Аслияб гьумералде

Баркалаялъул кагъат

Баркалаялъул кагъат

Дун ккола Шамил районалъул ХIорода росулъа Расулова ПатIимат Зубаировна.  Дагьаб цебегIан егун йикIана ХIебда бугеб райбольницаялъул хирургияб отделениялда.

 

Гьенир ратана цояздаса цоял лъикIал тохтурзаби, сестраби, санитаркаби. Гьединлъидал, казият гьоркьобккун, щуабилеб палатаялда регун рукIаразул рахъалдасан ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабизе бокьун буго отделениялъул нухмалъулев Магьдиев ГIумарасхIабие.

ГIумарасхIаб щибаб къойил вачIунаан палаталде ва цIех-рех гьабун, регаразул ракI батулеб калам гьабулаан. 

Дица гьениб бана 12 къо, АлхIамдулиллагь, саламатаб мадарги лъугьана.

Гьединго баркала кьезе бокьун буго: Х. ГъазимухIаммадовалъе, Р. МухIаммадовалъе, Н. МухIаммадовалъе, С. МуртазагIалиевалъе, П. МухIаммадовалъе, Р. МухIаммадовалъе, С. Къурбановалъе, С. ГIабдулаевалъе, М. Къурбановалъе.

Аллагь разияб гIумру кьеги киназего, лъимал-хъизамаздаса, гьабулеб ишалдаса рохун хутIаги.

 

2025-07-01 (МухIаррам 1447 с) №13.


Киса щолеб?

Щибаб хъизамалъул анищ букIуна жидерго рокъоб парахатаб гIумру букIин. Амма кинабго гуро нилъеда барабги букIунеб. Бищун аслияб жо буго Аллагьасул ﷻ рахъалдасан хъизамалъул баракат букIин.   Рокъоб баракат букIин буго Аллагьасул ﷻ рахъалдаса рещтIараб рахIматгун цIоб. Гьелъ кьола рекIее...


Хъвартихьуни – гIалимзабазул мажлис

Хьаргаби районалъул Хъвартихьуни росулъ тIобитIана, машгьурав гIалим Хъвартихьуниса МухIаммад ракIалде щвезавиялъул хIурматалда, мажлис. Гьеб баракатаб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандицаги республикаялъул хIуку-маталъул председатель ГIабдулмуслим...


Шайих МухIаммад-афандил хIурматалда - мажлис

Гумбет районалъул Игьали росулъ тIобитIана Инхелоса Мансурил МухIаммад-афандил хIурматалда мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ва вагIза-насихIаталгун кIалъана муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIалиасхIаб Разакъов, Гумбет районалъул имамзабазул советалъул председатель Мурад Насрудинов,...


ХIалбихьизе лъугьин

Абу ГIабдуллагь МухIаммад ибну ГIали ал-ХIакиму Тирмизию вукIана бергьарав гIалимчи, Аллагь ﷻ лъаялде вахарав вали, хIадис-гIелмуялъул имам. Гьев ккола Термеза абураб бакIалдаса (гьанжесеб Узбекистан).   Цо нухалъ гьев вахъуна гIелму тIалаб гьабун къватIиве. Гьеб заманалда Тирмизи...


Иблисалъул загьруяб гулла

ХIурматиял вацалгун яцал, нилъеца гIумру гьабулеб буго иман загIиплъараб, къойидаса къойиде нилъерго лугбал мунагьаздаса цIунизе захIмалъулеб заманалда.   Хинаб гьава-бакъ байбихьарабго цо-цо бусурбаби, ратIлидехун бугеб исламалъул тIалабал цIуничIого, къватIире рахъуна жидерго черхалъул рахчизе...