ тӀубазабизе бугин тӀолабго иш: къурбаналъе хъвезе хӀайван боси, шаргӀалъул къануназда рекъон гӀид тӀубай ва Маккаялда къварилъиялда ругезе...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Дун цIакъ нечон йикIана     Дун гьаризе гIадамал рачIараб къоялъ, гьезда дандчIвай гьабурав дир эмен, дагьав гьекъон вукIана. Цинги гьес байбихьана вукIинесев дурцасда хурхун махсараби гьаризеги. Дун цIакъ нечон йикIана. Гьанже дун абизе бокьарасул эбелалда кколеб буго лъикIаб гуреб...


ХIарамалъул ракь

Макка-Мадинаялъул хиралъилъун нилъее гIела, жиндие гIоло кинабго махлукъат бижарав Авараг ﷺ тIад хьвадараб, гьев вукъараб ракьлъун букIин.   Нилъеда бихьулеб буго жакъасеб къоялъги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Макка-Мадинаялъул агьлу хьихьун бугеб куцги, гьениб гьанжелъизегIан цIунун бугеб...


Кинаб хъвелеб?

Къурбан хъвей ШафигIиясдаги АхIмадидаги Маликидаги аскIоб муаккадаб суннат ккола. АбухIанифатида аскIоб къурбан хъвей тIадаб буго шагьаразда, росабалъ гIумру гьабун бугел гIадамазда. Амма АбухIанифатида аскIоб гьеб тIалъизе ккани закат бахъи гIураб бечелъи букIине ккола. «РахIматул...


Тасаввуф - цересел гIалимзабазул цIадирабазда

Исламалъул машгьурал имамзабазул яги гIалимзабазул цонигияс суфизмалда кигIан дагьабниги гIайиб чIвачIо. Ункъабго мазгьабалъул имамзабазги гьезда нахърилълъарал гIалимзабазги, тафсиралъул, хIадисалъул гIалимзабазги тасаввуф рикIкIана исламалъул рухIлъун ва ракIлъун.   – СагIид ХIаваца...