Аслияб гьумералде

Киса щолеб?

Киса щолеб?

Щибаб хъизамалъул анищ букIуна жидерго рокъоб парахатаб гIумру букIин. Амма кинабго гуро нилъеда барабги букIунеб. Бищун аслияб жо буго Аллагьасул ﷻ рахъалдасан хъизамалъул баракат букIин.

 

Рокъоб баракат букIин буго Аллагьасул ﷻ рахъалдаса рещтIараб рахIматгун цIоб. Гьелъ кьола рекIее парахалъи, талихI ва бугелдаса разилъи. Баракат загьирлъула лъикIлъи гьаби цIикIкIиналдалъун, къварилъабазулъ цоцазе хIал кьеялдалъун ва хъизамалда жаниб рекъел букIиналдалъун.

Баракат букIуна, дагьаб бугониги, бугелда гIей ва шукру гьабизе лъаялдалъун. ГьитIинаб, гIадатияб рукъ-мина бугониги, ракIал разияллъун ругеб мехалъ, гьениб гIатIилъи ва нур букIуна.

Хъизамалда жаниб бугеб рокьа-хинлъиялъ, адаб-хIурматалъ, сабруялъ Аллагьасул ﷻ рахIмат тIаде цIала. Аварагас ﷺ абун буго: «Нужер лъикIал хъизамаздехун лъикIал руго…», - ян (Тирмизи). Гьедин абиялдалъун Аварагас ﷺ бихьизабулеб буго чиясул лъикIлъи загьирлъулин бищун гIагараздехун берцинаб вукIа-вахъиналдалъун вугеб хIалалъин.

Хъизамалъулъ: лъикIаб, берцинаб, сабруяб, тIалаб-агъаз, тарбия гьабиялъулаб рукIа-рахъин буго – щулияб иманалъул ва тIадегIанаб гIамал-хасияталъул гIаламатлъунги. Гьелда жаниб буго баракатги. Жеги хIадисалъ бихьизабулеб буго ислам байбихьулеблъи чиясул жиндир рокъосан абураб жо ва гIадамазул бищун лъикIалги – рокъоб цоцаздехун гурхIел букIунел, къиматгун рокьа-хинлъи бихьизабулел ругеллъи.

Кин букIунеб баракат?

- Как жамгIатгун баялдалъун.

- РакIалда гьечIого лъикIаб калам гьабиялдалъун.

- Сайгъатал гьарулел ругони, гьитIинал рукIаниги.

- Цоцазе гьабулеб дугIаялдаса, хасго жалго жидедаго ругеб мехалъ.

- Сабруялдаса ва тIаса лъугьиналдаса. Ццим бахъине рес букIараб, амма дуца хIеренлъи бихьизабура мехалъ.

- Аллагьасул ﷻ разилъи щоледухъ лъимал гIезариялдаса.

Рокъоб баракат букIин буго иманалъул, такъваялъул, лъикIал гIамалазул ва Аллагь ﷻ рехсеялъул хIасил. Рокъоб цIикIкIун Аллагьасдехун ﷻ гIамал гьаби бугебгIан мехалда баракатги цIикIкIун букIуна.

Аллагьас ﷻ нилъер рукъзал цIезареги Жиндир ﷻ баракат-рахIматалдалъун! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...