Аслияб гьумералде

КIал кквеялъул хIикмат

КIал кквеялъул хIикмат

ШаригIаталда кIал кквей абула ниятги гьабун рогьел баккаралдаса бакъ тIерхьинегIан кIал биххулел жал гьаричIого чIеялда.

КIал кквей Аллагьас тIад гьабиялъул хIикмат щиб?

КIал кквеялъул хIикмат буго инсанас жиндир лагълъи, мутIигIлъи Аллагьасе загьир гьаби. Гьединго камилаб кIал кквеялъ инсанасул кидаго ракI борчIизабула, гьесул ракIалда Аллагь чIезавула. Щай абуни, инсанасда ракъиялъул, къечалъул асар лъарабго, жинца гьеб кинабго Аллагьасе гIоло бокьун тун букIин ракIалде щола, Аллагьасул балагьиялда, Гьесул бетIергьанлъиялда гъоркь живго вукIин ракIалде щвезабула.

Гьединго кIал кколеб рамазан ккола баракатаб моцI, къад кIал ккун, къаси таравихIал ран, Къуръан цIалун, садакъа кьун, сардилъ тIаде рахъун гIибадаталдалъунги тIагIатаздалъунги цIезабизе кколеб моцI. Гьеб кинабго рахъалъ гIемерисел бусурбабазул чIаголъи лъугьуна рамазан тIаде щвараб мехалъ. Гьединго инсанасул чехь бакъун бугони, гьесул гIибадаталъе черх чIаголъула.

Кидаго гIорцIун вукIунев чиясул ракI согIаб, биццатаб букIуна, гьелъ инсан гIорхъи бахарал жал гьаризе тIамула. КIал кквеялъ абуни инсанасул напс куцала, ракI бацIцIад гьабула. Кидаго гIорцIун вугев чиясда мискин-пакъирзабазул ракъи щиб жояли лъаларо.

КIалги ккун жинцаго ракъиялъул кьогIлъи чIамараб мехалъ, ракъаразда бугеб хIалги лъан гьезие кумек гьабизе, гьезда гурхIел гьабизе ракI гьесула кIал ккурав чиясул. КIал кквеялъ кIудияб квербакъи гьабула инсанасе мунагьаздаса лугбал, квешлъиялдаса черх цIунизе, гьелъ гьесие гIибадаталъул кавабиги рагьула.

КIал кквеялъул хиралъи

ТIадегIанав Аллагьас абулеб буго Адамил лъималазул кинабго гIамал гьесие бугин кIал кквей хутIун, гьеб Дир бугин, Дица гьелъие кириги кьезе бугин лъикIаб жазаги гьабизе бугин. КIал ккурав чиясе кIиго рохелги буго, кIал биччалеб гIужалъги, алжаналда Аллагьгун дандчIвараб мехалъги. КIал ккурав чиясул кIалдиса бачIунеб махI мискалдасаги гьуинаб буго ТIадегIанав Аллагьасда аскIоб.

КIал ккурал гIадамал жанире лъугьунеб хасаб каву буго алжаналъул, гьениса жанире лъугьарал гIадамазда Аллагь вихьула. Цогидал гIамалазул кири Аллагьас анцIгоялдаса анкьнусгоялде щвезегIан цIикIкIинабула кIал кквей хутIун, кIал кквеялъул кириялъул абуни гIорхъи букIунаро. КIал кквей муъминчиясул жужахIалда цебе чIолеб маххул къолден ккола.

КIал кквеялъ инсанасул черх сахлъизабула, кIал кквей лъикIлъабазде рагьулеб каву буго. КIал кквеялъ къиямасеб къоялъ гьеб ккурав чиясе шафагIат гьабула. КIал ккурав чиясул дугIа къабуллъула, гьес гьарурал лъикIал гIамалазул кири гьесие цIикIкIун хъвала, гьелъул гIемерал хиралъаби рицун руго хIадисазда.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...