Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ агьлу бокьи

Аварагасул ﷺ агьлу бокьи

Аварагасул ﷺ агьлу бокьи

Щивав чияс гIумру гьабула лъимал-хъизаназул тIалаб-агъаз гьабулаго, гьезие къваригIараб чIезабун. Гьелде нилъ исламияб диналъги ахIула. Жиндир хъизамалда тIад хвезабураб харж бищун лъикIаб садакъалъун бугин буго хIадисаздаги. Гьеб гуребги, жиндилъ хIарамлъи гьечIого тIалаб гьабулеб щибаб халгьабун Аллагьасул рахъалдаса ажруги буго, гьединав чи Аллагьасул нухда вугоян буго хIадисалдаги.

 

Исламалъ нилъ ахIула лъимал-хъизаназе пайдаяллъун рукIине ва жиндирго лъимал-хъизаназе бищун лъикIавлъун вукIарав чиги ккола нилъер хирияв Авараг МухIаммад ﷺ. Ибну-ХIибаница бицараб хIадисалда буго Аварагас ﷺ абунин: «Нужер бищун лъикIал лъимал-хъизаназе бищун лъикIал руго. Нужеда гьоркьоса дунги ﷺ бищун лъикIав вуго дир ﷺ агьлуялъе», - ян.

Аварагасе ﷺ кутакалда рокьулаан лъимал-хъизанал ва къиматги гьабулаан гьезул. Щивав муъминчиясе Аварагас ﷺ ва гьесул ﷺ лъимал-хъизаназ хасаб бакI ккола гьаб дунялалъул рокъоб. Гьесдаса ﷺ мисал босулеллъун, гьесул ﷺ лъимал-хъизан жеги цIикIкIун рокьулеллъун рукIине сабабалъе, Аллагьасул ﷻ кумекалдалъун, рехсей гьабила Аварагасул ﷺ агьлу-хъизан бокьиялъул ва гьелъулъ бугеб хиралъиялъул хIакъалъулъ. Агьлу-сунна вал жамагIаталъул гIакъидаялда рекъон, Аварагасул ﷺ хъизанлъун ккола ГIабдулмутIалибил ва Гьашимил тухум-кьибил. Гьеб тухумалда гъоркье ккола ГIали-асхIаб ЖагIфар ГIаббас ГIукъайли гIадазул наслаби. (АхIмад)

Аварагас ﷺ абунин ибну ГIабасидаса бицун буго: «Нужее Аллагь ﷻ вокьа Гьес нужее кьурал нигIматазухъ, нужее дунги вокьа Гьесие дун вокьиялъе гIоло, дир рукъалъул агьлуги бокьа дие гьел рокьиялъе гIоло», - ян (Тирмизи, ХIаким). Ибну МасгIудидаса бицун буго: «Цо къоялъгIаги МухIаммадил ﷺ агьлу бокьи лъикIаб буго лъагIелалъ гIибадат гьабиялдаса», - ян («Муснадул Фирдавс», 2721). Имам СуютIияс данде гьабун буго лъабкъоялда анцIгоялдасаги цIикIкIун хIадис гьесул ﷺ тухум-кьибилалъул хиралъиялъул бицараб. ГIемерал гIалимзаби руго жидеца Аварагасул ﷺ наслу-тухум беццун, гьезул хиралъабазул тIахьал хъваралги.

Цере рукIарал чIахIиял чагIазулги гIажаибаб бербалагьи букIунаан Аварагасул ﷺ наслуялъул чагIаздехун. АлхIамдулиЛлагь, гьеб гIамал нилъер халкъалъулъги буго, гьеб нилъеца щибаб нухалъ гIарабазул пачалихъалдаса нилъехъе рачIараздехун батаниги, хIеж-гIумраялде ун Макка-Мадинаялъул ракьалда дандчIвалездехун бугониги, бихьизабула. Гьабун хIалкIоларебгIанасеб рецц БетIергьанасеги ﷻ нилъ гьел рокьулел, гьезул адаб цIунулеллъун ратиялдаса, алхIамдулиЛлагь.

Цо нухалъ ГIали-асхIабасул лъималазул вас ГIабдуллагь вачIун вуго ГIумар ибну ГIабдулгIазизихъе. ГIабдуллагь вукIун вуго чорхолъ цIуварав, гIун вачIунев вас. ГIумарица гьев жиндаго аскIов гIодов чIезавула, гьесул рукIарал хIажаталги тIуран нахъе унелъул, ГIумарица васасул тIаждал рачелги рекъе-решезабулаго, абула: «ШафагIат гьабулеб мехалъ ракIалде щва», - абун.

ГIабдуллагь нахъе ун хадуб аскIор рукIараз гьес гьабуралда гIайибчIвараб гIадин бакка-бахъи гьабула ГIумаридехун. ГIумарица абула: «ХIадис бициналъулъ мухIканал чагIаздасан дида рагIана Бичасул Аварагас ﷺ абунин: «ПатIимат дидасан бутIа ккола, гьей йохизайизе йикIараб жоялъ дунги вохизавула», - ян. Дида лъала ПатIимат чIаго йикIараяни гьей йохизайизе йикIараблъи дица гьабураб жоялъ», - ин. АскIор рукIараз цIехола: «Дур рагIабазул магIна щиб?» - абун. ГIумарица абула: «Гьашимил (тухум-кьибилалъул) лъималазул щивасухъ букIине буго шафагIат гьабизе ихтияр, (ГIабдуллагьил ретIел-партал битIа-бищизабиялдалъун) диеги бокьана гьеб лъимералъул шафагIат щвезе», - ян.

ГIабдуллагьидасан бицун буго цо нухалъ жив щванила ГIабдулгIазизихъе пуланаб къваригIелалъ, гьес дида абунила: «Дидехун дурго хIажат ккараб мехалъ кагъат хъвай яги щиб вугониги цогияв витIе дурго мурад бицун, дун Аллагьасдаса ﷻ нечолев вуго мун дир нуцIил кIалтIа вахъун чIун вихьизе», - ян. Гьединаб букIана кигIан чIахIиял ругониги бетIерлъиялда ругезулги Аварагасул ﷺ наслуялъул чагIаздехун адабги гьездаса баркат-шафагIат щвезе бугеб гъираги.

 

АхIмад Къурбанов

 

2026-07-15 (Сафар 1448 с.) №14.


ГIалимчи вукIун гIоларо

Абу Язид БастIамиясулгун лъеберго соналъ гьалмагълъи гьабун вукIун вуго цо гIалимчи, къад кIалал ккун, къаси сардал гIибадаталда рорчIун. Цинги цо къоялъ гьес абун буго Абу Язидида: «Я дир сайид! Дица дуе хъулухъги гьабуна, дуеги мутIигIлъана, кинниги дие загьирлъичIо БетIергьан Аллагьас ﷻ...


Муфтияталда тӀобитӀана психологазулгун дандчӀвай

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана психологиялъул рахъалъ церетӀурал специалистазулгун дандчӀвай. Гьениб гьоркьоб лъуна жакъасеб жамгӀияталда психологиялъул бугеб кӀваралда хурхарал суалал. Бицен гьабуна психология кӀвар бугеб ва тӀалаб цӀикӀкӀараб рахъ букӀиналъул, гьеб рахъалъ махщелчагӀаз гьабулеб...


Сахлъиялъе зарал гьечIеб тIагIам

Инсанасул сахлъи бараб буго квана-гьекъолеб жоялда. Гьаб заманин абуни буго кванилъ химия гIемерлъараб мех. Гьединлъидал цIакъ захIмалъулеб буго экологиялъул рахъалъ рацIцIадал кванил нигIматал ралагьизе. Ленинкет поселокалда гIумру гьабун вугев Шамил районалъул Гьоориса ХIасаница рагьун буго...


Луганскиялда тӀобитӀана диназда гьоркьосеб гӀолилазул форум

«Халкъазул цолъи - улкаялъул къуват» абураб гӀолилазул форум тӀобитӀана Луганскиялда. Гьеб гӀуцӀана Дагъистаналъул муфтияталъ исламияб культураялъул фондалъул квербакъиялдалъун. Россиялъул Федерациялъул батӀи-батӀиял регионаздаса рачӀарал гӀахьалчагӀаз, гьезда гьоркьор бусурбабазул ва...


Муфти дандчӀвана «Тактикиял ракетабазул корпорациялъул» директоргун

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афанди ва муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатова дандчӀвана «Тактикиял ракетабазул корпорациялъул» генералияв директор Борис Обносовгун. Гьединго данделъиялде рачӀун рукӀана «Дагъдизель» заводалъул АОялъул генералияв директор Жалилов Рашид; Руслан...