Аслияб гьумералде

ТIаса бищараб къо

ТIаса бищараб къо

БетIергьан Аллагьас лъагIалил къоязул цо-цоял цогияздаса хира гьарун тIаса рищана. Гьедин хира гьарун тIаса рищарал къояздасан ккола рузман къоги.

Бичасул Аварагасул хIадисалда буго: «Жиндилъ бакъ баккарал къоязул бищун лъикIаб рузман къо буго», - ян (Муслим, 854).

Ибну ХIажарица «ТухIфатуль мухIтаж» тIехьалда хъвалеб буго, имам АхIмадица ва хIадисгIелмуялъул гIалимзабаз бицанин абун, гьадинаб магIнаялъул хIадис: «Рузман къо киналниги къоязул хан буго ва гьезул бищунго кlудияб къоги буго, Тlадегlанав Аллагьасда аскlобги гьеб кlудияб буго кlал биччан ва къурбан къояздасаги. Рузман къоялъ вижана Адам авараг, гьеб къоялъ виччана гьев Алжаналде, гьеб къоялъ рещтlинавуна дунялалде, гьеб къоялъ хвезеги хвана, гьеб къоялъулъ буго Аллагьас дугlаялъе жаваб гьабулеб сагlатги, гьеб къоялъ чlола къиямасеб къоги», - абун.

Аварагасул хIадисалда рекъон, рузман къо хирияб буго кIиябго гIидалъул къояздасаги, ГIашура къоялдасаги. Амма ГIарафа къо хирияб буго рузман къоялдаса. Рузман къоялъ гьарурал лъикIал гIамалазухъ Аллагьас кири цIикIкIинабулебго гIадин, мунагьазухъ гIакъубаги цIикIкIинабула.

Аллагьас рузман къоялъулъ гьабун буго дугIа нахъчIвалареб заман. Гьеб балъгоги гьабун буго, нилъеца тIолабго къоялъ гIибадаталъе хIаракат бахъизе букIине. БетIергьанас тIад гьабураб рузманалъул какалда жанибги буго кIудияб хIикмат. Масала, жиб сабаблъун диналъул вацал дандчIвай, цоцазда гьоркьоб рокьи-хинлъи цIикIкIин, цоцазде ургъелал рикьи, лъикIаб-квешаб дандбай, лъикIлъаби гьаризе цоцазе кумек гьаби.

Гьединго как балаго щивав диналъул вац цоцазда ващадго вукIин, кьерал ритIизарун чIей, рукугI-сужда гьабулаго цого даражаялда надал гIодор цвизари, цо имамасда нахъа чIей, цого рахъалде руссин, цогояв БетIергьанасе лагълъи гьаби. Амма рузманалъул какил кIвар гьабуларел гIемерлъулел руго. Умумузги тадбир гьабизе ккела лъималазул. Анкьго сон баралдаса рузманалде унел ругищали балагьила, кантIизарила. АнцIго сон баралдаса рузман тани, тунка-гIусун гIадлуги гьабила. Гьедин гьабичIони, къиямисеб къоялъ лъималаз абизе буго жидеда малъичIин абун.

БетIергьан Аллагьас хирияб Каламалда абулеб буго (магIна): «Ле, иман лъурал чагIи! Нуж рузманалъул какде ахIараб мехалъ, нужеца гIедегIел гьабе Аллагь рехсезе (нужеца рузманалда гIахьаллъи гьабе) ва даран-базарги магIишат-яшавги жибго те. Гьедин гьаби нужее лъикIаб буго даран-базарги магIишат-яшавги гьабиялдаса, гIакълу бугел, лъаялъул бетIергьаби нуж ратани», - ян.

БетIергьан Аллагьас рузманалъул как тIад гьабуна щивав сахав, бихьинав, балугъав, гIакъилав, сапаралда гьечIев бусурбанчиясда. Гьал рехсарал сипатал жиндилъ данделъарав чиясе рузман тезе шаргIалъ ихтияр кьоларо, цо-цо гIиллабигун гIунгутIаби хутIун. Гьезул бицани макъала цIакъго халалъула, росдал имамасда цIехезе ккела мухIканлъи бокьарав чияс.

Рузман тарав чиясе бугеб хIинкъиялъул бицун, Бичасул Аварагас абуна (магIна): «Щив чи вугониги жинда рузманалде ахIиги рагIун вачIинчIев, цоги нухалъги ахIи рагIун вачIинчIев, лъабабизеги ахIи рагIун вачIинчIев, Аллагьас гьесул ракI хIакъаб жо къабул гьабулареблъун гьабула ва мунапикъасул ракIлъунги гьабула», - ян (Байгьакъи).

Рехсарал хIадисаздасан бичIчIулеб буго рузман тей цIакъ хIинкъи бугеб иш букIин. Аллагьас киназего насиб гьабеги рузманалъул хиралъи бичIч1и.

МУХIАММАДНАБИ АХIМАЕВ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Берцинлъи гьаби

Инсанас ретIулеб ретIелги берцинлъиялъе хIалтIизе гьарулел жалги хIалалал рукIуна, гIаммаб куцалда босани. Кинниги гьезда гъорлъ руго хIалтIизаризеги ва гьездалъун къачIадизеги бегьуларел жалги.   Гьел киналго хIалтIизаризе бегьулел жал руго Аллагьас нилъее дунялалда ругебгIан заманалъ...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...


Президентас ХасмухIаммадида баркана

Россиялъул президент Владимир Путиница баркана Дагъистаналъул хӀурматияв инсан, 95 сон тӀубарав ХасмухӀаммад Абубакаровасда гьавураб къо. Дагъистаналъул кӀудияв эменин абула гьесда гьев лъалел чагӀаз. Гьесул гӀумру буго къвакӀиялъул ва исламалъе хъулухъ гьабиялъул мисаллъун. Гьес гӀумру гьабуна...


ОРВИялде данде

Щибаб санайил дунял квачазе байбихьидал, цIикIкIуна вирусалъулаб инфекциялъ (ОРВИ) унтаразул къадар. Хасго гIадамал унтула хаслихълъиялдаса бахъараб ихдалил байбихьуде щвезегIан. Гьединлъидал гьеб заманалда жаниб кIвар бугеб жо ккола унтул аслиял гIаламатал лъай.   ОРВИ ккола батIи-батIиял...


Жиндаго тIад хIалтIи

Нилъеца гьарулел гIамалал ритIарал ругищали яги чиядехун гьабулеб гIамалалъулъ тохлъи биччалищали пикруго гьабулищ нилъеца? Мекъи рукIин лъалищ, къабул гьабулищ, гьеб битIизабизе хIаракат бахъулищ?   Гьайгьай, гьелъул пикру гьабизе ккела. Лъазе ккола аварагзаби хутIизегIан, гунгутIабаздаса...