Аслияб гьумералде

Хун хадуб букIунеб хIисаб-суал

Хун хадуб букIунеб хIисаб-суал

Хун хадуб букIунеб хIисаб-суал

Хирияв Аллагьас хIадисул къудсиялда абулеб буго: «Я, Адамил лъимер, хвел хIакъаб буго ва кинавго чияс гьеб чIамизеги буго», - ян.

Дунялалда щивго чи чIаго хутIуларо. Аллагьас абулеб бугелъул: «Я, Адамил лъимер, дунял хвезе, ай тIагIине буго ва мунги хвезе вуго», - ян. Гьединлъидал гьеб къо тIаде щвелалде нилъ хIадурун рукIине ккола. Гьелдаго цадахъ щивас пикру гьабизе ккола щибги босун дун Аллагьасда цеве вахъине вугевин абун.

Щивасухъа ккола гъалатI, ай цоясул ракI къварид гьабун букIуна, нахъасан хабар бицун букIуна, мацI гьабун букIуна яги цо гьитIинаб жо сабаблъун вац-яцазда гьоркьоб букIуна ракI хвей. Амма нилъеца хIисаб гьабуларо гьелъул жаваб кьезе кколеблъиялъул. Гьеб къо тIаде щвелалде, тавбу гьабун, Аллагьасде гьаризе ккола тIаса льугьаян.

Нилъее баракат щваяв Къарахъа МухIаммадтIагьирица «ШархIул мафрузалда» хъвалеб буго гьадин: «Хварав чиясде тIаде ракь хъван хадуб, гIалимзабаз хъвавухъе, Аллагьас гьесул рухI нахъбуссинабула ва гьесда нахъе унел гIадамазул хIатIил сасги каламги рагIизабула.

Цинги гьесухъе вачIуна кIиго малаик ва гьез гьесда гьикъула, бичIчIулеб мацIалда, кинабго. Масала, дур БетIергьан щивин, дур дин щибин, хIатта ахиралда нужехъе витIун вукIарав Аварагасул хIакъалъулъ», - ян. Гьанже халгьабе, хириял вацалгун яцал, щиб гIумру нилъеца ракьалда гьабулеб бугебали ва гьеб къоялде нилъ кин хIадурун ругелали.

ХАЛИД ПАЙЗУЛАЕВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...