Аслияб гьумералде

Гьеб къо тIаде щола…

Гьеб къо тIаде щола…

Гьебги ккола Къиямасеб къо, нилъер щибаб жоялъул хIисаб-суал гьабизе бугеб. Гьебги букIуна бищун битIараб гIадлу бугеб мехги. ТIадегIанав Аллагьасги ﷻ Къуръаналда гьеб чанго нухалда рехсана.

КIиабизе сур пураб мехалъ, къокъабго заманалда, кинабго халкъ чIаго гьабун тIаде бахъинабизе буго ва гьел махIшаралда, ГIарасат-майданалда данде гьаризе руго. МахIшаралде гIамал бихьун батIи-батIияб хIалалъ рачIине руго гIадамал: цоял - лъелго, цогидал - рекIун, лъабабилел - хъурщулаго. ТIоцеве тIадеги вахъунев, махIшаралдеги щолев чи ккола МухIаммад авараг ﷺ.

Гьеб къоялъ цо-цоял хIисаб-суал гьабичIого Алжаналдеги ритIула. ХутIаразул хIисаб-суал гьабула. ХIисаб-суалги батIи-батIияб букIуна: бигьаяб, захIматаб, балъгояб, тIатараб, цIоб лъураб ва гь. ц. Жиндие бокьарасул мунагьал чурула, бокьарасе гIазаб кьола. ТIоцебе хIисаб-суалги МухIаммадил ﷺ умматалъул гьабула.

Малаикзабаз нилъер гIамал хъварал кагътал ГIаршалда гъоркь цIунун рукIуна. Къиямасеб къоялъ махIшаралде халкъ данделъараб мехалъ, Аллагьас ﷻ гьуриги тIамун, роржун рачIуна гIадамазул гIамалал хъварал кагътал. Щивасухъе жинди-жиндир кагъат бачIуна. Муъминчияс гьеб кагъат кваранаб квералъ босула, капурчиясул квегIаб квер мугъалдехунги буссинабун, гьелъ босула.

Муъминчияс вохун, гьале дир кагъат, нужецаги цIалеян абула. Капурчияс абула дир кагъат дихъе кьунго букIинчIебанищилан. Къиямасеб къоялъ квешаб гIамал цо гьабураблъунги тун, гьелда рекъон жаза гьабула. ЛъикIаб гIамал анцIгоялдаса анкьнусгоялде, гьелдасаги тIаде цIикIкIинабула, ай гIамалалъухъ, нияталъухъ балагьун.

Къиямасеб къоялъ Аллагь ﷻ тIаса лъугьунаро капурзабазул мунагьаздаса. Бусурбабазул гIисинал мунагьал чурула, гьезул лъикIал гIамалаздалъун, чIахIиял чурула тавбу гьабиялдалъун, чияр хIукъукъалги чурула, хIукъукъазул бетIергьаби тIаса лъугьинариялдалъун. Иманалда хварав чиясул бокьараб мунагь чуризеги рес буго. Капурзаби ругони гьезие даимаб, нахъаса къотIулареб гIазаб букIуна.

Муъминзаби (бусурбаби) Аллагьасе ﷻ кидаго мутIигIал ругони, гьезие Алжан букIуна, мунагьаздаса тавбу гьабурал муъминзабазеги Алжан букIуна, тавбу гьабичIого хварал гIасиял муъминзаби абуни, Аллагьасе ﷻ бокьарав тIасаги лъугьун Алжаналде витIула, бокьарав жужахIалде витIула. ЖужахIалде витIарав муъминчиги (бусурманчи) гьенив даимго хутIуларо, кида-къадги гьенисаги вачун Алжаналде витIула. Капурчи гурого даим жужахIалъув хутIуларо.

Гьеб къоялъ гIадамазде гIемерал захIмалъабиги балагьалги рачIуна, гIамал бихьун гIетIулъ тIерхьуна, бакъ гIагар гьабула, кIалазда мугьраби чIван гьарурал мунагьал рицун лугбал кIалъазарула, гIазабалъул кутакалъ мехтарал гIадин рукIуна. Гьеб къоялъ гIадамазда эбел, эмен, яц, вац, лъимал кIочона, щивасе жинди-жиндир ургъел букIуна. Черх гIицIго букIуна. Бихьиналги руччабиги цоцахъ ралагьуларо.

Гьеб къоялъул захIмалъи аварагзабаздаги вализабаздаги бихьуларо. ГIаршалъул рагIдукь рукIуна гIадлу битIарав ханги, гIибадаталда гIумру арав гIолохъанчиги, мажгиталда ракI хурхарав муъминчиги, Аллагьасе гIоло цоцазе рокьарал муъминзабиги, гIадамал гьечIеб бакIалдаги Аллагь ﷻ ракIалде щун бадиса магIу чвахарав муъминчиги, берцинай гIаданалъ квешаб ишалде ахIарав, Аллагьасукьаги ﷻ хIинкъун хIарамлъиялдаса жив цIунарав муъминчиги, кваранаб квералъ кьураб садакъа квегIалда лъазе течIев муъминчиги.

Къиямасеб къоялъ цIадираби лъезе руго жиндир кIиго суркIаги цо моцIги бугеб. Цояб, ай кваранаб рахъалда бугеб гвангъараб суркIа лъикIал гIамалаз цIолеб. КIиабилеб, ай бецIаб суркIа квегIаб рахъалда бугеб квешал гIамалаз цIолеб. Гьел цIадирабазда нилъер гIамалал хъварал кагътал лъезе руго. ЛъикIал гIамалал лъураб цIадиро бакIлъизе буго, квешал гIамалал лъураб цIадиро тIадагьлъизе буго. ГIамалал хъварал кагътазул тIадагьлъи-бакIлъи гIамалазухъ балагьун букIуна.

МУХIАММАДНАБИ АХIМАЕВ

2026-07-15 (Сафар 1448 с.) №14.


Куркъиялъул пайда

Риидалил заман тIаде щведал базараздагун тукабазда загьирлъула бищунго хириял нигIматазул цояб - куркъи. Гьелъул къимат гьабула лъикIаб махIалъухъ, гьуинаб ва беэнаб тIагIамалъухъ. Амма куркъи ккола тIагIамаб гьуинлъи гуребги, сахлъиялъе гIемерал пайдаял жал гъорлъ бугеб къиматаб кванил...


Румазул ханас Абусуфяние кьурал суалал

Жиндаго цевегIанги вачIинавун, румазул ханас Абусуфянида гьикъана: «Аварагилан жинца дагIба балев чиясул нужеда гъорлъ насаб щиб бугеб?» - абун. Абусуфяница абуна: «Насаб бищун бацIцIадаб буго», - ян.   КIиабизеги ханас гьикъана: «Досдаса цеве, дос бицунеб...


Бицунелда хадуб халккве

НекIсиял египеталъулазул букIун буго хвалда хурхун абулеб берцинаб рагIи: хварал чагIи Алжаналъул кавабахъ ратаразда дандчIвайдал гьезие кьолеб букIун буго кIиго суал, цинги гьезул жавабазда рекъон, хIукму гьабулеб букIун буго Алжаналде лъугьине гьезие ихтияр кьелищ яги кьеларищ абун: «1)...


Мунагьалдаса тавбуялде руссин

Нилъеда лъала гьаб дунялалда щивго чи чIаго хутIуларевлъи ва киналго хвезе рукIин, ай хIисаб-суал кьезе Аллагьасда цере чIезе рукIинги. Гьединлъидал, нилъеца хIалкIун тавбу гьабун, квешлъиялдаса лъикIлъиялде руссине хIаракат бахъизе ккола.   Мунагь кколарев чи вукIунаро, амма щиб мунагь гьабун...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Цадахъ гIуна   Дица дирго лъимер ясли-ахалде битIичIо. Гьеб кидаго дида цадахъ букIуна. Ниж цадахъ хIала, цадахъ кванала. Дица лъимер сундасаго цIунула. Гьанжейин абуни вас школалде ине ккола. Дунги гьечIого гьенив вукIине ккола гьев. Гьебин абуни нижее захIмалъизе буго. Щибдай гьабун лъикI?...