Аслияб гьумералде

ЛъикIлъи гьабурасул заралалдаса цIуне

ЛъикIлъи гьабурасул заралалдаса цIуне

Аллагьасе рецц буго, жинца гьабураб лъикIаб хьвадиялъухъ инсан малаикзабаздасаги тIадегIанаб тIабигIаталде вахинавурав. Гьединго Гьесие рецц буго, инсан шайтIабаздасаги гIодобегIанаб макъамалде ккезавуралъухъ, жинцаго гьабураб квешаб гIамал сабаблъун. ЛъикIаб тIабигIатал хьвадизарулеб къагIида умматалда малъарав аварагасда ва гьесул асхIабзабазда свалат-саламги лъеги.

РагIун букIана цо гьадинаб калам: «Дуца лъикIлъи гьабурасул заралалдаса цIунаги», - ян абураб. Умумузул рагIи букIуна, гIумруялда жаниб чанго батIиял чагIиги рихьун, батIи-батIиял лъугьа-бахъиналги дандчIван, ургъун абураб. Гьелъин абулеб, умумузул гIодобе рехизе рагIи букIунарин абунги. Бусурманчи вуго ракI тамахав, ахираталда букIунеб гIазабалъукьа хIинкъулев, Аллагьасукьа нечолев, цогидазда гурхIулев, гьезие лъикIлъи гьабизе гIедерав. Амма, гьесда гIумруялда жаниб дандчIвала, бищун жиндие цевесев, божарав, лъикIлъи гьабурав чиясул рахъалдасан хIалихьалъи ва гьелдаги абула «боржутIарекIкIилан».

Инсанасда жиндирго тушман, жиндие зарал гьабулев, хIасад бугев чи рикIкIадасанго ватIавахъизе лъала. Гьев гьесдаса цIунунги чIола бажарараб къадаралда, ай цIодорго вукIана, гьев аскIове къазе виччаларо, гьоболлъухъ ахIуларо, гьесухъе унаро. Гьединав тушманасда къанагIатги дуе зарал гьабизеги кIоларо. Щайгурелъул гьесдаги лъалеб букIун дуца ккун бугеб нух ва гьесиеги бокьуларо питнагун кьал.

Амма дуда цадахъ кваналев, ургъел бикьулев, сапар гьабулев, къварилъи ккараб бакIалдаги цадахъ чIолев, гIатIилъи ккараб бакIалдаги ватулев, гьелда тIадеги гIагарлъиги бугев чиясе бусурманчи хIадурун вукIуна бокьараб кумек гьабизе. Гьев вукIуна гьесие гIоло сордо борчIизе къачIан, гьев вакъун вукIаго гьав гIорцIуларо, гьев унтун вукIаго гьасие рахIат букIунаро, къаси-къалъи гьечIого гьесие жаваб гьабула, хIатта гьесие гIоло рухI кьезе хIадурго вукIуна.

Амма пуланаб къоялъ гьев вацгIадав гьудуласе дунял бокьиялъ яги рокъор ругел руччабаз бицараб хабаралда божиялъ яги бугеб магIишаги гIечIого дагьабгиян абун хъантIиялъ, гьес дур мугъалда нахъасан ханжар къазабула. Гьес гьабула хIилла, гьев лъугьуна гьереси бицине, гIантаб ххвел хIан щибго бичIчIуларев чи гIадин хьвадизе.

БитIараб буго, гьес лъачIого дур мугъзалъ ханжар къазабун букIарабани, гьеб баччизе гIемерго бигьалъизе букIана. Мунги сахлъилаан, гьесул беразда жаниб ракI бухIиги бихьилаан. Гьениб гьоркьоблъиги хвелароан. Амма дуе бицараб гьереси, гьабураб боржутIарекIкI, хIилла-макру кида кIочонеб?

Гьедин ккола исламалдаса инсан рикIкIалъидал, гьесухъе ракIалдаго гьечIеб бакIалдаса гIемераб гIарац щведал, хIарамаб боцIи рокъоб бачIиндал. Пикру гьабе, жакъа гьадигIан цIакъ инсан хадув лъугьунеб гIарац щиб кколеб? Гьеб гIарцухъ дуе бищун багьа тIадегIанаб жоялъул щибго щоларо. Эбел-эмен, гIагарлъи, чорхое сахлъи, гIакълу гьелъухъ щоларо, бахIарчилъи бичун босуларо, яхI-намусалъул, къадру-къиматалъул багьа гьечIо, ракIалъе рахIат букIунаро. Дунялалдасаги гьелда жаниб бугебщинаб жоялдасаги хирияб гьечIищ рогьалил какда цебе балеб суннатаб кIиго ракагIат? Чорхое сахлъи, рекIее иман, ботIрое гIакълу, гIагарлъи ва хъизан-лъимал - гьеб гьечIищ гIарцудасаги тIадегIанаб?

Гьел гъурщазухъин абуни щола гIицIго маххул цIураб ведро, хIажатханалде базе бугIа, тIад ретIине партал, пластмасалъул гохI ва мунго жанив чIолареб мина. Гьеб кинабго инсанасе къваригIунарин абулеб мех гуро, амма багьа гьабизе кIоларелъухъ кьезе гIадаб жо гьеб гуроха. ГIагарлъиялъулгун кьалги гьабун, щай хур къваригIун бугеб, мадугьаласе гьересиги бицун щай мина, гIодове виччан как базе щолареб щай налъабазул гохI? Гьелъин цIодорав чияс цебесеб цебе гьабун, хадусеб хадуб гьабун, тадбиралда бачунеб живго тIад рекIараб гIумруялъул гама.

ХIАБИБ-ХIАЖИ ГIИСАЕВ, ХАРАЧIИ РОСДАЛ ИМАМ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...