Аслияб гьумералде

ГIибадаталда тIамизе къуват кьеги

ГIибадаталда тIамизе къуват кьеги

Дагъистаналъул муфтиясул Рамазан моцI тIаде щвей барки

 

Ассаламу гIалайкум, хIурматиял диналъул вацал ва яцал!

 

Рамазан моцI нилъее сайгъат гьабурав БетIергьанасе буго аза-азар рецц. Гьаб кколелъулха Аллагьас ﷻ нилъер мунагьал чуриялъул ва баракат гьарза гьабиялъул моцIлъун. Гьединлъидал, ракI-ракIалъ баркула нужеда тIаде щвараб хирияб Рамазан моцI!

Рамазан ккола ТIадегIанасе гIибадат гьабиялъе, лъикIал ишал гьариялъе, нужецаго гьарурал пишабазул пикру гьабиялъе ва рухIияб цебетIеялъул рахъ камил гьабиялъе заман кьезе кколеб хасаб моцI. Гьеб моцIалъ рештIана лъикIлъи гьабиялде нилъ ахIулеб ва квешаб теялде кантIизарулеб Къуръан. Гьебги ккола щивав бусурбанчиясе къимат тIадегIанаб гьадият, Жинда нахъвилълъарасул авалги ахирги битIун кколеб. Гьединлъидал, гьарула БетIергьанасда нилъерго умумузде лъикIаб бербалагьи ва ахираталъул рокъоре аразе дугIа-алхIам гьабизе къуватги сахлъиги кьегийин киналго бусурбабазейилан.

Рамазан ккола лъикIал ишал гьарулеб моцI. Гьелъин цIакъго хIаракатги бахъизе кколеб мискин-пакъирасда кверчIваялъеги, янгъизго хутIаразе кумек гьабиялъеги, гьебгиха, гьез гьабулеб диналъухъ ва гьезул миллаталъухъ балагьичIого. Аллагьас ﷻ нилъее кьун буго заманалъулаб нигIмат - буголъи ва кIвар буго гьелдаса битIун пайда босиялъул, гьеб битIун хIалтIизабиялъул. Нилъеда кIочон тезе бегьуларо гIицIго ресукъазе, мискинзабазе кьуралъул бетIергьаби нилъ рукIин.

ДугIа-алхIам, Аллагьасе ﷻ гIибадат гIемер гьабизе тIадаб гьаб моцIалъ киналго ращад гьарула. Бечелъи-мискинлъиялъухъ балагьичIого гьаб моцIалъ кIал ккола кинавго чияс. Бечедал, рес бугел бусурбаби, мискинал диналъул вацазул бакIалда жалго ругеб хIисабги гьабун, сверухъ ругезе сахаваталлъун, квергIатIидаллъун лъугьуна.

Гьаб хирияб моцIалъ дица киналго ахIула нилъецаго гьарулел ишазегун хIалтIабазе нилъецаго къимат кьеялде, гIумру гьабиялъул къагIидабазда тIад ургъиялде, нилъерго тIабигIат-гIамал берцин гьабиялде, гIун бачIунеб гIелалъе битIараб тарбия кьеялде.

Биччанте нилъ цере гьарурал мунагьаздаса рацIцIадаллъун ва ккурал кIалал ТIадегIанав Аллагьас къабул гьарулезул кьеразулъе ккараллъун рукIине.

ДРялъул муфтияталъул цIаралдасан ва дирго рахъалдасан цоги нухалда баркула тIаде щвараб хирияб Рамазан ва гьарула гьаб моцI ТIадегIанасе гIибадат гьабиялда тIамизе щивасе къуват ва сахлъи.

 

АхIмад-хIажи ГIабдулаев, ДРялъул муфти

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...