Аслияб гьумералде

Мунагь чуриялъе сабаб

Мунагь чуриялъе сабаб

Исламияб диналъ кIвар кьола лъималазе тарбия кьеялде. Имам Гъазалияс хъван буго: «Лъимал ккола къиматал, багьа хириял ганчIал», - абун.

 

Гьединго гьесго абун буго: «Эбел-инсуе лъимер кьун буго аманатлъун. Гьелъул бацIцIадаб ракIги багьа тIокIаб жавгьар ккола. Кинаб накъищ нилъеца гьелда бикIаниги, гьелъ гьеб босула», - ян. Гьединлъидал, инсанасул гIумрудул рохеллъун ккола ТIадегIанав Аллагьас гьесие кьурал лъимал. Гьез гьабула гьесул гIумру рекIее бокьулеблъун ва гьелги хIисабалдеги росун биччала ТIадегIанав Аллагьас гьезиеги нилъееги ризкъи. Щивав инсанасда талихI бихьула жиндирго лъималазулъ ва бищунго кIудияб талихI батаравги ккола Аллагьас тIадкъарал хIукъукъалги тIуралев, хирияв аварагасул ﷺ суннатги цIунулев ва исламалда рекъон хъизан-агьлуялъе тарбияги кьолев чи.

Цо-цояз абула тарбия кьуразулги лъугьунин квешал лъимал, кьечIезул лъикIалги рукIунин абун ва, тIадеги жубала, тарбия кьеялда бараб жого гьечIин. Гьеб буго Аллагьас тIад лъураб амруги тIубачIого, жидеего нухал ралагьизе лъугьин.

ТIадегIанав Аллагьас сурату «ТтахIрималъул» 6 аяталда абулеб буго (магIна): «Я иман лъурал гIадамал, нужеца нужгоги нужер агьлуги цIуне жужахIалъул цIаялдаса…» - абун. Гьелъул магIна ккола нужеца нужеегоги лъималазеги исламияб тарбия кьеян абураб.

Нусгоясдаса гьоркьоса цо-цо тарбия кьуразул квешалги, кьечIезул лъикIалги лъимал лъугьине рес буго. Гьеб буго нагагьаб жо. Амма, аслияб куцалда, тарбия кьуразул лъимал лъикIал, кьечIезул квешал лъугьунеблъи лъалеб жо буго.

Щуго къо гьабун бараб лъимадул эбел-инсуца гьикъарабила гIакъиласда лъимадуе тарбия кьезе кидал байбихьизе кколебин абун. Гьес жаваб кьунила нуж 9 моцIалъги щуго къоялъги кватIанин абун.

Лъимал тарбияги щварал, адабги бугел ва гIамалги берцинал лъугьине ккани, цин гьел хасиятал жалго умумузулъ букIине ккола. Аслулъунги букIине ккола щулияб кьучI, ай иман. Эбел-эмен рукIине ккола унго-унгоял бусурбабилъун, абулебги гьабулебги исламалда данде кколел.

ГьитIинаб лъимадул ракI букIуна хъахIаб кагъат гIадинаб. Гьелда тIад щиб хъваниги, гьелъ къабулги гьабула. ХIадисалда буго: «Киналго лъимал бусурбаналлъун гьарула, амма гьезул эбел-инсуца гьарула гьел ягьудияллъунги, насранияллъунги, мажусияллъунги лъугьине», - ян.

Цоги хIадисалда буго: «Нужеца лъималазде амру гьабе гьезул анкьго сон тIубараб мехалъ как байин абун, анцIго сон байдал гьезда кьабе как бачIони ва васалги ясалги батIаго регизаре», - ян.

Вас гьавидал рохелги, яс гьайидал пашманлъиги загьир гьабизе какараб буго. Нилъеда лъаларо васасулищ яги ясалъулищ нилъее пайда цIикIкIараб букIинебали. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «БалугълъизегIан кIиго яс хьихьарав, гьезие исламияб тарбияги кьун гьел тIоритIарав чи, алжаналда дунгун цадахъ вукIине вуго», - ян. Цоги хIадисалда буго: «Нуж ясал рихун лъугьунге, дунги ясалазул эмен вуго», - абун.

ПалхIасил, хIаракат бахъизе ккола лъимада дандчIвай гьабулаго, хIатта ратIалъун дагьаб заман ун батаниги, камилаб рохел загьир гьабизе. Гьез бицунелъухъ гIенеккила, свакан вугин, заман гьечIин абун лъимер тIаса ккезабизе бегьуларо. КIвар кьечIого толеб бугони лъимадаги нужедаги гьоркьоб пардав лъугьуна. Ва заманалдасан цоцада ричIчIизе захIмалъула.

Дунялалда цIар рагIарал гIалимзабиги бодул церехъабиги руго хасс гьабун эбелалъ тарбия кьурал. Масала, имам ШафигI, имам АхIмад ибну ХIанбал, ибну ХIажар ГIаскъалани, имам Бухари, ГIабдулкъадир Жейлани ва гIемерал цогидалги. 900 соналъ бусурбабазда бахъизе кIолеб букIинчIеб Константинополь мукIурлъана МухIаммад ФатихIие. Гьеб заманалда гьесул букIана 21 сон. ГьитIинаб къоялдаса нахъе, эбелалъ гьесда абулеб букIун буго, мун вугин гьеб бахъизе кIвезе бугев чийилан абун.

Эбел-инсудаса хадуб лъимадуе тарбия кьолел чагIи руго мугIалимзаби. Гьединлъидал нилъеца адабги гьабизе ккола гьезул. Амма мугIалим абураб рагIул хIакъикъияб магIна бичIчIуларел, квешаб-лъикIалда гьоркьоб гIурхъи лъаларелги лъугьунел руго цо-цо лъимал. ТIадежоялъе, гьезда нахъасанги рахъун кIалъалел эбел-эменги камулел гьечIо. Гьедин бегьуларо ва эбел-эмен рукIине ккола кидаго лъималазе дугIа гIемер гьабулеллъун.

 

 

Рамазан-хIажи Жаватханов, ЦIуриб росдал имам

2026-05-15 (ЗулкъагIида 1447 с.) №10.


ХIарамалъул ракь

Макка-Мадинаялъул хиралъилъун нилъее гIела, жиндие гIоло кинабго махлукъат бижарав Авараг ﷺ тIад хьвадараб, гьев вукъараб ракьлъун букIин.   Нилъеда бихьулеб буго жакъасеб къоялъги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Макка-Мадинаялъул агьлу хьихьун бугеб куцги, гьениб гьанжелъизегIан цIунун бугеб...


Рукъалъул мучари, гъаран

Гъаран (укроп) (латиназул мацӀалда Anethum ) — сельдереязул хъизаналъул лъагӀалилаб хералъул гъветӀ, гьелъул цохӀого цо тайпа ккола махӀ жиндаса бугеб гъаран (мугIрул мучари), яги хурул гъаран. ГӀалхул гъаран бижула ГьитӀинаб Азиялда, Шималияб Африкаялда, Ираналда ва Гималаязда. Бекьулеб ва...


ГIарафа магIарда чIей

ГIарафа магIарда чIей хIежалъул бищун кIвар бугеб рукнулъун ккола, щайгурелъул, гьеб къо къалъаралдаса хадусеб къоялъул рогьел баккизегIан гьенив цо лахIзаталъгIаги чIечIев чиясул хIеж рикIкIунгутIиялъе гIоло. Цогидал рукнабазе цIараб хасаб заман гьечIо.   ГIарафа мегIер ва ГIарафа къо буго...


ХIикматал махлукъатал

Тюлень   Дунялалда руго гIага-шагарго 30-гIанасеб батIияб тайпа тюленазул. Крабал кваналел тюленазул цаби руго гIажаибал. ГIемерисел тюленал, бихьиналищ яги цIуялищали ратIарахъизе кIоларо. ГIумруги гьез, масала, бихьиналъ - 20-25 соналъ, цIуялъ - 30-35 соналъ гьабула. ТIинчIги гьабула 1-3....


Дилималда тӀобитӀана данделъи

Казбек районалъул Дилим росулъ тӀобитӀана районалъул диниял вакилзабазул данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна «Ас-салам» газеталъул, лъай кьеялъул управлениялъул, «Инсан» фондалъул, районалъул гӀолилазул жамгӀияб гӀуцӀиялъул хIаракатчагIазги. Тадбир рагьана хирияб Къуръан...