Аслияб гьумералде

АхIмад-хIажи ТIагьаев ракIалде щвезавуна

АхIмад-хIажи ТIагьаев ракIалде щвезавуна

Гьал къоязда Гумбет районалъул Килалъ росулъ тIоритIана тушбабазул квердасан гIумруялдаса ватIалъарав жамгIиявгун динияв хIаракатчи ТIагьаев АхIмад-хIажил цIаралда мугIрузул районазда гьоркьосел волейболалъул къецал.

Гьелъул аслияб мурадги букIана гIолохъабазда гьоркьоб цоцаздехун рокьи цIикIкIинаби, спорталде гIун бачIунеб гIел гьетIизаби ва халкъалда гьоркьоб ракълилал гIамалалгун тIабигIатал куцай.

Баян

АхIмад-хIажи гьавуна 1948 соналда. Дагъистаналъул медицинаялъул институтги лъугIизабун, хIалтIана Хасавюрт шагьаралъул «Хехаб кумекалда» тохтурлъун, хадуб - лъималазул тохтурлъун. 1990 соналдаса нахъе хIалтIана Дагъистаналъул Динияб идараялда, батIи-батIиял хъулухъазда: орготделалъул нухмалъулевлъун, муфтиясул наиблъун. ГьитIинго щваралде тIадеги гьес исламияб лъай гъварид гьабуна. ТIоцебесеб къоялдаса нахъе ислам цебетIезабиялъе тIолго къуват биччан хIалтIана. ГIаммаб халкъалда гьоркьов АхIмад-хIажи машгьурав вукIана маслихIатчилъун, бацIцIадаб хIалалда ислам цIуниялда тIад хIалтIулев чилъун. ГIемер хъвалаан газет-журналазда исламалъул хIакъалъулъ, Динияб идараялъул хIалтIул, гIалимзабазул бицун батIи-батIиял макъалаби. Ахирал соназда гьес рагьун букIана «Нравственность» абун цIар бугеб жамгIияб гIуцIи. Гьес рорхулаан жамгIияталъе кIвар бугел суалал, масала, гIаракъи-жа къватIибе биччаялда тIад къвакIараб хъаравуллъи букIинабизе ккеялъул, школазда васал ва ясал батIа-батIаго цIализари, вагьабияталъ Дагъистаналде бачун бачIараб балагь щиб кколебали халкъалда бичIчIизаби ва гь. ц. Гьел суалалгун гIемер цеве вахъунаан телевидениялдасан, радиоялдасан, газетаздасан. Гьес чанго соналъ ТВЦ-каналалдасан бачана «Путь к истине» абулеб исламияб передача.

АхIмад-хIажи вукIана хIалимав, гьимун гурого гIадамасда кIалъаларев, ракI тIеренав, ислам жиндалъун берцинлъарав ва жив исламалъ берцин гьавурав, ккараб бакIалда хIакъаб рагIи абичIого чIоларев чи.

Къецазда гIахьаллъи гьабуна мугIрузул районаздаса анцIго командаялъ. Мажлис рагьулаго ракIалде щвезавуна АхIмад-хIажи ТIагьаев, бицана гьесул гIумрудул нухлул хIакъалъулъ. Гьесул, гьединго, киналго шагьидзабазулгун дунял тун аразул рухIалдасан цIалана Къуръаналъул сураби ва гьабуна дугIа.

Кутакалда тIадчIей гьабуна хIаязда гьоркьоб дагIба-къец, цоцазул ракI хвараб жо биччачIого теялде. Гьелъухъ гIинтIами гуребги, гьедин берцинго рагIалдеги рахъана хIаял.

Ахиралде ккарабгIан хIаязул хIалуцин цIикIкIунеб букIана. Гьединго балагьаразулги гъира цIикIкIун, жиде-жидер команда бергьине бугеб хьулалъ рахIат толеб букIинчIо. МашаАллагь, гьел къецаз гIезегIанго чи данде гьавуна.

Квер биччарал сахаватчагIазул кумекалдалъун къецазде рачIаразе хIадур гьабун букIана квен-тIехги. Гьелъул харжал тIаде росана ЦIияб Килалъ гIумру гьабун вугев Хайрулагьил МухIаммадил вас НурмухIаммадица. Бергьенлъи босаразе гIарцулал сайгъатазе ва цогидалъеги гIолохъабаз данде рехун букIана къваригIараб-тараб. Гьел къецал гIуцIи тIаде босана росдал администрациялъул амруялда гъоркь, Килалъ росдал школалъул мугIалим Насрулаев МухIаммадица.

ТIагьаев АхIмад-хIажил гIагарлъиялъ ракI-ракалъулаб баркала загьир гьабулеб буго гьел тадбиразда гIахьаллъи гьабунщиназе. Аллагьас цIунаги нилъ нагагьал балагьаздаса. Амин!

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...