Аслияб гьумералде

ГурхIарасда гурхIула...

ГурхIарасда гурхIула...

Цоцазе кумек гьабизе хIалае ратиялде буго диналъ, гIадаталъ ва яхI-намусалъ нилъ ахIулел. ЧӀахӀиял гӀалимзабаз, мугӀалимзабаз гьеб рикӀкӀуна лъикӀаб ишлъун гуребги, рухӀияб рахъалъе дарулъунги, ТӀадегӀанав Аллагьасде ﷻ унеб нухда лъолеб галилъунги. Имам Гъазалияс абун буго: «Махлукъатаздехун гурхӀел гьечӀеб ракӀ Халикъасул ﷻ рахӀмат щвеялдаса къараб буго», - абун («ИхIяу гIулуму ддин»).

 

Цоцазе кумек гьабиялъулъ бугеб хIикмат

ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магӀна): «Муъминзаби вацал руго», - ян (суратул «ХӀужурат» 10 аят). Шайих ГӀабдул-Къадир Жиланица баян кьун абун буго: «Диналъул вацасулъ дурго сурат гIаксалъун бихьараб мехалъ, гьесие кумек гьаби лъугьуна дуего гьабиялда релълъун, гIадатияблъун («ФатхIу Раббани»).

Цогидаб аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун цоцазда амру гьабула, квешалдаса нахъги чIвала...», - абун (сурату «Тавбат» 71 аят). Гьаб аяталдаги бихьизабулеб буго иман лъурал бихьиназдаги руччабаздаги гьоркьоб цоцазе кумек гьабиялъул, цадахъ рекъон хӀалтӀиялъул ва цоцазе жавабчилъияллъун рукIиналъулъ бугеб кӀвар.

ГIамр ибн ГӀабдуллагьидасан бачӀараб хӀадисалда буго: «Цогидазде гурехIел-рахIму букIунезда ГурхIулевги (Аллагь) ﷻ гурхӀила. Нужеца ракьалда ругезда гурхӀел гьабе, зобалазда Вугев нужедаги гурхӀила», - ян (Абу Давуд, Тирмизи). Аварагасул ﷺ гьал рагIабазулъ буго гурхӀел-рахӀмуялъул хӀакъалъулъ гъваридаб магIна ва гьелъул Аллагьасул ﷻ рахӀматалде бугеб бухьеналъул биценги. Ибну ГӀатIаиллагь ал-Искандарияс хъван буго: «Дуда лъай! Дуца диналъул вацасе кумекалъулаб квер бегьараб мехалъ, Аллагьас ﷻ дудалъун Жиндирго лагъасе кумек гьабулеб букӀин, гьеб буго дуе кIудияб тIадегIанлъиги», - абун («Ал-ХӀикам»). Имам Гъазалияс хъван буго гурхӀел-рахӀму кколин муъминчиясул бищун кӀудиял сипатазул цояблъун, гьелъ лагъ жиндирго БетӀергьанасде ﷻ гӀагарги гьавулин абун.

Жунайдул Багъдадияс абун буго: «Гьабураб кумек унго-унгояблъун лъугьуна, дуца гьабурабин абун гуреб, гьеб дуда кIочон тун, гIицIго мун сабабалъун Аллагьас ﷻ жиндир цIоб лагъзадериде биччанин абун дуда ккараб мехалъ», - ин («ТIабакъату Суфият»). Шайих АхIмад РифагIияс насихIат гьабун абулаан: «Дурго буголъиялдаса дуца кьолеб бугин абун ракIалде ккоге – кинабго Аллагьасдаса ﷻ бачӀунеб жо ккола. Мун вуго гIицIго Гьесул ﷻ сахаватлъи жиндасан бачIунеб бакI», - ин.

 

Кумек гьабиялъул лъабго даража

Цоцазе кумек гьабиялъул буго чанго даража. ТӀоцебесеб – черхалъулаб кумек. Гьеб ккола материалиял хӀажалъаби тӀуразари. КӀиабилеб – гIакълуялъулаб, гьеб букӀине бегьула малъа-хъваяздалъун ва маслахIатаб бицун кантIизариялдалъун. Лъабабилеб – рухӀияб кумек. Гьеб ккола дугӀа.

Имам Абу ХӀамид ал-Гъазалияс «Кимияйи сагӀадат» абураб тӀехьалда хъван буго: «Бищунго тӀадегӀанаб кумек ккола мун вацасе, жиндир ругел гIунгутIаби жанисан рихьулеб ва гьел ритIизаризе бугеб нухлъун бугеб матIулъун лъугьараб мехалъ», - ин.

 

ГӀалимзабазул къисаби ва малъа-хъваял

Цо къоялъ кӀудияв суфи Баязид БистIами вукIуна унтарав диналъул вацасе лъим босун унев. Гьесул Аллагьасда ﷻ цебе бугеб кIудияб макъамги, гIадамазулъ бугеб къадру-къиматги лъалев аскIов вукIарав цояс абула, щай дуцаго (цогидав витIичIого) гьеб гьабулеб абун. Жаваб гьабун гьев мубаракас абула: «Дица лъим гуро босулеб бугеб, дица босулеб буго Аллагьасул ﷻ Жиндирго лагъасде бугеб рокьи. Гьадинаб иш цогидасда тIад къазе рекъолищ?» - абун.

ГӀабдул-Халикъ Гъуждуванияс жиндир мутагӀилзабазда абулаан: «Нужерго ракӀбацӀцӀалъиялъул хӀалбихьизе бокьани, балагье нужерго диналъул вацасул хӀажалъиялдаса нуж рохулищали, гьесул хӀажалъиялдалъун Аллагьас нужее рес кьола Жиндирго разилъи щвезе», - ян.

 

Кумек кин гьабилеб?

Балъго. Ибрагьим ибну Адгьамица абуна: «Кваранаб квералда лъазе кколаро квегIаб квералъ кьолеб жо», - абун.

Баркала щвей мурад гьечIого. Щайин абуни, гьабуралъухъ кири щвей цохIо Аллагьасдасан ﷻ буго.

Пайдаяллъун рукIине рес щвеялъухъ шукру гьаби.

МухIаммад Накъшубандияс абуна: «Диналъул вацасе гьабулеб щибаб кумек ккола мун Аллагьасде ﷻ гӀагар гьавулеб гали. Щайин абун, щивав муъминчиясул гьурмада дуда бихьула БетIергьанасул ﷻ сипатазул асар», - ин. Гьел даражаби руго цоцазе кумек гьабиялъул ругел рухӀиял пихъал.

Жеги гьеб буго Аллагьасде ﷻ унеб нухги. КӀудияв шайих МухӀиддин ибн ГӀарабияс абун буго: «Дуца махлукъаталъе хъулухъ гьабулеб мехалъ, хӀакъикъаталдаги мун вукIуна Халикъасе ﷻ хъулухъ гьабулевлъун» («Фусусул ХӀикам»).

Инсан цогидаздехун гурхӀел бугевлъун вугони, Къиямасеб къоялъ ТӀадегӀанав Аллагьги ﷻ гьесдехун гьединавго вукIуна.

ЛъикӀлъиялъе ва хIажалъи ккаралъуб хIалае ратиялде гӀедегӀе. Гьеб буго Аллагьасукьа ﷻ хӀинкъулезул нух, гьелъ рачуна Алжаналде. ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ абун буго (магӀна): «ГӀедегӀил гьабе нужерго БетӀергьанасдаса ﷻ бугеб гIафвуялде, гьединго Алжаналдеги, жиндир гIеблъи зоб-ракьгIан бугеб, жибги такъва бугезе хIадур гьабураб», - ин («алу-ГӀимран» сура, 133 аят).

Аллагьас ﷻ гьареги нилъ киналго хIажалъи ккаразухъе кумекалъулаб квер бегьулеллъун ва гьеб бегьизе рес бугездаса! Амин!

 

АхIмад Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...