Аслияб гьумералде

Бухьен цIуне

Бухьен цIуне

Имам Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Аллагьасдаса хIинкъа, кир ругониги ГIадамазулгун лъикIаб гьоркьоблъи гьабе», - ян. Такъва ккола бокьараб ахIвал-хIалалда ва бокьараб бакIалда Аллагь вукIин лъай. Пашманлъизе ккараб жо, жакъа гIемерисез такъва бихьизабула гIиц1го мажгиталда, муъминзабазда гьоркьоб, амма гьеб кIочон тола цогидал бакIазда – базаразда, хIалтIуда ва цогидал бакIазда.

 

Аварагас ﷺ нилъеда малъулеб буго кир ругониги Аллагьасулгун ﷻ бухьен - дугIаялдалъун, зикруялдалъун яги цогидал лъикIал ишаздалъун ц1унейилан абун.

Къуръаналда Аллагьас ﷻ абулеб буго такъва бихьизабулезе гIемерал нигIматал кьезе ругин: захIматал ахIвал-хIалаздаса рорч1изе нух, къварилъабаздаса бигьалъи, ракIалдаго гьеч1еб бакIалдаса кумек. Инсан мекъи ккани яги гьес мунагь гьабуни, хехго гьабизе ккола лъикIабщинаб – суннатал какал разе, садакъа кьезе, тавбу гьабизе. Малаикзабаз нилъер гIамал хъвала, амма лъикIал гIамалал хъвалев малаикасул тIокIлъи букIуна, анлъго сагIаталъ гьесда кIола квешаб гIамалалъул хъвай-хъвагIай нахъбахъизе, инсанасе тавбу гьабизе заманги кьолаго.

Къуръаналда абун буго лъикIал пишабаз квешал рац1унин абун. Хасго гьеб паризаял каказдалъун букIуна - гьоркьоса къотIич1ого ва битIун ралел ругони, гьел лъугьуна гIиси-бикъинал мунагьаздаса рац1ц1алъиялъе сабаблъун. ГъалатI биччарав, амма хадуб ракI-ракIалъ тавбу гьабурав асхIабасул хIакъалъулъ буго гьадинаб хабар. Авараг ﷺ тIоцеве вуц1ц1ун ч1ана, цинги амру гьабуна какие чурейин ва как байин абун. Гьелдаса хадуб рещтIана лъикIал гIамалаз квешал рац1ц1иналъул бицунеб аят.

Аварагас ﷺ нилъ ахIана лъикIаб гIамал-хасияталде: берцинаб бербалагьиялде, хIеренаб каламалде, гьимиялде, чияр гIунгутIабазе сабру гьабиялде. Гьес абулаан гIадамазул бищунго лъикIав вугин жиндирго хъизамалдехун бищунго лъикIаб хьвада-ч1вади бугев чиян.

Цо къоялъ халиф ГIумарихъе вач1ана цояв, жиндирго ч1ужуялда тIасан гIарз гьабизе. ГIумарил рукъалде гIагарлъидал гьесда рагIана халифасул ч1ужуялъ бадибч1вай гьабулеб. ГIумарин абуни, рагIи гьоркьоб къотIизабич1ого, гIенеккун ч1ун вукIана. Гьеб рагIарав чиясда ракIалде ккана: «Муъминзабазул амирас ч1ужуялъул гьединаб хьвада-ч1вади хIехьолеб батани, дир хIакъалъулъ щиб абилеб?» - ян. Гьев нахъе унев вукIана, амма ГIумар-асхIабасда гьев вихьана ва гьикъана жиндихъего вач1иналъе гIилла. Гьес жаваб кьуна: «Я, иман лъуразул амир, дун вач1ана дирго ч1ужуялда тIасан гIарз гьабизе, гьелъул дидехун бугеб гIаданлъи гьеч1олъиялъухъ ва квешаб бербалагьиялъухъ. Амма дур ч1ужуялъул дудехун гьабулеб калам рагIидал, дида бич1ч1ана дир ахIвал-хIал гьедигIан квешаб гьеч1еблъи ва хIукму гьабуна нахъе ине», - ян.

Цинги ГIумарица гьесда абуна: «Дица гьеб хIехьола гIемерал гIиллабаздалъун. Гьелъ дие квен гьабула, чед бежула, ретIел чурула, лъималазе тарбия кьола. Гьей ккола дир ракI хIалхьизабулей ва хIарамаб жоялдаса рикIкIалъизе кумек гьабулей гIадан. Гьелъул рахъалдасан ругел хъач1ал рагIабаз дие кьолел пайдаби ракIалда щола ва гьелъул гIунгутIабазде сабруги гьабула. ХIасил, дунялалъул гIумруялъул болжал къокъаб букIуна, гьел ахIвал-хIалазда сабру гьабиялъ кIудияб кириги щола», - ян.

 

 

ХIабиб Исрапов, Буйнакск шагьаралда имамасул кумекчи

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


ГIадамал данде гьарулеб ифтар

Щибаб хамиз къоялъ мажгиталъур данделъула гIадамал кIал биччазе. Анкьида жаниб тIоритIулел ифтарал гIуцIула «Инсан» фондалъ, гьелъие кумек гьабула волонтераз.   Нижеца гара-чIвари гьабуна «Инсан» фондалъул вакил Мурадилгун ва цIехана гьелъулги волонтеразул...


Мадраса рагьана МагIлибги

Хьаргаби районалъул МагIли росулъ рагьана цIияб мадраса. Гьелъие цIарги кьуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул. Мадрасалда чIезарун руго киналго шартIал. Руго цIалул кабинетал, библиотека ва мутагIилзабазе хIажатабщинаб. Мадраса рагьиялъул хIурматалда тIобитIана динияб мажлисги....


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


Жиндаго тIад хIалтIи

Нилъеца гьарулел гIамалал ритIарал ругищали яги чиядехун гьабулеб гIамалалъулъ тохлъи биччалищали пикруго гьабулищ нилъеца? Мекъи рукIин лъалищ, къабул гьабулищ, гьеб битIизабизе хIаракат бахъулищ?   Гьайгьай, гьелъул пикру гьабизе ккела. Лъазе ккола аварагзаби хутIизегIан, гунгутIабаздаса...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...