Аслияб гьумералде

Диналъул кIиго бутIа

Диналъул кIиго бутIа

Диналъул кIиго бутIа

Аллагьас ﷻ нилъее кьурал нигIматал рикIкIун бажаруларо. Аслияб жо ккола щукру гьабун, къимат гьабизе лъай.

 

Имам Гъазалияс хъван буго: «Дин кIиго жоялдасан ккола. Цо - гIасилъи тей, кIиабилеб - тIагIат гьаби. Мунагь ва гIасилъи тей захIматаб буго тIагIат гьабиялдаса. Гьелъ мунагьалдаса нахъе къарав чиясе кириги цIикIкIун хъвала. ТIагIат гьабизе бокьарав чиясухъа бажарула, амма гIасилъаби ва шагьватал тезе бажаруларо сиддикъуназда гурони, ай напс квегъарал чагIазда», - ян.

Напсалде данде жигьад гьаби ккола жигьадалъул аслуго. Гьелда данде къеркьезе, ай жигьад гьабизе кIвечIев чиясда исламалъул тушбабазда данде жигьад гьабизеги кIвезе гьечIо.

Имам Гъазалияс абун буго дуе кьурал лугбал кколин ТIадегIанав Аллагьасдасан бугеб нигIмат. Гьел лугбаздалъун гIасилъи гьабулеб мехалъ, гьеб нигIматалъухъ щукру гьабунгутIи кколин. Духъе кьураб аманаталъе хиянат гьабилъунги кколин.

Имам Бухарияс бицараб хIадисалда буго: «Нуж киналго ккола гIухьби (цIунулел чагIи). Нуж киналгоги руго нужеда цебе бугеб жоялдаса жаваб кьезе кколеллъун», - ян.

Масала, имам ккола жамагIаталъул жаваб кьезе кколев чи. Росас жаваб кьола жиндирго агьлуялъул ва чIужуялъги жаваб кьола росасул рукъалъул. Рукъги тун магIишат гьабизе рос индал, гьелъул жавабчилъи чIужуялде бачIунелъулха.

Дуда лъай, Къиямасеб къоялъ лугбаз дуда данде нугIлъи гьабулеблъи ва мунги къватIив чIвазавулевлъи. Гьедин букIунин хъван буго Къуръаналда.

Къиямасеъ къоялъ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ мацI чIезабула ва лугбал кIалъазарула. Гьединлъидал хIаракат бахъизе ккола лугбал цIунизе.

Къуръаналда рехсон буго жужахIалъул анкьго нуцIа бугин ва щибалъе бихьизабураб бутIаги бугилан. Гьединлъидал бер, гIин, мацI, чехь, гIаврат, квер, хIетIе цIунизе ккола. Гьел руго чиясе лугбал кьурал нигIматал ва тIадабги буго нилъеда гьезухъ щукру гьабизе, Аллагьасе ﷻ тIагIаталда хIалтIизарун ва гIасилъиялдаса цIунун.

Берал нилъее кьуна бихьизе букIине ва хIажат ккедал хIалтIизаризе. Аллагьас ﷻ ракьалдагун зобалазда рижарал гIажаибал махлукъатазухъ халгьабун ва пикру гьабун Аллагь ﷻ цо вукIин лъазе.

ГIундул цIуне бидгIаялде, гъибаталде яги квешлъабазде гIенеккиялдаса. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьел рижана Аллагьасул ﷻ каламалъухъ, Аварагасул ﷺ суннатазухъ ва вализабазул хIикматазухъ гIенеккизе. Гьединго Аллагьас ﷻ гIундул рижана гIелмуялъухъ гIенеккизе ва гьелдаса пайда босизе.

МацI ﷻ бижана Аллагь ﷻ рехсезе, Къуръан цIализе, битIараб нухда халкъ тIобитIизе, дунялалъул ва диналъул ккараб хIажаталъулъ кIалъазе. Амма мацI хIалтIизабуни Аллагьас ﷻ бижичIеб жоялъе, ай магIсияталъе, нигIматалъухъ щукру гьабичIеблъун ккола. МацI ккола лугбазда гьоркьоб бищун гIемер мунагь гьабулеб лага. МацI сабаблъун, гIемерисеб мехалда, жужахIалъуре ккола гIадамал.

Чехь цIунила хIарамаб ва шубгьаяб жо кванаялдаса. ХIалалаб жо тIалаб гьабизе хIаракат бахъила. ХIалалаб жоги гIорцIизегIан кваначIого тела. ГIорцIараб чехалъ ракI беццлъизабула ва гIакълу хвезабула. ГIемер кванаялъ тIагIат гьабиялъе ва гIелму цIалиялъе лугбал бакIлъизарула. Шагьваталъул ва шайтIаналъул аскаралъе квер бакъула. ГIорцIизегIан кванай ккола кинабниги квешлъиялъул байбихьи.

ХIалалаб жо тIалаб гьаби паризаяблъун буго. Имам ШагIранияс абуна хIарамаб яги шубгьаяб жо кванаялъ ракI беццлъизабулин.

ГIаврат цIунила хIарамабщинаб жоялдаса. ГIаврат цIунизе кIоларо бер, ракI, чехь цIунун гурони.

Кверал цIунила хIарамаб жо босиялдаса ва цонигиясе зарал гьабиялдаса.

ХIатIалги цIунила хIарамаб жоялде иналдаса.

Къокъго абуни, лугбал руго Аллагьас ﷻ нилъее кьурал нигIматал.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...