Аслияб гьумералде

КIвар бугел масъалаби

КIвар бугел масъалаби

Нилъеда лъала дин гIуцIун букIин иманалдаса, исламалдаса, ихIсаналдаса. ИхIсаналъул къокъаб баян ккола ТIадегIанав Аллагьасе ракI бацIцIадго тIагIат гьаби.

Иманалъул руго жиндирго къагIидаби, тIахьал ва имамзаби. Гьез борхичIеб суалги течIо. Исламалъулги руго хасал имамзаби ва гьез хъварал тIахьал. Масала какил, кIалалъул, хIежалъул ва гьел гурел цогидалги суалазул баян гьабуна. Нилъеца гьикъуларо гьеб киса бачIарабин, лъугьунаро инкар ва дагIба гьабизе.

Иман-исламго гIадин бачIараб буго ихIсанги, гьелъулги руго хасал имамзаби ва буго жиндирго къагIидаги. Гьел ккола рекIел тохтурзаби. Диналъул гьеб лъабабилеб бутIаялде инкар гьабулесул щибха кколеб?

Масала, гIемер абула тасаввуфалъул агьлуялъ абулин Къуръан-хIадисги тун, кашфуялда гIамал гьабизе кколин абун. Гьелъул баян щиб ва щай гьез гьедин абулеб?

ТIарикъаталъул имамзабаз Къуръан-хIадисалда данде кколареб кашфуялда гIамал гьабизе бегьуларин абула.

Жиндир заманалда дунялалдаго тасаввуфалъул бищун кIудияв имамлъун вукIарав Халидшагь Багъдадиясул хIакъалъулъ машгьурав гIалимчи МухIаммадамин Сувайдияс бицана, Халидшагьас абунин: «Накъшубандияб тIарикъаталъул шайихзабазда аскIоб кашфуялда гIамал гьабизе бегьуларо», - ян.

Гьеб мехалъ дица гьесда цIехана: «ГIакъидаялъулги усулалъулги гIалимзабаз абулеб бугогури, Къуръан-хIадисалда данде кколеб хIакъаб кашфу бугони, гьелда гIамал гьабизе бегьулин», - абун.

Халидшагьас абуна: «Гьеб мехалъги гIамал гьаби Къуръан-хIадисаздасан букIуна, кашфуялдалъун букIунаро», - ян. («ХIадикъату Ннадият»).

Тасаввуфалъул агьлуялда гIайиб чIвала гьез устар, аварагго гIадин, мунагьго ккезе рес гьечIевлъун рикIкIунев вугилан. Гьелъул баян кинаб бугеб?

Гьеб агьлуялда гьез бугьтан лъолеб буго. Гьелъул магIна кколаро, цогидалгIадин вализабазулги мунагь кколин абураб.

Аварагзаби ккола Аллагьас цIунарал чагIи, мунагь ккезе рес гьечIел. Устарзаби ккола, гьединго, цIунараллъун, кинниги мунагь ккезе рес бугел.

Нагагь ккани, гьеб мунагь ккеялда жанибги батула хIикмат, ракIбекун гIодизе, жалго гIодорегIанлъун рихьизе, мунагь кколездаса жалго чIухIичIого рукIине. («Хуласатул адаб»).

Устар гьечIев чиясул шайихлъун шайтIан букIунин абураб жо битIараб бугищ ва гьелъул магIна лъазе бокьилаан?

Гьеб рагIи шаригIаталъул, тIарикъаталъул кIудиял имамзабаздасан - Абулкъасим Къушайри, имам Гъазали гIадиназдасан бачIараб буго. Гьезги гьеб гIадада абураб жо гьечIелъул. Гьезда нилъер щаклъиги гьечIо.

Шайих гьечIого цо чи лъикIго гIибадаталде вуссани, шайтIаналъ гьев чиясул рекIелъе бачIинабула живго цIакъав чийин абураб пикру. Жибго цIакъаб бугилан ракIалде ккараб шайтIаналъе щиб ккарабали нилъеда Къуръаналъги хIадисалъги бицана.

Гьединго шайтIаналъ гьесулъ чIухIи бижизабула, гIадамал гIодорегIан рихьизарула. ЧIухIиялъул бищун гьитIинаб жо рекIелъ бугев алжаналде унаринги гьечIищха Бухарияс бицараб хIадисалда. Гьединго шайтIаналъ гьесулъ бижизабула рияъ, къокъго абуни, гьев гьелъ кодов восула.

Рияъ - гьитIинаб, балъгояб ширк ккола. Гьеб хIалалда батIи-батIиял вас-васаздасан шайтIаналъ гьесда лъачIого гьесие шайихлъи гьабулеб батула ва гьединаб магIнаялда абураб буго имамзабаз гьединги.

Цо-цояз абула цин шаригIатги камил гьабун, цинги устарасухъе ине кколин. Гьеб кин бичIчIулеб?

ШаригIат камиллъун хадуб тIарикъат щибизе? ВитIун нухдасан унесе ва рекIел унтабаздаса вацIцIадасе гьеб къваригIунарин абула. Сахав чиясе тохтур хIажалъуларо. ТIарикъат босун хадуб гурони шаригIатги камиллъуларо, щайгурелъул гьев унтарав вугелъул.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...