Аслияб гьумералде

Мажгит цIи гьабуна

Мажгит цIи гьабуна

Шамил районалъул ГиницIороб росулъ букIана басриябго мажгит. Рес букIинчIо гьеб цIи гьабичIого. Гьединаб хIалги бихьун, хIалтIи гьабизе цеве вахъана Хириясул МухIаммад.

Амма гьев Аллагьасул ﷻ къадаралде щвана. Кин бугониги гьес байбихьи лъураб иш рагIалде бахъинабизелъун хIалтIана росдал жамагIат. ХIажатал сурсатал чIезаризе кумек гьабуна шагьаралда гIумру гьабулел росуцоял Гъазибеговаз, ГъазимухIаммадоваз, ХириясулмухIаммадоваз, ГIамир-хановаз, ГIамаеваз, Хайрулаеваз, Малилаеваз ва цогидазги. Кирпичалдалъун кумек гьабун букIана мунагьал чураяв Шабанов МухIаммадица. Кумекалъе рачIана мадугьалихъ росабалъа жамагIаталги. Гьезиеги буго баркала.

Гьаракь берцинав будун

Росдал мажгиталда будунлъи гьабулеб буго ГIамирханил Лабазанил вас МухIаммадица. ГIолохъанаб заманалда пединститутги лъугIизабун росулъе учительлъун хIалтIизе вачIаралдаса, МухIаммадица, щибго мухьги босичIого росдае будунлъи гьабулелдаса 22 сон буго. Гьесул как ахIулеб гьаракь рагIула сверухъ ругел Зивуриб, ТIелекь, ТIогьохъ ва цогидалги росабалъе.

МухIаммад цохIо будунлъи гьабунги чIоларо. Гьес росдал гIи-боцIул гIадлу-низамги гьабула.

Рорхатал мугIрузда, магIарул росулъ
Будунасул гьаракь рагIулеб буго.
Аллагь кIодо гьавун, такбирги бачун
ХIабибасул уммат хвасар гьабеян. 

Заирбег МухIаммаднабиев, Шамил район, ТIогьохъ росу

2025-07-01 (МухIаррам 1447 с) №13.


ХIалбихьизе лъугьин

Абу ГIабдуллагь МухIаммад ибну ГIали ал-ХIакиму Тирмизию вукIана бергьарав гIалимчи, Аллагь ﷻ лъаялде вахарав вали, хIадис-гIелмуялъул имам. Гьев ккола Термеза абураб бакIалдаса (гьанжесеб Узбекистан).   Цо нухалъ гьев вахъуна гIелму тIалаб гьабун къватIиве. Гьеб заманалда Тирмизи...


Аварагасул ﷺ кьижулеб бакI

Аварагасул ﷺ бусен букIана чамасдакIалъул гъотIол тIамахалъул цIураб. Гьелъул халалъи букIана кIиго гIункьрукI ва гIеблъи букIана - цо гIункьрукI. Авараг ﷺ кIванагIан дунялалдаса рикIкIад вукIана. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесие кьуна гьаб дунялалъул хазинабазул киналниги кIулал, амма гьес къабул...


ТIохьотIа мажлис

ЛъаратIа районалъул ТIохьотIа росулъ тIобитIана машгьурав гIалим НурмухIаммад ракIалде щвезавиялъул хIурматалда мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель ШагIбан Рамазановас, КIикIуни росдал имам ХIасан-хIажица, ЧIикIаб росдал имам МухIаммад ГьитIиновас,...


Къуват цIилъизабизелъун

Риидалил заманалда гIе-мерисев чиясе бокьула хIухьбахъи гьабизе батIи-батIиял бакIазде ине. Нилъее Аллагьас гьарзаго гьелъие ресалги кьун руго. Бусурбанчиясул щибаб иш нияталда борцунелъул, гьедин, киве вугониги унев чиясул щиб ниятха букIине кколеб?   Аварагас ﷺ абуна: «ХIакълъунго,...


Курми хIана футбол

Курми росулъ тIобитIана, МухIаммад МухIаммадовасул хIурматалда, мини-футболалъул рахъалъ чемпионат. Гьениб гIахьаллъи гьабуна чIахIиязул 8 ва гIолилазул 4 командаялъ. Турнир рагьиялъул тадбиралда гIахьаллъи гьабуна Хьаргаби районалъул имамзабазул советалъул председатель Тажудин...