Аслияб гьумералде

Шамил

Шамил

Районалъул имамзабазул советалъул председатель Юсуф ТIалхIатов ва ХIебда росдал имам МухIаммад МухIаммадов щвана Бакълъухъ росулъе. Гьез гIахьаллъи гьабуна росдал мадрасалъул хIалтIул хIисаб кьеялъулаб тадбиралда. Гьениб Ю. ТIалхIатовас бицана лъай тIалаб гьабиялъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Тадбиралъул ахиралда лъикI цIаларал ва сундулъго гIадлу-низам бихьизабурал студентазе кьуна грамотабигун сайгъатал.

ЧIАРАДА

ЦерегIанго къоязда районалъул имамзабазул советалъул председатель ГIузаир Давудовги, муфтияталъул лъай кьеялъул районалда бугеб отделалъул нухмалъулев ШагIбан ХIапизовги, Магъар росдал имам ГIусман МухIаммадовги дандчIвана «ЧIарада» газеталъул коллективгун.

Гьениб бицана районалъул гIадамазе рухIияб лъай кьеялъул бугеб кIваралъул ва гьеб рахъалъ цадахъ рекъон гьабизе бегьулел хIалтIабазул хIакъалъулъ. Халкъалда гьоркьоб бичIчIикьеялъулал ишал гьаризе газеталъул бугеб ресалдаса пайда босизе ккелинги абуна гьез.

ГЪУНИБ

ЧIорбутI речIчIиялъул рахъалъ къецал тIоритIана МахIачхъалаялда гIумру гьабун ругел СалтIа росдал гIолилазда гьоркьоб. Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил МухIаммад Дибирдадаевас, Гъуниб районалъул имамзабазул советалъул председатель Ибрагьим Къулдуевас, муфтияталъул председателасул кумекчи Даниял Умаиловас, «МахIачхъалаялъул гIолилал» гIуцIиялъул председатель Шамил ХIасанхIусеновас, росдал собраниялъул депутат МухIаммад Ибрагьимовас, жамгIиялгун диниял хIаракатчагIаз.

КIалъазе рахъараз бицана вацлъи цIунизе ккеялъул, гIолилазул хьвадачIвадиялъул, щивав чи жиндирго тIабигIат-гIамал берцин гьабиялда тIад хIалтIизе кколеблъиялъул хIакъалъулъ. Гьединго бицана экстремизмалдаса, терроризмалдаса ва наркоманиялдаса рикIкIад чIезе кколеблъиялъул хIакъалъулъги.

ХЬАРГАБИ

Районалъул имамзабазул советалъул председатель Тажудин ГIабдулаев щвана районалъул администрациялде. Гьев ва цадахъ вукIарав муфтияталъул лъай кьеялъул районалда бугеб отделалъул нухмалъулев МухIаммадсултан ГIабдулаев дандчIвана районалъул бетIерасул заместитель АсхIабгIали Маликовгун.

Гьез бицана районалда бугеб ахIвал-хIалалъул, дандрана гIолеб гIелалъе тарбия кьеялъул мурадалда гьаризе бегьулел хIалтIаби, гьединго бицана экстремизмалъул, терроризмалъул ва цогидалги квешал ишазул идеябаздаса кин цIунизе бегьулебали. Районалъул бетIерасул заместитель АсхIабгIали Маликовас абуна гьеб рахъалъ гьаризесел тадбиразе квербакъи букIине бугин ва баркала загьир гьабуна гьалбадерие.

УНСОКОЛО

Муфтияталъул лъай кьеялъул мугIрузулаб округалда бугеб отделалъул нухмалъулев МухIаммад ГIалиев дандчIвана Унсоколо росдал №1 школалъул цIалдохъабигун. ДандчIваялда гIахьаллъи гьабуна лъай кьеялъул районалда бугеб отделалъул нухмалъулев МухIаммад ГIабдулхIажиевасги. Гьез бицана наркоманиялъул бугеб заралалъул ва лъимал ахIана гьелдаса рикIкIад чIезе. МухIаммад ГIалиевас лъималазе бицана наркоманиялъул бугеб заралалъул ва абуна гьел хIалтIизаризе лъугьарал ругин талихIкъарал гIадамалилан.

ХУНЗАХЪ

Муфтияталъул лъай кьеялъул районалда бугеб отделалъул нухмалъулев МухIаммадгIали МухIаммадбегов ва ЛъагIилухъ росдал имам ХIамзат Хайрулаев щвана Дагъистаналъул халкъияв поэт ГIабасил МухIаммадил рокъоре ва дандчIвана гьесул лъади Савдатгун. ГьабсагIаталда ГIабасиласул рукъ буго битIахъе музеялде сверизабун ва гьенире рачIуна гIемерал гьалбалги. Савдатица гьезие бицана ГIабасил МухIаммадил хIакъалъулъ, гьесул творчествоялъул ва кин гьес гIумру тIамурабали.

БОЛЪИХЪ

Районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад Къурбановги муфтияталъул лъай кьеялъул районалда бугеб отделалъул нухмалъулев ИсмагIил Ибрагьимовги дандчIвана лъай кьеялъул идарабазул нухмалъулелгун. Гьез бицана цадахъ рекъон гьаризе бегьулел хIалтIабазул хIакъалъулъ ва лъикIаблъун бихьизабуна батIи-батIиял темабазда тIасан росабазул школазул лъималазда цере рахъине бегьилаанин абун. А. Къурбановас бицана учительзабазул хIалтIул кIваралъул хIакъалъулъги.

ЦIУМАДА

«Сахлъиялъул паркалда» тIобитIана централияб мажгиталъул мутагIалимазда гьоркьоб къец. Гьеб тIобитIиялъе хIаракатчилъи бихьизабуна Агъвали росдал имам Рамазан ГIисаевас ва ДЮСШалъул тренер МухIаммад МахIмудовас. Лъималазда гьоркьор къецал тIоритIана рекериялъул, кIанцIиялъул ва турникалда цIаялъул рахъалъ. Бергьаразе ва гIахьаллъи гьабуразе кьуна сайгъаталги.

БУЙНАКСК

Буйнакск шагьаралъул ва районалъул имам Мурад ИсмагIилов, лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев ГIабдулмуъмин ХIажиев, «Инсан» фондалъул вакил Сулейман ГIумаров ва цогидалги щвана шагьаралъул ЦГБялде. Гьезул аслияб мурадги букIана онкологиялъ унтарал гIадамазухъе щвей ва гьезул ракI батизаби. Гьениб бицана рак унти сах гьабизе бегьулеблъиялъулги гьелъ унтунин абун тIубанго дунялалдаса ракI буссун рукIине бегьулареблъиялъулги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...