Аслияб гьумералде

РацIцIалъи гьабе

РацIцIалъи гьабе

РацIцIалъи гьабе

РацIцIалъи гьабиялда тIасан рачIарал Къуръаналъул аятал ва Аварагасул ﷺ хIадисал гIемерал руго. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ  абуна (магIна): «Аллагьасеги рокьула рацIцIалъи гьабулел гIадамал», - абун. (Сура «Ат-Тавбат», аят 108)

 

Хирияв Аварагас ﷺ абуна: «Дин рацIцIалъиялда бан буго», - ян. РацIцIалъи букIуна кIиго батIияб: загьирияб ва батIинияб. Загьирияб ккола нилъерго черх, ретIел нажас-гъизалдаса цIуни. БатIинияб ккола нилъерго лугбал, ракI мунагьаздаса цIунун рацIцIад гьари. БатIинияб рацIцIалъи гьабиялда цадахъ тIоцебе инсанас кIвар кьезе ккола загьирияб рацIцIалъиялде. Гьеб кIиябго буго цадахъго цIунизе кколеб, цояб гьечIони цогидаб загIиплъулеб.

Нажасаб жоги бикьула лъабго тайпаялде: цIакъ захIматго инабулеб, гьоркьохъеб куцалда инабулеб ва бигьаго тIаса инабулеб.

ЦIакъ захIматго гурони тIаса унареб нажаслъи ккола гьой-болъоналъул лъамалъиялда хъваялдалъун нажаслъараб жо ва гьезул тIом биччун букIаго хъваялдалъун нажаслъараб. Масала, гьоялъ чиясул квералда мацI бахъани, гьеб бакI анкьго нухалъ чуризе тIалъула. Гьеб анкьалъулго цо нухалъ лъелълъе бацIцIадаб ракьги жубан, чуризе тIадаб буго. Ракьги жубала гьеб лъин хIабургъунеб къагIидаялда. Цинги гьеб лъецагун анкьго нухалъул цо нухалъ нажаслъараб квер чурила. Гьоялъул расазда гьел ракъван рукIаго хъвайдал, нажаслъи бахунаро, амма квер ялъуни гьоялъул расал, ай гьезул цонигияб биччун букIаго хъвайдал, цебе бицухъе, анкьго нухалъ чуризе ккола.

Гьоркьохъеб куцалда инабулеб нажаслъи ккола гьой-болъон хутIун, хутIарал нажаслъабазда хъван нажаслъараб. Масала, ратIлида тIаде кIващ ккани ва гьеб бакIалъул кьер, тату ва махIги гьечIони, бацIцIадаб лъим тIаса иналъ гIей гьабула гьеб бакIал рацIцIалъизе.

РатIлида тIад нажасалъул гIайн бугони, масала, хIанчIил гъиз, цин гьелъул гIайн инабила цинги, хIалкIвани, махI ва кьер инабизе жигар бахъила. Нажасалъул гIайналдаса чурун кьер ялъуни махI нахъе хутIиялъ зарал гьабуларо гьеб кIиябго цадахъ хутIун батани гурони.

Нажаслъараб бакIалде лъим тIезе ккола, ай гьеб бакIалда тIасан гьеб чваххизе ккола. Масала, нажаслъараб ретIел дагьаб лъим жаниб бугеб (216 литралде бахинчIеб) хьагинибе рехидал, гьениб жаниб бугеб лъимги нажасаблъун лъугьуна ва ретIелги бацIцIалъуларо. 216 литралдаса цIикIкIараб къулгIаялъулъе нажасаб квер бегьидал, кьер, махI ва тату хисичIебгIан заманалъ, гьеб бацIцIадаблъун рикIкIуна.

Гьанже ругел ретIел чурулел машинабаз нажасаблъун бугеб ретIел бацIцIад гьабула, лъим речIчIун бачIин гьеб чвахиялъул хIукмуялда букIуна. Цо-цояз абула какие чуризе бугеб лъеда жанибе бацIцIадаб квер ччвидал, гьеб лъеца какие чуризе бегьуларин абун. Гьеб гьедин гьечIо. Масала, печалда тIад хинлъизе лъураб цIарагIалъулъ гьитIинаб лъимералъ квер хъвайдал, цо-цояз гьеб лъеца какие чуризе бегьуларин абула. Гьеб буго мекъаб пикру. Квер нажасаб жо гурелъул жибго. Гьелдеги кантIизе ккела.

 

 

 

 

 

 

Бигьаго тIаса унеб нажаслъи ккола жеги кIиго сон бачIев ва эбелалъул рахь гурони кваналарев васасул кIващ ратIлиде иналдалъун нажаслъараб. Гьеб кIващ щвараб бакI, квералъ гьурщун, биччизабуницин бацIцIалъула, ай чуризе тIалъуларо. ГьитIинай ясалъул кIващ бигьаго тIаса унеб нажасалде гъорлъе кколаро.

Какие чурулеб лъимги бацIцIадаб букIине ккола. Амма какие чуризе ниятгун цIарагIалъулъ квер ччуни, гьеб кинабго лъим хIалтIизабураблъун лъугьуна ва кикие чуриялъе хIалтIизабизе бегьуларо. Какие чурулеб лъим гьес квер ччвичIого тIаде тIезе ккола ялъуни гьенибе квер бегьулаго, гел хIисабалда ниятгун бегьиялъ, щибго зарал гьабуларо.

Ракьулъан бачIунеб лъим бацIцIадаб букIуна. Кинабниги хвараб жоги нажасаблъун ккола, инсан, гарцI ва ччугIа хутIун. Масала, хвараб тIутI ялъуни цогидаб хIутI лъелъе рехидал, гьеб лъим нажасаблъун лъугьуна (216 литралде бахинчIеб). Жибго жанибе бортун лъелъ букIаго хвеялъ зарал гьабуларо. Гьениса нахъе рехани гIола. Какие чуриялъе гуреб какиеги бегьуларо хвараб хIутI-хъумур тIад букIине.

ЧIагояб хIайваналдасаги, рас хутIун, батIалъараб жоги нажасаблъун ккола. Масала, хIайван хъолаго гьелъул рухI бахъизегIан бетIер батIа гьабуни, гьебги нажасаблъун ккола.

Ругънадаса, ялъуни хIижама гьабураб бакIалдаса бачIараб, яги гверенжалъ хIанчIараб бакIалдаса бачIараб биялъги зарал гьабуларо.

Чиясул ургьиса бачIунеб жоги, батIалъи гьечIо цебесан, нахъасан, ялъуни кIалдисан, гьелъул дагьаб къадаралъги зарал гьабула. РатIлида, черхалда ва как балаго лугбал лъолеб бакIалда гьеб бугони, какги рикIкIунаро.

Аллагьас ﷻ  кумек гьабеги нажасал жалаздасаги цIунун, гIибадат гьабизе. Амин!

 

Мурад Хасинов, Калининаул росдал имам

 

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Районалъул ифтIар

Гъуниб росулъ тIобитIана районалъул тIолалго росабалъа рачIарал гIадамаз гIахьаллъи гьабураб кIалбиччаялъул мажлис. Гьениб бицана цолъиялъул ва цадахъ рекъон рукIиналъул бугеб кIваралъул, рамазан моцIалъул хиралъиялъул ва гьеб индалги гьабулеб гIибадат гьоркьоб къотIизе тезе бегьулареблъиялъул...


Муфтияталъул вакилзабазулгун дандчIвай

Буйнакск районалъул администрациялда тӀобитӀана районалъул бетӀерасул ишал тӀуразарулев Маликов Табиридаги гьенире рачӀарал Динияб идараялъул вакилзабаздаги гьоркьоб данделъи. Гьоркьор лъунги рукIана цадахъ рекъон хӀалтӀи гьабиялда хурхарал суалал. Данделъиялда гӀахьаллъана Буйнакск шагьаралъул ва...


ХвезегIан хьитал ретIинчIев

ЦIар рагIарав гIалимчи Ибрагьим ХIарбияс бицана Бишр бин ХIарисияс абулеб рагIанин: «Нилъедаса ратIаралъарал цо-цо чагIи ракIалде щведал, ракIал чIаголъун рачIуна. Амма руго цо-цо чагIи жал рихьидал гIадамазул ракIал холел», - ян.   Гьаб макъалаялда бицен гьабизе бугевги ккола...


НуцIби рагьун рукIаго, гIедегIе

ГIадамаз гIемер ракIалде щвезабула жидерго гIолохъанлъи. Гьел ракIалдещвеял гвангъарал ва рохалилаллъун рихьизе бегьула гIолохъанлъи нилъер къуваталъул ва чIаголъиялъул цIураб мех букIиналъ.   Амма гIолохъанлъиялъул щибаб ракIалдещвеялъ гуро рохел кьезе кколеб. ГIолохъанлъи мунагьазулъ ва...


ХIикматал махлукъатал

Оляпка   Гьеб буго гIажаибаб хIинчI. Къадако хIанчIазул тайпабаздасан кколеб гьеб буго лъелъе кIанцIизе ва жаниб хьвадизе гьунар бугеблъун.   Гьеб букIуна цIорорал хехчвахулел мугIрузул лъаразул рагIаллъабазда. Лъелъеги кIанцIула квачаялъухъ хал гьабичIого. Лъелъе кIанцIула квен...