Аслияб гьумералде

Къуват цIилъизабизелъун

Къуват цIилъизабизелъун

Риидалил заманалда гIе-мерисев чиясе бокьула хIухьбахъи гьабизе батIи-батIиял бакIазде ине. Нилъее Аллагьас гьарзаго гьелъие ресалги кьун руго. Бусурбанчиясул щибаб иш нияталда борцунелъул, гьедин, киве вугониги унев чиясул щиб ниятха букIине кколеб?

 

Аварагас ﷺ абуна: «ХIакълъунго, щибаб иш нияталда рекъон букIуна», - ян (Бухари). КигIан дунявияб иш бугониги, битIараб ният гьабиялъ, гьеб Ахираталъул гIамалалде сверизабула. ГIаксалдаги, гIибадатин бугеб пиша, квешаб нияталдалъун, рихьдае гьабиялдалъун, дунявияб, жиндихъ кири гуреб, гIазаб бугелде сверула.

ХIухьбахъизе къватIире унезеги, гьез ният гьабуни, рухIиябгун чорхолаб къуват цIилъизабизе, гьелдалъун Аллагьасе гIибадат гьабизе гъира къвакIизе ва хIалтIиялде цIияб къуватгун байбихьун, Аллагь разияб хIалалъ, бищун Аллагьасе вокьулев лагъ - гьезда гьоркьоса бищун пайдаяв вукIинги кьочIое босун, цIикIкIун пайда гIадамазе гьабизе. Гьединаб ният гьабуни, рахIат гьаби, хIухьбахъи кириялде сверила.

Хъизан-лъималгун унезе бегьула, хъизамалъул гьоркьоблъи щулалъиялъе, лъагIалица бажарулареб, цоцазда аскIоб заман тIамун, сухIбат гьабиялъе ният гьабизе. ГIагарлъигун гьоркьоблъи лъикI гьабиялъул кири бицун хIал кIолареб буго. Лъимал рохизариялъул нияталда инеги бегьула. ХIадисаз бицухъе, рукIуна цо-цо мунагьал, лъимал рохизариялдалъун гурони чуруларел.

Амма бусурбанчиясда, тIоцебесеб иргаялда, тIадаб буго халгьабизе, жив унеб бакIалъе шаргIалъ кинаб къимат кьолебали. Ралъдахъе араб мехалъги, гIавратлъун рикIкIунеб щибаб бакI загьир гьабизе хIарамаб буго, руччабазе букIа, бихьиназе букIа. ГIаврат бахчичIел руччаби ругеб ралъдал рагIаллъиялда вукIине бусурбанчиясе хIарамаб буго. Бусурбанай чIужугIаданалдаги кIочене бегьуларо, жий кий йигониги Аллагьасда йихьулеблъи, БетIергьанасул шаригIат кибго цIунизе кколеблъи. Гьелъул ретIа-къай, хьвада-чIвади, рукъалдаса рикIкIалъунин абун, БетIергьанасдаса рикIкIа-лъуларелъул, кинабго Аллагь разияб хIалалда букIине ккола. КъватIие яхъунелъул, цадахъ махIрамиявги вукIине ккола.

ТIабигIаталде индал рацIцIалъи цIунила, гьеб иманалъул бащалъи ккола. Чороклъи, рищни-къул нужедаго хадуб бакIарун, цIа свинабун, цIодорлъи гьабила.

Унго-унгояб, жинда хадуб тIокIаб захIмалъи гьечIеб свак чучи, рахIат Алжаналда, Аллагь разияб гIамал бугесе букIине буго. Бусурбанчиясе туснахълъун бижараб гьаб дунялалда, кIванагIан хIаракат бахъила ахираталъе гIамал гьабизе.

Аллагьас нилъ киналго гьареги унго-унгояб Алжаналъул рахIат насибаздасан. Амин.

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...