Аслияб гьумералде

Собесалъул хIалтIухъабазе баркала

Собесалъул хIалтIухъабазе баркала

Аллагьас ﷻ нилъее кьурал нигIматазул цояб ккола Гьес ﷻ нилъ вацал-яцаллъун гьари, МухIаммадил ﷺ умматалдаса ратизари. Абизе бегьула бусурбабилъун рижиялдаса хадусеб хиралъи гьеб батилингицин. Гьелъухъ къотIин гьечIеб шукруги нилъер БетIергьанасе ﷻ, АлхIамдулиллагь.

Дунялалъул рокъор нилъ руго цоцазде хIажалъулел, мурадал тIубай тIалаб гьабун тIаде-гъоркье щолел, цоцада рухьарал рахсаз гIадин гIумру тIамулел. Гьеб буго БетIергьанасго ﷻ инсанияталъулъ лъураб хасият.

Цоцазул хIажатал тIураялъул хIакъалъулъ рачIарал гIемерал хIадисал руго, живго аварагги ﷺ вукIана гьел тIуразе хьвадулевлъун. Муслимидаса бачIараб хIадисалда буго: «Диналъул вацасул хIажатал тIуран хьвадулесе БетIергьанас ﷻ кумек гьабула. Гьаб дунялалда жинца цогIаги ургъел диналъул вацасдаса инабун щив чи вугониги, ахираталда Аллагьас ﷻ гьесдасаги пашманлъи борхула», - ян.

Цоги хIадисалда буго, Аллагьасе ﷻ рокьулин бусурбаби рохизарулел гIадамалин абун. Диналъул вацас жив вохизави чиясда халлъула гьес жиндир кинаб бугониги мурад тIубайдал, гьебги хасго хъулухъалда вугес тIубайдал.

Гьаниб баркала загьир гьабизе бокьун буго Шамил районалда бугеб собесалъул (Управление социальной защиты населения) хIалтIухъабазе. Нилъеда бихьана, ахирал соназ хIукуматалъ лъималазе рихьизарурал выплатаби ратаниги, цогидал бигьалъаби ругониги, гьел щвезе хIалтIи гьабулелъул нилъ чанго идараялде ине кколеблъи. Амма гьаб отделалда ратана жидехъе вачIарасул мурадги тIубалел, гьимун гурони кIалъаларел, Аллагьасул ﷻ нух ккурал хIалтIухъаби. «Нужер бищун лъикIал, гIадамазе цIикIкIун пайдаял руго», - ян буго хIадисалда.

Гьединлъидал, бокьун буго ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабизе собесалъул хIалтIухъабазе, хасго Багьавудинов МухIаммадие. МухIаммад вуго берцинаб гIамалалъул инсан. Иргадулаб нухалда гьениса къваригIелги тIубан нахъе вачIунелъул, къотIнове щварав дида хадув вачIана гьев. МухIаммадица абуна нужер цоги гьадинабги тIубазе заман гIагарлъулеб масъала бугила, кватIизегIан течIого гьелъиеги гIамал гьабейила.

Гьеб гьечIищ берцинаб тIабигIатги, унго-унгояб магIарул чиясул хасиятги?! «Нужер бищун лъикIал гIамал-хасияталъул рахъалъ бищун гьеб берцинал руго», - ян буго хIадисалда (Тирмизи). ЛъикI буго, иншааллагь кватIизе теларинги абун нухда унаго дида ракIалде ккана чан чиха вукIунев гьедин жиндир хIалтIи гьабулев, аскIоре рачIунезул мурадалги тIуралев абун.

ХIурматиял собесалъул хIалтIухъаби, гьарула БетIергьанасда ﷻ нужее щулияб сахлъи, ракIалда ругел мурадал тIурай, гьабураб гIамал Аллагьас ﷻ ахираталдаги мунпагIатаблъун батаги нужее. Амин!

Нужее лъикIабщинаб гьарулев МухIаммадгIариф Къурбанов.

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


РабигIул аввалалъул хIурматалда

ЦӀунтӀа районалъул Гьинухъ росулъ тӀобитӀана баракатаб рабигӀул аввал моцӀ тӀаде щвеялда бан мажлис. Дунялалъул бусурбабазе гьеб моцӀ ккола хасаб рухӀияб цӀилъиялъул заманлъун. Муъминзаби мажгитазда ва рокъор данделъула Аллагьасе рецц гьабизе, Аварагасде ﷺ салават битIизе, гьесул гӀумруялъул...


Мисал босула

Бищун талихIавлъун ккола Аллагьас ﷻ тIадкъарал хIукъукъалги тIуралев, хирияв Аварагасул ﷺ суннатги цIунулев ва исламалда рекъон хъизан-агьлуялъе тарбияги кьолев чи. Лъимералъ тIаса бищулеб нух бараб букIуна эбел-инсуда.   ГIемер абулеб рагIула, эбелалда яги инсуда релълъарав вугин абун....


Хъизан цIуне

Хъизан гьаби ккола ТIадегIанав Аллагьасда цебе кIудияб жавабчилъи. Нилъеца хъизан гIуцIула Аллагьасул амруялдалъун ва Аварагасул ﷺ суннаталдалъун, гьединлъидал, нилъеца хIаракат бахъизе ккола диналъ малъараб куцалда хъизамалда гIумру гьабизе.   Квеш ккараб жо, жакъа гIемерал хъизамал...


Аллагь ﷻ лъазе бокьани

Аллагь ﷻ лъалездасан вукIине ва шайтIаналдаса хвасарлъизеги бокьани, ункъо жо тезе ккола: иблис ва иблисалъе бокьараб, напс ва напсалъе бокьараб, гьава ва гьаваялъе бокьараб, дунял ва дунялалъе бокьараб.   Иблисалъе бокьана дур дин тIаса инабизе, мунгун цадахъ доб ЖужахIалда абадиялъ...


Суал-жаваб

Насвай хIалтIизабун хадуб кIалги ххуличIого ялъуни гьебги чвантиниб лъун бараб как рикIкIунищ? Лъалеб жо буго хъалияналъги, насваялъги ва гьелда релълъарал цогидал жалазги чорхое зарал гьабулеблъи. Гьел жал хIалтIизариги шаригIаталда мунагьлъун рикIкIуна. Пуланав чи ватани гьединал жалаздаса...