Аслияб гьумералде

ЛъикIал гIамалазул моцI – Рамазан

ЛъикIал гIамалазул моцI – Рамазан

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу!

ХIурматиял диналъул вацал ва яцал!

РакI-ракIалъго баркула нужеда хирияб Рамазан моцI байбихьи. Гьаб хирияб гIужалда дир гьари буго, гIадада заман биччачIого, лъикIаб хьвадиялда тIадчIей гьабеян абураб. Цоцаздехун гьуинлъи-гурхIел бихьизабун, квералдалъун бугониги, рагIудалъун бугониги цоцазе, гIага-божаразе гуребги киназего, хасго захIматаб хIалалде ккаразе кумекалъе квер бегьейин абун. ХIурматиял вацал ва яцал!

Рамазан буго лъикIал гIамалазул, рацIцIалъиялъул, гурхIелрахIмуялъул ва сабруялъул моцI. Гьединлъидал, рачIа лъикIал ишал гьариялда тIадчIей гьабизе хIаракат бахъилин. Дица Аллагьасда гьарула гьаб захIматаб заманалда нижер рухIалгун ракIал щула гьарейин, нижер пикраби рацIцIад ва сах гьарейин унта-щокълъиялдаса ва сакъалъабаздаса.

Аллагьас кумек гьабеги киназего гьаб хирияб заман Аллагьасе гIибадат гьабиялда инабизе. Нилъеца ккураб кIал сабаблъун ккезабеги ккарал квешал ишаздаса рикIкIалъиялъе ва киналго мунагьаздаса рацIцIад гьариялъе. Жеги гьарула Аллагьасда Гьесул рахIмат-цIоб ва лъикIал ишал гIумруялде рахъинариялъе тавпикъгун къуват.

РачIа киназго цоцазе дугIа гьабилин нилъер ватIаналъе захIматал гьал къояз. Бихьизабилин цоцазда лъикIаб мисал, Аллагьас кьурал нигIматазе гьабилин шукруги. Аллагьас нилъее киназего сабру кьеги. Аллагьас цIунаги балагьаздаса тIолго МухIаммадил ﷺ уммат!

ХIУРМАТГУН, ДАГЪИСТАНАЛЪУЛ МУФТИ, ШАЙИХ АХIМАД-АФАНДИ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...