Аслияб гьумералде

Бищун бацIцIадаб магIишат

Бищун бацIцIадаб магIишат

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Жиндирго цIобалдалъун нилъ рижана бацIцIадаб диналъул аслуялда ва нилъее амру гьабун абуна: «Ле, иман лъурал гIадамал! Нужеца бацIцIадаб, хIалалаб гурони кванаге», - ян.

 

Бусурбанчиясул бищун лъикIаб магIишатлъун рикIкIуна, жиндирго гIетI тIун квералъ гьабураб хIалтIиги, хIалалаб, бацIцIадаб, жиндилъ рекIкI гьечIеб даран-базарги. Аварагасда ﷺ гьикъана: «Бищун бацIцIадаб, хIалалаб магIишат щиб кколеб», - абун. Гьес ﷺ жаваб гьабуна: «Бищун бацIцIадаб магIишат буго, инсанас жиндирго гIетIги тIун квералъ гьабураб хIалтIиги, жиндилъ хиянат-рекIкI гьечIеб даран-базарги», - ян. ГIемерал аварагзаби рукIана кверзул махщел бугел. Абу-Гьурайратица бицараб хIадисалда буго: «Закария авараг цIулал устарлъун вукIана», - ян. ГIумар-асхIабас бицараб хIадисалда буго: «ТIадегIанав Аллагьасе вокьула хIалтIуе махщел бугев, чIужу ячарав муъминчи. Аллагьасе вокьуларо кIвахIалав, хъизан гьабичIев муъминчи», - ан. Кинабниги гIаламалъе мисаллъун вугев, живго хирияв МухIаммад аварагги ﷺ вахъунаан базаралде даран гьабизе, хъизан-лъималазе хIажатаб босизе. АсхIабзабаз гьесда гьикъидал: «Щай мун базаралде хьвадулев, цогидал ритIизе ресги букIаго» - ян, аварагас ﷺ жаваб гьабуна: «Дида ЖабрагIил малаикас вахIю гьабуна, щив чи вугониги жиндирго агьлуялъул хIажатаз хьвадун, гьел гIадамазде ккеялдаса цIунун магIишат гьабун, гьев Аллагьасул нухда вугев чи вуго», - ян.

ГIумар-асхIабас магIишат гьабичIого, хIалтIизе рахъинчIого рокъор чIаразда гIайибчIван абулаан: «Ле, мискинзабазул къокъа! Нужеца бутIрул эхеде рорхе ва даран-базаралде машгъуллъе, нуж рукIунге гIадамаз хьихьулел хъизаналлъун», - ан.

ГIабдуллагьил вас Жабирица бицана, хирияв аварагас ﷺ абунин: «Щив чи вугониги жинца гъветI чIун яги хьон хьан, цинги гьениса инсанас, хIайваналъ, хIинчIалъ кванан, Аллагьас гьесие гьеб садакъалъун хъвала», - ян.

Ибну Зубайридаса бицараб хIадисалда буго: «Ле, иман лъурал гIадамал! Нужер цонигияв хвезе гьечIо гьесие хъвараб ризкъи щвечIого, гьеб хехго бачIинчIогойин абун нуж пашманлъуге, Аллагьасукьа хIинкъа ва хIарамалдаса цIунун, хIалалаб ризкъи тIалаб гьабе», - ян.

Цо нухалъ авараг ﷺ асхIабзабигун цадахъ гIодов чIун вукIаго, гьезда цевесан уна кIудияб къаркъалаялъул, къуватав гIалхул гIарабияв. Гьесда берчIвайдал, жидеда Аллагь разилъаял Абубакар-асхIабасги ГIумар-асхIабасги абуна: «Досие бугеб пашманлъи, къварилъи, гьесул гIолохъанлъиги къуватги Аллагьасул нухда букIарабани», - ян. Бичасул аварагас ﷺ гьезда абуна: «Нужеца гьедин щай абулеб? Гьев къватIиве вахъун ватани жиндирго эбел-инсуе кумек гьабун хIалтIизе, гьев Аллагьасул нухда вуго. Гьесул ният батани жиндирго лъималазе нафакъаялъе хIалтIизе, гьев Аллагьасул нухда вуго. Гьев къватIиве вахъун ватани гIадамазде ккеялдаса цIунун магIишат гьабизе, гьев Аллагьасул нухда вуго. Амма гьев хIалтIизе вахъун ватани боцIи гIемерлъиялъе яги гIадамаз бечедав вугин абиялъе гIоло, гьев шайтIаналъул нухда вуго», - ян. Гьеб хIадисалъе баянлъун бачIунеб буго Абу-Гьурайратица бицараб хIадисги: «Щив чи вугониги жинца хIалалаб куцалдалъун дунял тIалаб гьабун, гIадамазде ккеялдаса живго цIунун, агьлу-хъизан хьихьиялъул нияталда яги мадугьаласе кумек гьабун, ТIадегIанав Аллагьас къиямасеб къоялъ гьев тIаде вахъине гьавула цIураб моцI гIадин гвангъараб гьумергун. Щив чи вугониги магIишат тIалаб гьабун, боцIи гIемерлъиялъул нияталда, чIухIдае яги гIадамаз бечедав вугин абизе букIиналъе гIоло, къиямасеб къоялъ гьев БетIергьангун дандчIвала, гьесде ццин бахъун бугеб хIалалда», - ан.

 

(Хадусеб букIине буго)

 

 

АхIмад  МухIумаев, Хунзахъ районалъул имам

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...