Аслияб гьумералде

Динищ, дунялищ?

Динищ, дунялищ?

Динищ, дунялищ?

Нилъеца гIумру гьабун бугеб улка ккола светияб, ай диниял къануназда рекъон гIуцIичIеб. Амма гIемер дандчIвала динги пачалихъияб гIуцIиги батIа гьарулел бакIал, ай гьаб пачалихъалъул бакI бугин, динияб гурин абулел. Диналъ щиб къимат кьолеб гьелъие, диниябги светиябги кин батIа гьабилеб? Гьединаб халкъалда гьоркьоб кин гIумру гьабилеб, нилъерго дин кин цIунилеб? Гьелги гьелда релълъаралги суалал гIемер рукIуна.

Светияб ккола пачалихъалъул гIуцIиялъул къагIида. Гьебги буго чиясул диналъухъги, рижиялъухъги, миллаталъухъги балагьичIого, гIадамал цого ихтияралда толеб ращалъиялъул гIаламат. Гьелъ ихтияр кьола живго вугониги, жамагIатгун вугониги, щиб диналда ватаниги, динго гьечIев вугониги бокьараб дин гьабизе яги гьабичIого тезе. Кинниги ратула цIакъго гIорхъолъа араб бербалагьиялъул чагIиги, ай динги светияб пачалихъги дандего кколарин абулел.

Бусурбабазул ихтияр буго бокьараб улкаялда гIумру гьабизе, дин гьабизе гьукъулеб гьечIебгIан мехалда. Как базеги гьукъулеб бугони, зулмуги гьабулеб бугони, гьесда гьижра гьабун гочайин абула. Амма гьединал бакIал цIакъ дагьал руго. Гьединлъидал, динги магIишатги гьабун нилъ бокьараб бакIалда рукIине бегьула, гIадамазе дагIватги гьабизе кIола.

Динияб пачалихъ гьечIинги абун нилъ гочани, гъоркь хутIарал бусурбабазда лъица дин малъилеб, дагIват лъица гьабилеб? Аллагьас нилъер умматги беццун, Къуръаналда абун буго (магIна): «Нуж руго Аллагьас халкъалъе загьир гьабураб бищун лъикIаб уммат, гьезие лъикIалдалъун амруги гьабулел, квешалдаса нагьюги гьабулел...». Нилъги гочун гIадамазе амру-нагью лъица гьабилеб, лъикIаб умматилан абурал, цинги щал кколел? Берцинаб хабар бицараб гIоларелъул, магIнаги лъазе, киб бакIалда абилебали бичIчIизеги ккола.

Гьаб заманалда исламалъе хIалтIи гьабизе ресал руго, хасго нилъер улкаялда. Авараг ﷺ загьирлъана ширкги, зулмуги, зинаги, пасалъиги гIемераб заманалда, гIарабазул ракьалда. ГIарабалги рукIана жидер пикруги, динги, гIадатги хвезе толарел чагIи. Амма Аллагьас гьезда гьоркьоса вахъинавуна авараг ﷺ. 13 соналъ ахIана гьес ﷺ диналде, гьебгиха жив гьересиги гьавулаго, вачахъулаго, вухулаго, нахъчIвалаго. КIолаангурищ Досдаги ﷺ, дун авараг вугинги абун, гIалхуде вахъине, зулмуги питнаги хIехьеларин чIезе. Амма сабруялдалъун, хIикматалдалъун, берцинаб рагIиялдалъун халкъ хвасарлъиялде ахIана.

Гьаб заманалъул гIадамазда гьоркьоб хIалги рекъезабун, нилъерго динги магIишатги цIунун гIумру гьабизе сунца гьукъун бугеб? Сунцаго гьечIо. Амма цо-цо чагIи, муфтияс абухъе, магIарухъа гIодоре рачIунеб хехлъиялда, цIакъго рикIкIаде ун ратула.

Ислам къокълъуларо как бай кIал кквей гIадаб гIибадат гьабиялда. Гьеб ккола Аллагьас бихьизабураб нухда гIумру тIами. Ислам ккола бусурбанчиясул тIубараб гIумруго. Исламалъ инсанасда бихьизабун буго радал тIаде вахъаралдаса къаси кьижизегIан кинабго гьабулеб къагIида. ХIатта жиндирго агьлу-хъизамалде тIаде унелъулгицин цебеккун лъазабизе малъун буго, тохлъукьеги вачIун гьел риха-хочичIого рукIине. Исламалъ адаб гуреб жо малъуларо. Ислам бугелъулха адабго. Исламалъ нилъеда абула тIаде бачIараб хIалалъул гIелму тIалаб гьабеян. ГIелмуги берцинаб гIамалги - гьеб буго ислам тIад гIуцIараб кьучI.

Цо хIалтIуде лъугьиндал, гьелда сверухъ шаргIиял ахIкамал лъазаризе тIадаб буго. Аллагьас нилъее бихьизабун буго гIадамазда гьоркьов пайда бугевлъун вукIине. Чиясул гIамал буго исламалъ гьесие гьабураб асар. КигIан къадаралъ гьев варагI-такъваялда хьваданиги, гьесул гIамал букIуна гьедигIанабго къадаралда берцинаб.

Аллагьасул свалат-салам лъеяв аварагас абуна: «Нужер бищун лъикIал руго - ахират гьабулинги абун магIишатги рехун толарел, дунял гьабулинги абун ахиратги толарел. Бищун лъикIал руго гIадамазда мугъчIван рукIунарел (гIадамазе гьирлъун рукIунарел)», - ян.

МухIаммад НурмухIаммадов, ГIахьалчIи росдал имам

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...


Кванил адабал

Кваназе байбихьилалде цин кверал чурила, гьелъ кванида баракат лъола, цинги «Бисмила» бахъила ва абила: «Аллагьумма барик лана фима разакътана ва къина гIазаба ннари», - абун. Кваналев чиясул ниятги букIина диналъе къуват бачIинеян абураб. Гьединаб ниятгун кванани, квенги...


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...


Президентас ХасмухIаммадида баркана

Россиялъул президент Владимир Путиница баркана Дагъистаналъул хӀурматияв инсан, 95 сон тӀубарав ХасмухӀаммад Абубакаровасда гьавураб къо. Дагъистаналъул кӀудияв эменин абула гьесда гьев лъалел чагӀаз. Гьесул гӀумру буго къвакӀиялъул ва исламалъе хъулухъ гьабиялъул мисаллъун. Гьес гӀумру гьабуна...