Аслияб гьумералде

Баркала, МухIаммад-ГIали

Баркала, МухIаммад-ГIали

Хунзахъ районалъул Байикь ккола гьитIинабго росу. ГIолохъанаб гIелги, росулъ хIалтIи гьечIолъиялъ, шагьаразде ун, росулъ хутIун руго цIакъго дагьал гIадамал.

Росдал дибирлъун вуго МухIаммадГIали. Гьесдаса рази буго гьитIинабго нижер жамагIатги. Берцинаб, гьитIинаб мажгит бугониги, МухIаммад-ГIалие гьениб аскIобго чIезабун буго хIажатабщинаб. Росдае дибирлъи гьаби гуребги, МухIаммад-ГIалица гIахьаллъи гьабула росдал гIаммал хIалтIабазулъ, ккаралъуве вортула кумек гьабун. КIудияб баркала загьир гьабулеб буго росдал жамагIаталъ МухIаммад-ГIалие.

Гьаб хирияб моцIалъги дибирас росдал жамагIат кутакалда рази гьабуна. Рокъоса рахъине кIоларезухъе рокъове хьвадунги, щивас гьитIинаб бугониги, мавлид гьабуледухъ тIобитIана моцI. Гьарула гьесие щулияб иман, сахаб гIумру ва Аллагьасул нухда гьабулеб свак гьечIеб хIалтIи. Аллагь разилъаги МухIаммад-ГIалидаса.

АСАДУЛАГЬИЛ ЯС УМАДХАЙИР

2025-07-01 (МухIаррам 1447 с) №13.


Къуват цIилъизабизелъун

Риидалил заманалда гIе-мерисев чиясе бокьула хIухьбахъи гьабизе батIи-батIиял бакIазде ине. Нилъее Аллагьас гьарзаго гьелъие ресалги кьун руго. Бусурбанчиясул щибаб иш нияталда борцунелъул, гьедин, киве вугониги унев чиясул щиб ниятха букIине кколеб?   Аварагас ﷺ абуна: «ХIакълъунго,...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Дагьал церегIан къоязда «Ас-салам» казияталъул хIалтIухъаби щвана Хунзахъ районалъул ГьоцIалъ росулъе. Гьеб буго ХIамзат-бег имамасул росу ва махщелчагIаздалъун машгьураб. Гьениса рахъана гIезегIан цIаларал чагIи, жамгIиял хIаракатчагIи. ГьоцIалъе гьабураб сапаралъул хIасилалда нижее...


ТIадеялъул хIежалде хIадурлъи

«Мавра-туралъ» лъазабухъе, гьанжего байбихьун буго тIадеялъулалде хIежалде ине бокьаразул гIарзаби къабул гьаризе. Исана 31 октябрялде щвелалде, гьенире ине бокьараз тIубараб роценалда гIарац кьуни, гьениб хиса-баси букIине гьечIо. ХIежалде ине бокьараз кьезе ккола гьадинал...


Беразе тимар гьаби

Нилъеца цӀакъ къанагӀат гурони пикру гьабуларо ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъее кьурал берал гIадинал нигIматазул.   КъанагӀатав чияс гурони пикруги гьабуларо беразул ургъел гьабизе кколин абураб жоялъул. Аби буго: «ГIинкълъиго лъикI канлъи инегIан», - абураб. Щайгурелъул беразул...


ХIурматиял лъимал!

МухIаммадова РайхIанат, ТIелекь росу. МухIаммадова РайхIанат, ТIелекь росу. ГIусманов СагIид, 8 сон, ХIариколо росу. Сайгидова Марям, 6 сон. Сафия ва Хадижат, ЦIумилухъ росу. ХIалимат, 8 сон, Дилим росу. ХIажигIалиев ГIумар, 9 сон, ЦIияб ИчичIали росу. ХIусенов Халид, Кокрек...