Аслияб гьумералде

Сапаралда как къокъ гьаби

Сапаралда как къокъ гьаби

ТIадегIанав Аллагьасда гурони нилъер хIал лъикI лъида лъалеб? Нилъ батIи-батIиял бакIазде ккезе ругебги лъан, Аллагьас бихьизабун буго цо-цо рухсаби ва гьединаздасан ккола сапаралде вахъарав мехалъ как къокъ гьаби ва данде роси. Гьелъ тIоритIел гьабула ислам захIматаб дин гуреблъиялде, цоцоязда ракIалде кколеб гIадин. Гьебин абуни нилъецаго захIмат гьабула. ХIакъикъаталдаги сапаралде инсан вахъиндал, гьеб рухсаялъул хIакъикъат кутакалда бичIчIула.

Гьелда тIасан гIемерал суалалги рукIуна. ГIадамаз гьеб цIехейги кутакалда лъикI буго. ГIадамаз исламияб лъайлъидалха тIалаб гьабулеб бугеб. ХIажатаб гIелму тIалаб гьабиги паризаяблъун букIин нилъеда лъала. Какал къокъ гьаризеги данде росизеги бегьула цо рахъалде сапаралъул манзил гIураб бугони. Сапарлъун чIола 85 километралдаса цIикIкIараб нух бугони. Цо-цояз 92 километралдаса цIикIкIараб букIине кколинги абулеб буго.

Къокъ гьабизе бегьула ункъо ракагIаталъул какал, ай къалъул, бакъанил, боголил. Какие ният гьабулаго къокъ гьабизеян абунги ният гьабизе ккола. Цинги ункъо ракагIаталъул бакIалда кIиго ракагIат бала. Данде босизе бегьула, къалъул как - бакъанил какалде, бакъанил как - къалъул какалде, гьединго данде росула маркIачIул - боголил какалде, боголил - маркIачIул какалде.

Как цебе босулеб бугони, лъабго шартI къваригIуна: цебесеб как бухьунаго яги какилъ салам кьелалде хадусеб как данде босизе абун ният гьабизе ккола, цинги тIоцебе цебесеб как бала, хадуб кIиабилеб как базе ккола.

Цебесеб как барабго гьоркьоб гIемер заман биччачIого, къамат гьабурабго, кIиабилебги как бухьине ккола. Гьал лъабазулго цониги шартI камуни, хадусеб как цебесебгун данде босизе бегьуларо, гьеб жиндир гIужда базе ккола.

Цебесеб как хадусебгун данде гьабулеб бугони, цебесеб какил гIуж букIаго ният гьабизе ккола гьеб как хадусеб какалде данде босизе бугилан абун. Цинги хадусеб какил гIуж щвараб мехалъ, цин цояб, цинги цояб как бала, бецIунинги абун ниятги гьабизе кколаро. Как цебе босулаго цIунизе кколел лъабалго шартIал, как хадуселда тIаде босулаго цIунизе тIадал гьечIо, амма цIунизе суннатал руго.

Сапаралде унев чияс какал данде росиялъулги гьел къокъ гьариялъулги хIукму лъазабизе ккола. Гьелги лъачIого цо-цоял лъугьуна гьел данде росизе ва къокъ гьаризе, гIемерисеб мехалъ мекъиги гьабулеб батула. Гьединлъидал нилъеца гьелъул лъалезда цIехон мухIкан гьабизе ккола.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...