Аслияб гьумералде

Балъгояб гIелму

Балъгояб гIелму

ИхIсаналда ва тасаввуфалда тIасан камуларо кIалъай гьабулел чагIи. Гьайгьай, цереги рукIана гьел, жакъаги руго. Амма ихIсаналъе, тасаввуфалъе Фахруддин Разияс лъикIаб баян кьун буго жиндирго тафсиралда, сура «ФатихIа» баян гьабулеб бакIалда.

«ИхIсан абула дуца дурго БетIергьанасе лагълъи гьабиялда, дуда Гьев вихьулев гIадин. Дуда Гьев вихьичIониги Гьесда мун вихьулев вугелъул. ИхIсан ккола тасаввуф». («ФатхIул Мубин»)

«Аллагьасде хьул лъейги, Гьесдаса хIинкъиги рекIелъ бижизабулеб, Гьесдехун рокьиги цIикIкIинабулеб гIелму тIадаб букIиналда исламалъул тIолалго гIалимзаби тIад рекъана. Исламалъул гIемерисел гIалимзабаз гьеб гIелмуялда тасаввуфилан абула. Цо-цо гIалимзабаз гьелда ихIсаниланги абула». («Фикъгьу ссират»)

Тасаввуф-тIарикъат - щаклъи гьечIо гьеб ихIсаналъул макъам букIиналда, гьебги Аллагьасдаса рещтIараб диналъул лъабабго бутIаялъул цо бутIа ккола». («Ал-Интисар» МухIаммад Сидикъ аль-Гъимари)

КIудияв гIалим ва тарихчи ибну Халдуницаги лъикIаб къимат кьолеб буго тасаввуфалъе. («Мукъаддимат ибн Халдун»)

Гьаб цебе рехсаралдасан бихьула ихIсанги тасаввуфги цого жо букIин. ХIакъикъаталдаги Аллагь вихьулеб гIадин гIибадат гьабиялъул даражаялде инсан вахине ккани, квешал хасиятаздаса ракI бацIцIад гьабизе, лъикIал хасиятаздалъун ракI берцин гьабизе ккола, Аллагь гIемер рехсон, Аллагьасда ракI хурхинабун, хIузур даим гьабун, Гьев вокьи цIикIкIинабун ракI къачIалеб, рухIияб тарбия кьолеб батIинаб гIелму ккола тасаввуф.

Гьедин ракI къачIан хадуб гурони, Аллагь вихьулев гIадин Аллагьасе лагълъи гьабиялде инсан щоларо. Тасаввуфалъул имамзабаз гIадамал ахIула Къуръан-хIадисалдаса, исламияб шаригIаталдаса бахъараб жо гьабунгутIиялде, Къуръан-хIадис ва шаригIат щулаго кквеялде. Масала, Жунайдул Багъдадияс абуна: «Аллагьасде унел киналго нухал къарал руго. Аварагасул ﷺ лъалкIдасан арал, гьесул суннаталда нахърилълъарал гIадамазе хутIун», - абун.

Зуннунил Мисрияс абуна: «Аллагь вокьиялъул гIаламатаздасан ккола Аварагасул ишаздаги, хасиятаздаги, рагIабаздаги, суннаталдаги нухърилълъин», - абун.

Сарию ас-СакъатIияс абуна: «Суфияв вукIине ккола варагIалъул нурги свинабуларев, загьираб Къуръан-хIадисалда данде кколареб балъгояб гIелмуялдалъунги кIалъаларев, жиндир караматаздалъун Аллагьас кьурал хIарам гьарурал жалги гьабуларев», - абун. Бишрул ХIафияс бицана Аллагьасул Расулас r макьилъ жинда абунин: «Аллагьас мун дур кьерилаздаса тIокI гьавуна, дир суннаталда мун нахъвилълъин сабаблъун», - ан. Абу Сулайман ад-Дараниясги абуна: «Дир ракIалъе цо хIикматаб жо бачIани, дица гьеб къабул гьабуларо, кIиго жоялъ нугIлъи гьабун хадуб гурого, ай Къуръаналъги хIадисалъги», - ян. Абу ХIафс аль-ХIаддадица абуна: «Жиндир рагIабиги, ишалги, хIалалги КъуръанхIадисалъул цIадирабазда лъоларев чи камилал гIадамаздасан рикIкIунаро», - ян.

Абул ХIасан ан-Нурияс абуна: «Цояс абуни жиндир Аллагьасда аскIоб хIал шаргIияб гIелмуялдаса эркен гьабураб бугин абун, гьев бидгIачи ккола, нуж гьесдаса цIуне». Сагьл бину ГIатIаица абуна: «ШаригIаталъул адабазда тIадчIей гьабурав чиясул ракI Аллагьас жив лъаялъул нуралдалъун гвангъизабула», - ян. Абу ХIамзат аль-Багъдадияс абуна: «Аллагьасде ине нух малъулеб жо гьечIо МухIаммад Аварагасда нахъвилълъин гурого, киналго рагIабазулъги, пишабазулъги, хIалазулъги», - ян.

Абу ИсхIакъ Арракъияс абуна: «Аллагь вокьиялъул гIаламат Гьесие мутIигIлъиги Гьесул Аварагасда нахърилълъинги буго», - ян.

Мамщад Динурияс абуна: «Муридасул адабаздасан ккола шаргIиял адабал хIалтIизарулевлъун вукIин».

ГIабдулкъадир Жиланияс абуна: «ШаригIаталъ тасдикъ гьабулареб хIакъикъат зиндикълъи ккола», - ян. Зиндикъилан абула тIаса бусурбанав, жаниса капурав чиясда. Гьединго гьев мубаракас абуна: «Мун Аллагьасухъе воржа Къуръаналъулги хIадисалъулги кIиябго кваркьиялдалъун», - ян.

ГIабдул Вагьгьаб аш-ШагIранияс абуна: «ТIарикъаталда вугев муридасул кинабго вагъариги чIейги шаригIаталъул цIадирабазда лъун букIине ккола»,-ян.

АхIмад Зарукъияс абуна: «Суннатаздалъун жив загьирлъуларев шайихасул аза-азар карамат бихьаниги гьесда нахърилълъине бегьуларо», - ян.

Ибрагьим Насрабазияс абуна: «Суфизмалъул аслуго Къуръан-хIадисалда тIадчIей гьабиги гьава-напс рикIкIад гьабиги ккола», - ян.

МухIаммад Накъшубандияс абуна: «Гьаб нижер нух МухIаммад Аварагасул суннаталдаги асхIабзабазул, табигIиназул асараздаги нахърилълъиналда бухьараб буго», - ян.

АРСЛАНГIАЛИ ГIУМАРОВ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...


ГIажаибаб мугIжизат

Къуръан ккола жибго бищун кIудияб мугIжизат. Ва щибаб нухалъ гьеб лъазабидал гIажаиблъизеги гьарула. Гьелда жаниб географиялъулги хIикматал руго.   Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: وَهُوَ الَّذِي خَلَقَ اللَّيْلَ وَالنَّهَارَ وَالشَّمْسَ وَالْقَمَرَ كُلٌّ فِي فَلَكٍ يَسْبَحُون   МагIна:...


ГIибадат гьабизе рес

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана хаслихълъиялъул къоял. БагIарараб рииги тIаса ун, гьогьомиялъ кверщел гьабуна ракьалда. Гьайгьай, сордоги кIодолъана, къоги саламатго гьитIинлъана. ГIибадат гьабизе заманги лъикIаланго эркенлъана.   БагIарараб риидалил гьитIинаб сордо бугеб мехалда...


Президентас ХасмухIаммадида баркана

Россиялъул президент Владимир Путиница баркана Дагъистаналъул хӀурматияв инсан, 95 сон тӀубарав ХасмухӀаммад Абубакаровасда гьавураб къо. Дагъистаналъул кӀудияв эменин абула гьесда гьев лъалел чагӀаз. Гьесул гӀумру буго къвакӀиялъул ва исламалъе хъулухъ гьабиялъул мисаллъун. Гьес гӀумру гьабуна...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...