Аслияб гьумералде

Ракъвазе тоге

Ракъвазе тоге

Хъизам ккола Аллагьас ﷻ кьураб кIудияб сайгъат. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Я гьал гIадамал! Нуж БетIергьанасде ﷻ гIасилъизе хIинкъа, жинца нуж киналго цо напсалдаса (нужер эмен Адамидаса) рижарав Аллагь ﷻ вуго гьев. Цинги гьеб напсалдаса (Адамидаса) гьесие чIужуги йижарав». (Сура «Ан-Нисаъ», аят 1)

 

Гьаб аяталъ ракIалде щвезабулеб буго нилъ киналго цо кIудияб хъизан рукIин, гурхIел-рахIмуялдалъун ва бичIчIиялдалъун цоцазда рухьарал.

Хъизан гIуцIула рокьиялда, божилъиялда ва цоцазе квербакъиялда хурхун. МухIаммад аварагас ﷺ абуна: «Нужеда гьоркьоб бугеб щибаб хIеренлъи-тамахлъиялъухъ Аллагьас ﷻ лъикIаб гIамал хъвала», - ян. (Ал-Баззар)

Аварагас ﷺ лъазабулеб буго рос-лъадуда гьоркьоб рокьиялъул гьитIинабго жо загьирлъицин – гьими, лъикIаб рагIи, рокъоб сверухълъиялда кумек гьаби – Аллагьасда ﷻ цебе кири щолел лъикIал ишаллъун рукIин.

Живго Аварагги ﷺ вукIана нилъее бищун лъикIав мисаллъун. Жиндирго руччабаздехунги Аварагасул ﷺ букIана берцинаб бербалагьи. Яс ФатIимаги гьесие цIакъ йокьулаан, гьей ячIиндал тIадеги вахъун, гьелда убач гьабулаан.

Росги-лъадиги рукIине ккола цоцазе квербакъулеллъун. Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Гьел руччабазул мисал буго нужеда тIад ретIунеб ратIлил, гьединго, нужги гьезие тIад ретIунеб ратIлида релълъун руго, ай нуж руго цоцазда ракI гъурал, цояз цоял рахчулел, цIунулел». («Бакъарат», аят 187)

Нилъер заманалда хъизамалъул бухьенал загIиплъулел мехалда, бусурбабазе хасго кIвар бугеблъун ккола рокъоб парахалъиялъул ва адаб-хIурматалъул ахIвал-хIал цIуни.

Кидаялиго цо росулъ гIумру гьабун рукIуна кIиго бусурбанчи, мадугьалзаби. Щивасул букIана ах, амма гьезул гьелдехун батIи-батIияб бербалагьи букIана. ТIоцевесес щибаб къойил гъутIби лъалъалан, заманалда кIурулаан, ракьалъе хъулухъ гьабулаан. Пихъ кьедал гьес цин лъадудагун лъималазда кваназабулаан, хадуб мадугьалзабазе кьолан, тIокIлъараб гурони бичулароан.

КIиабилес абуна: «Щай захIмалъи гьабун? Аллагьас ﷻ гьадинги кьолелъул бачIин», - ян. Гьев къанагIат гурони ахикье вахъунароан, бакIарараб пихъги жиндирго хъизамалдасацин бахчулаан. Заманалдасан гьесул гъутIби ракъвана, рукъги дагIба-рагIиялъул цIуна.

Пуланав гIалимас абун буго: «Нужер ахал – хъизамалъул мисалалда руго. ТIоцебесеб ахалъ пихъ кьола, щайгурелъул нужеца гьелда жаниб ургъел, сабру, сахаватлъи лъуна. КIиабилеб хвана - кин букIаниги, гъветIалъецин къваригIуна ургъел, лъикIаб рагIи ва бербалагьи, щиб абилеб инсанасул ракIазул хIакъалъулъ», - ян.

 

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...