Аслияб гьумералде

Берккеялде рехуге кинабго

Берккеялде рехуге кинабго

Берккей буго аварагас ﷺ хIадисазулъ рехсон хIакъаб бугин абун баян гьабураб жо. Гьеб ккей тIибитIараб буго нилъер заманалдаги. Гьеб щвеялъе аслияб гIиллаги букIуна нилъерго гьабулеб гIамалалъулъ бугеб тасамахIлъи, диналъ цIунизе рихьизарурал тIадкъаязде гьечIеб кIвар. Диналъул хIукъукъал жагъалъараб мехалъ ккола берги, черхги лъугьуна батIияб хIал тIаде бачIун.

 

Гьелъие аслияб гIайиб нилъедаго бугониги, нилъер кIалдиб ругьунлъарабги буго кинабго чияр квешаб бер щун бугин абун нилъедасаго гIайиб тIаса рехизе гIедегIулеб ва гьеб бахъизелъун пуланал чагIазухъе рекерулеб. Умумузул аби буго бекизегIанго бухьине кколин бетIерин абураб. Гьелъухъего, нилъееги беццараб буго квешаб бер тIаде щвезегIанго гьелдасаги цIуни гьабизе. ГIаишатидасан бицараб хIадисалда буго: «Бер ккеялдаса цIуни гьаре Аллагьасдаса ﷻ», - абун (ибну Мажагь). ГIалимзабаз тIахьазда хъван букIуна, берккеялдаса цIуни бугин диналъ тIуразаризе рихьизарурал хIукъукъазда тIадчIей гьаби абун. Гьединлъидал, бачIинахъе берккеялде кинабго тIамилалде рекъараб буго нилъерго гIамалалде балагьизе ва рукIа-рахъин хисизабизе.

Берккеялдаса цIунизелъун аварагас ﷺ асхIабзабазда малъулеб ва гьел кантIизарулел рукIана хасал дугIаби цIалейин абун. Унтарал лъимал рачун рачIиндал гьес ﷺ абун буго: «Гьезде тIаде дугIа цIале. Къадаралдаса цебе кколеб жо букIарабани, гьеб букIинаан квешаб бер», - абун (Тирмизи). ЦIализе рихьизарулаан «Аятул курси», «Фалакъ» ва «Ан-Нас» гIадал сурабигун хасал дугIаби.

ЦIунизе рекъараб гIамалалдаса буго: квана-гьекъеялъулъ хIалал-хIарам халгьаби, къватIире рахъунел тIадруссунелъул мунагьазде кколезде гIагарлъунгутIи, кьижизе рахунелъул какичуриялда реги, рахъунелъулги рецц гьабун Аллагь ﷻ рехсей. Гьаб заманалда щивасул рокъоб буго интернет, гьелдаса пайда босизе бегьила Къуръан ва хасал аяталгун дугIабаздаса гIуцIараб «Рукъя» цIали биччазе.    

Берккей хIакъаб бугелъул, лъикIаб-квешаб батIалъи гьечIого, чиясдаса гъира-шавкъ бахун хIал хисиялдалъун загьирлъулеб асаралъ дандиясе гьабула зарал. Абула гIишкъу бергьун гIемер лъимаде эбел-эмен ралагьиялъги гьезие берккун зарал гьабизе рес букIунин. Лъимадехун рокьа-хинлъи загьир гьабизе ккола, амма беццараблъун бихьизабула заралияб асар щвеялдаса цIунизелъун «Машааллагь», «Ла хIавла ва ла къуввата илла биллагь» гIадал рагIаби абизе. 

Ибну ГIаббасидасан бачIараб хIадисалда хъвалеб буго, аварагас ﷺ ХIасание ва ХIусение берккеялдаса цIуни гьабулеб букIанин гьал рагIабаздалъун абун: «АгIузу бикалимати ллагьи ттаммати мин кулли шайтIанин ва гьамматин ва мин кулли гIайнин ламматин», - абун (Бухари). Гьал рагIаби Ибрагьим, ИсмагIил, ИсхIакъ аварагзабазги цIалулел рукIарал ругин абуна аварагас ﷺ.

 

________________________________________________________________________________

КАНТIЕ

ЦIунизе рекъараб гIамалалдаса буго: квана-гьекъеялъулъ хIалал-хIарам халгьаби, къватIире рахъунел тIадруссунелъул мунагьазде кколезде гIагарлъунгутIи, кьижизе рахунелъул какичуриялда реги, рахъунелъулги рецц гьабун Аллагь ﷻ рехсей. Гьаб заманалда щивасул рокъоб буго интернет, гьелдаса пайда босизе бегьила Къуръан ва хасал аяталгун дугIабаздаса гIуцIараб «Рукъя» цIали биччазе.    

 

_______________________________________________________________________________

 

 

Бер ккезе гьукъулеб, нагагь щвани нахъчIвалел рагIабилъунги рикIкIуна: «Табарака ллагьу ахIсанул халикъин» ялъуни «Машааллагьу ла къувата илла биллагь» яги «Аллагьумма рабби ннаси азгьибил баъса ва ишфи анта ш-Шафи, ла шифаа илла шифаука шифаан ла югъадиру сакъаман» абурал. (Муслим)

Аварагас ﷺ гьабулеб букIарабин абун ГIаишатица бицана: «Вегизе араб мехалъ аварагас ﷺ кIиябго квер цоцадаги цвизабун, гьезда жанибе къулгьуги кIиябго къулагIузабиги цIалун, черхалда, квер гIунтIанщинаб бакIалда кIиябго квер лъабго нухалъ бахъулаан», - абун. Гьелъие баян гьабун гIалимзабаз абуна, гьеб бугила сихIру гьаби, берккей, хIутI-хъумуралъ черхалда ругъун лъей гIадал жалаздаса цIуни гьабилъун. Гьаб къагIида гьабизе бегьула эбел-инсуца гIисинал лъималазеги, гIураздаги малъизе рекъараб букIина.

Аллагьас ﷻ цIунаги киналго гьеб квешаб хIал тIаде щвеялдаса ва кантIиги кьеги нилъеего пайдаяб тIалаб гьабулеллъун рукIине! Амин!

 

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...