Аслияб гьумералде

Бер ккей

Бер ккей

Бер ккей

ТIадегIанав Аллагьас сурату «Юсуфалъул» 67-абилеб аяталда абуна (магIна): «ЯгIкъубица амру гьабуна лъималазде, нуж Мисри абулеб шагьаралде жанире киналго цадахъ цо кавудухъан лъугьунгейин, батIи-батIияб рагьдухъан лъугьайин». Бер ккеялда хIинкъун абуна гьедин.

Аварагас абуна: «Бер ккей – хIакъаб жо буго», - ян. Аллагь разилъаяй ГIайшатица бицараб хIадисалда буго: «Нужеца ТIадегIанав Алагьасдаса бералдаса цIуни гьаре, хIакълъунго, бер ккей – хIакъаб жо буго», - ян. (Ибну Мажагь).

Цоги хIадисалда буго: «Аварагас амру гьабулаан бералъе дару-сабаб гьабе», - ян. «Бер ккей – хIакъаб жо буго, ТIадегIанав Аллагьасул къадаралда цебе кколеб жо щибгIаги букIарабани, гьеб бер ккей букIинаан, нужеда лъица бугониги черх чуреян (чурараб лъим кьеян) тIалаб гьабуни, нужеца черх чуре». (Муслим).

«ГIемерисел дир умматалъул гIадамал, ТIадегIанав Аллагьасул къадаралдаса хадуб, бер ккеялдалъун хвезе руго». Цо нухалъ Бичасул аварагасда r гIодулеб лъимадул гьаракь рагIана.

Гьес абуна: «Лъимералъе лъугьараб щиб, цIакъ гIодулеб бугин. Нужеца гьелъие бер ккеялдаса дару-сабаб щай гьабулареб?» - ян.

Аварагасдасан рачIарал гIемерал хIадисал руго бер ккеялъул хIакъалъулъ. Гьединго жиназул бер ккеялъул хIакъалъулъ рачIаралги руго

Бер ккеялъул буго кIиго тайпа:

  1. Инсанасул бер ккей.
  2. Жиназул бер ккей.

Инсанасул бер ккей

Цо нухалъ Сагьл бину ХIаниф Авараггун цадахъ Маккаялъул рахъалде сапаралъ вахъана.

ЖухIфат абулеб бакIалъул ХIарар абулеб кIкIалахъ Сагьл ибн ХIанифица черх чурулеб букIана. Гьевги вукIана берцинаб лага-саналъул инсан. ГIамир бину РабигIатида вихьана гьев чвердолев ва абуна: «Дида киданиги вихьичIо гьадинаб хъахIаб, яс-гIаданалъул гIадаб гьайбатаб черхалъул инсан», - абун.

Сагьл бину ХIаниф, гьел рагIабаздаса хадув, гIодов ккана. Цадахъ рукIарал гIадамал Аварагасухъе рачIана ва абуна: «Я Бичасул Авараг , дуда кIолищ Сагьлие кумек гьабизе? АллагьасхIаги, гьес бетIер борхулеб гьечIо, лъавудеги вачIунев гьечIо», - ян.

Бичасул Аварагас цIехана: «Нуж лъида бугониги щаклъулел ругищ?» - ян. Гьез абуна: «ГIамир ибн РабигIатида вихьун вуго гьев чвердолев», - илан. Бичасул Аварагас ГIамир бину РабигIа ахIана ва бадибчIвай гьабун абуна: «Щиб сабаблъун нужер цояс жиндирго вац чIвалев?

Мун гIажаиблъизавулеб жо дуда бихьараб мехалда щай дуца абичIеб ТIадегIанав Аллагьас баракат лъезабеги», - ян абун. Цинги Аварагас абуна: «Дуца черх чуре гьанже гьесие гIоло», - ян.

ГIамирица хIарччиниб гьумер, кIиябго квер, кIиябго гъеж, кIиябго хIетIе, накаби ва жиндир изаралда гъоркьаса бакI чурана. Цинги Сагьлиде нахъасан, ботIродаса гIодобе мугъзаде тIуна гьеб лъим ва гьебсагIаталда Сагьл, тIадеги вахъун, гьелгун цадахъ ана щибго букIинчIеб гIадин.

Жиназул бер ккеялъе мисал

Жинда Аллагь разилъаяй Умму Саламатидаса бицараб хIадисалда буго: «Умму Саламатил рокъой йигей цо гъаравашалъул гьурмада бугеб сафгIат (чIегIераб тIанкI) бихьана Аварагасда, цинги абуна: «Нужеца гьалде Рукъия цIале, хIакълъунго, гьалда бер ккун буго», - ян.

Бералъул асар инсан дандчIваялдалъун, вихьиялдалъун, ракIалде ккеялдалъун, кIалъаялдалъун, дугIа цIалиялдалъун букIуна, хIатта беццасулгицин бер букIунин абула (беццасул бер ккеялъе, сипат гьабун бицаниги гIола).

ГIемерисеб бер букIуна инсан вихьичIого, сипат гьабун, бицен гьабун ккарабги. Бер ккеялъе аслу – инсанасда цо жо бихьидал ва бициндал, гIажаиблъи, хIикмалъи гьаби буго. Бер ккезейин абун букIунаро (хIикмалъи гьаби), инсанасе бокьичIониги ккезе рес букIуна.

Гьединлъидал Аварагас малъана нилъеда гIажаиблъи ккараб бакIалда цIализе дугIа.

(ма шаа Ллагьу табарака Ллагьу ла къуввата илла биЛлагь, Аллагьумма барик гIалайгьи)

«ТIадегIанав Аллагьас нилъ цIунаги инсанасул ва жиназул бер ккеялдаса. Амин, я Мужиб!»

Бер ккеялъул гIаламатал

  1. ЛъикIаб хIал чорхолъа ун, квешаб хIал тIаде бачIин.
  2. ГIемер бетIер унти.
  3. КIиябго гъежалда гьоркьоб бакI унти.
  4. Черх загIиплъи ва каранда бакIлъи лъугьин.
  5. Гьурмал кьер тIей (тIогьиллъи).
  6. Сабру тIагIин.
  7. РакIалдаса жо ин.
  8. ГIемер гIетI базаби ва гIемер кIущудизе гьари.
  9. ГIемер гьакIкIади, хасго Къуръан цIалулаго, как балаго, зикру бачунаго.
  10. ГIемер кьижи яги макьу тIури, кьижизе кIоларого хутIи.
  11. Кваназе къасд гьечIолъи.
  12. ХIатIал, кверал риччи (гIетI бан) ва хIал дагьлъун лъугьин.
  13. РакI хехлъи, цIикIкIун кьаби.
  14. ТIабигIияб гуреб хIинкъи рекIелъ рещтIин.

Бер ккеялдаса цIуни

Бер ккеялдаса цIунизе бокьани, гьал хадур рехсарал дугIабазда тIадчIей гьабизе ккола. Нилъер Аварагас ХIасангун ХIусениде гьаб дугIа цIалулаан бер ккеялдаса цIунун рукIине:

«УгIизукума бикалимати Ллагьи ттаммати мин кулли шайтIанин ва гьамматин ва мин кулли гIайнин ламматин»

Гьаб дугIаги цIалун, Аварагас абуна: «ХIакълъунго, нужер инсуца ИсмагIилиде ва ИсхIакъиде гьаб дугIа цIалулаан бер ккеялдаса цIунун рукIине».

Гьаб дугIаги цIализе бегьула:

(агIузу би калимати Ллагьи ат-таммати мин кулли шайтIанин ва гьамматин ва мин кулли гIайнни ламматин)

Лъимал хъизамалде боцIи-малалде бер ккелин хIинкъарабщинаб, гIажаиблъи ккараб жоялде, бер чIван хадуб, гьаб дугIа цIалила цIунизе рукIине ва баракатги лъезе:

(ма шаа Ллагьу ла къуввата илла биЛлагь, Аллагьумма барик гIалайгьи)

Хъизан-лъимал рукIа, боцIи-мал букIа, бер ккелин хIинкъарабщинаб жоялъул берцинлъи бахчизеги лъикIаб буго. ГIафанил вас ГIусманидаса бачIараб хIадисалда буго. Цо нухалъ гьесда вихьула берцинав вас.

Гьес абуна: «Бер ккунгутIиялъе нужеца лъимадул нилъуялда бугеб жаниб ккараб бакIалда чIегIераб тIанкI гьабе», - ян.

Лъимадул берцинлъи бахчун гьелда бер ккунгутIизе абураб рагIи буго гьеб. Лъимал-хъизамалда, боцIималалда бер ккелин хIинкъараб мехалъ гIемер КъулагIузаби цIализе лъикIаб буго.

Нилъер Аварагас rжундуздаса инсанасе бер ккеялдаса цIунун цIалулаан батIи-батIиял дугIаби, КъулагIузаби рещтIиндал, гьел цIалана, цере рукIарал тана. Лъимал-хъизамалда, боцIималалда бер ккелин хIинкъараб мехалъ, бер кколеблъи лъалев чиясдаса рикIкIалъила.

Ал-Къази ГIияз абурав кIудияв гIалимчияс абуна: «Инсанасда рекъараб буго жиндир бер кколеблъи лъалев чиясдаса рикIкIалъизе, гьевгун гIодов чIунгутIизе», - ян.

Хъизан-лъималазда, боцIималалда, гьабулеб хIалтIипишаялда (цебе инарин) бер ккелин хIинкъараб мехалъ, нужеца нужерго хIажатал балъго гьаре (тIурай), гIадамазда цебе бицинчIого (дица гьабги-гьабги гьабизе бугин абун), хасго бер кколев чиясдаса балъго.

Нилъер Аварагас бер ккарасда абуна: «Нужеца нужерго хIажатал тIубаялъе балъголъи хIалтIизабе, хIакълъунго, щибаб нигIматалъулъ хIасад букIуна», - ян.

(хадусеб букIине буго)

МУХIАММАДХIАБИБ БУДУНОВ

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Наркотиказде данде

ЛъаратIа районалда, диниял хIаракатчагIазул квербакъиялдалъун, тIобитIана школлъималазе наркотиказда данде къеркьеялъул бицунеб дарс. Гьединаб мурадгун Гъараколоб росдал школалде рачIун рукIана ДРялъул муфтияталъул ЛъаратIа районалда бугеб лъай кьеялъул управлениялъул ва «Инсан»...


НуцIби рагьун рукIаго, гIедегIе

ГIадамаз гIемер ракIалде щвезабула жидерго гIолохъанлъи. Гьел ракIалдещвеял гвангъарал ва рохалилаллъун рихьизе бегьула гIолохъанлъи нилъер къуваталъул ва чIаголъиялъул цIураб мех букIиналъ.   Амма гIолохъанлъиялъул щибаб ракIалдещвеялъ гуро рохел кьезе кколеб. ГIолохъанлъи мунагьазулъ ва...


Хехдариялъ рачуна...

Хьул къотIи ккола тавакаллъи гьабиялъул тIубанго гIаксияб рахъ. Хьул къотIиялъ рухIги гIакълуги хвезабула. Напсалда хурхун абуни, гьелъ хвезабула жанисеб рахъалъул ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ божилъи гьаби, Гьесие ﷻ мутIигIлъи, сабру гIадал муъминчиясул хасиятал.   ГIакълуялъул рахъалъ инсан...


«Шукруялъул мажлис»

Рамазан моцIалъул хIурматалда, Унсоколо районалъул ХъахIабросулъ тIоби-тIана «Шукруялъул мажлис» абун цIар лъураб руччабазул данделъи.   Гьениб лъималаз ри-кIкIана кучIдул, ахIана нашидал, бихьизабуна ясал цадахъ кIал биччазе иналъул ва цоцазул тIалаб гьабиялъул хIакъалъулъ...


Иргадулаб кумек

Хасавюрт районалъул ва шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Аргъваниса МухIаммадил хIаракаталдалъун, иргадулаб кумек битIана СВОялда ругел нилъер рагъухъабазе. Районалъул имамзабазул советалъул председателас, гьеб лъикIаб ишалда гIахьаллъи гьабунщиназе, ракI-ракIалъулаб баркалаги кьун,...