Аслияб гьумералде

Шамил имам щив кколев

Шамил имам щив кколев

«Ас-салам» газеталда бахъун букIараб, «Шамил имам кинав чилъун нужеда лъалев» абураб суалалъе жаваб:

Накъшубандияб тIарикъаталъул муршид, Дагъистаналъул лъабабилев имам. Генуб росулъ, гьижрияб 1212 сональул тIоцебесеб мухIаррамалъ (1797 соналъул 26 июнь) гьавурав, Дагъистаналъул ва Чачанлъиялъул халкъазул эркенльиялъе гIоло гьабураб къеркьеялъул тIолабго дунялалдаго машгьурав цевехъан, Северияб Кавказалъул мугIрузул гIадамазул цевехъан, Имамат пачалихъ гIуцIарав, льимерлъи ва гIолиллъи лъай балагьулаго арав, гьунар бугев, Къуръан цIалулев, МухIаммад аварагасул гIумру лъалевлъун вукIарав, гIелмаби малъулел мадрасаби, цIалулел бакIал рагьарав, халкъалда гьоркьоб къадру-къимат цIикIкIарав, къвакIиги лебаллъиги гIемерал лъугьа-бахъиназулъ бихьизабурав инсан.

Уматай ХIажиева, 82 сон, казбек район, Дилим росу.

2025-07-15 (МухIаррам 1447 с.) №14.


Карисса Ламкахуан, США:

«Дие хӀижаб ретӀия-лъул хӀалбихьи щвана ислам къабул гьабилалдего. ЛъагӀелгун бащдаб заманалъ диналъул цӀех-рех гьабуна. Хасго интерес букӀана руччабазда хурхарал суалазул. Гьеб рахъалъ бищунго цебечӀараб гӀаламатлъун ккола хӀижаб. КватӀичӀого дун тӀуянго хӀайран-лъизе байбихьана хӀижаб...


«Кавказалъул хIаял»

Россиялъул гIолохъабазул къоялда хурхинабун, Гъизляр районалъул Крайновка росулъ тIоритIана «Кавказалъул хIаял» абураб цIаралда гъоркь спортивиял тадбирал. Гъизляр районалъул ва шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммадхIабиб МухIаммадовас бицухъе, гьединаб тадбир...


Ракъвазе тоге

Хъизам ккола Аллагьас ﷻ кьураб кIудияб сайгъат. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Я гьал гIадамал! Нуж БетIергьанасде ﷻ гIасилъизе хIинкъа, жинца нуж киналго цо напсалдаса (нужер эмен Адамидаса) рижарав Аллагь ﷻ вуго гьев. Цинги гьеб напсалдаса (Адамидаса) гьесие чIужуги...


ТIолгороссиялъулаб конференция

«Роль религиозных организаций в формировании гражданско-правового сознания и сохранении традиционных российских духовно-нравственных ценностей в условиях глобальных международных вызовов» абураб темаялда Пенза шагьаралда тIобитIана ТIолгороссиялъулаб конференция. Гьелда гIахьаллъи...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Росасе ине бокьун буго     ГIагарлъиялъ гIакълу кьолеб буго хъизаналдаса ватIалъарав чиясе росасе унгейин абун. Щайгурелъул гьединав чияс лъади гурей, лъимал хьихьизе, квен гьабизе гIадан ва рукъалъул хIалтIухъан ялагьулей йикIунин абун. Щиб дица гьабилеб?   Халисат,...