Аслияб гьумералде

ХIалтIукьа хIинкъуларо

ХIалтIукьа хIинкъуларо

Исана бугеб ахIвалхIалалъухъ балагьун, гIияхъабазулгун боцIухъабазул кутакалда захIматаб хIалтIи букIана. Нижеца цIех-рех гьабидал, Хунзахъ районалъул ГIочIлоса ГIабид-хIажияв ватана исана хаселги ихги кутакалда разияб хIалалда тIамурав вехь.

ЗахIмалъиги, къварилъиги, къо хIехьейги цадахъ бачун, ракIунтун хIалтIи гьабулев вехь вуго гьев. Гьесул инсулги гIумру ана гIияда. Исана квачараб хасел букIаниги кIвахI тун хIалтIи гьабуна ГIабидица ва хIасилги лъикIаб ккана.

Чахъу къинлъидал Бисмиллагь бахъун гурого кьегIер хахизабуларо ва гьабулебщинаб ишги гьабула бацIцIадаб нияталда. Жиндир заманалда закагIатги бахъула, чиясул хIажатги, гьоболасул мурадги тIубазе хIаракатги гьабула.

Гьев вуго тIарикъаталъул нух ккурав инсанги. Гьесдаса мисал босун хьвадизе нилъееги тавпикъ кьеги гIухьби.

ХУНЗАХЪ РАЙОНАЛЪУЛ ГIОЧIЛОБ РОСДАЛ ГIИЯХЪАБАЗУЛ КЪАВУ

2025-04-15 (Шаввал 1446 с.) №8.


ХIикматал махлукъатал

ЦIунцIра хIикматаб рукIа-рахъиналъул рухIчIаголъи   Гьезул букӀуна жидерго жамгӀияб гӀуцӀи, щибалъе букIуна бихьизабураб хIалтIи-пиша яги мурад: хӀалтӀулеб тайпа, ханзаби, хъаравулзаби, бихьиналгун цIуял. Цо-цо тайпабазул рукӀуна роржине кӀолел куркьбал ругел формабиги, амма жинсияб хурхен...


Ингилисазул жасус

(Байбихьи цересел номеразда)   ГIиракъалда вугев мехалъ цо жоялъ дир ракI рази гьабуна. Цо-цо лъугьа-бахъиназ бицунеб букIана гIусманиязул пачалихъалъе ахир гIагарлъулеб букIиналъул. Щай абуни, Стамбулалъул сардар вукIана жагьилав, хъачIав ва зулмуяв чи. Халкъ гьесдаса рази...


Ражи – сахлъиялъе тӀабигӀияб сайгъат

Исламияб медицинаялда цебегоялдаса нахъе лъалеб букӀана ражиялъул сахлъиялъе бугеб пайда. МухӀаммад аварагас ﷺ рехсана гьелъул пайда, гьеб кванилъ хIалтIизабизе малъа-хъвайги гьабуна. Гьанжесел цӀех-рехаз тасдикъ гьабулеб буго гьел малъа-хъваязул хIикмат, гьеб гӀажаибаб тIагIамалъул гӀемерал...


«ГIолохъабазул буго ургъел»

Россиялъул регионазда ругел Дагъистаналъул вакилзаби рачIун рукIана ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандихъе щвезе. «Нуж руго къватIир ругел нилъер гIолохъабазул ургъалида ругел, хIажалъи ккаралъуб гьезие квербакъи гьабулел чагIи. Гьедин чияр ургъалабазда ругел нужер лъималазул ургъел...


Ригьнал моцI

Шаввал ккола ригьин гьабиялъул моцI. Бичасул аварагас ﷺ ГIаишатги гьеб моцIалъ ячана. Хириял диналъул вацал ва яцал, нилъеда бихьулеб буго хъизан гьабиялъулъ кинаб пайда бугебали дунялалдаги ахираталдаги. Аварагас ﷺ абун буго: «Нужеца нужерго васазе руччабиги раче, ясал рукъалдеги...