Аслияб гьумералде

Асхiабзабазул насихiат

Асхiабзабазул насихiат

Асхiабзабазул насихiат

Нилъер умматалъул церехъаби, хасс гьарун асхIабзабигун табигIиназ гIумру тIамуна Къуръаналда ва аварагасул суннаталда рекъон. Гьез нилъее нахъе тарал лъикIал гIамалаздасан ва магIна гъваридал насихIатаздасан бичIчIула Къуръан-хIадисазулъ ТIадегIанав Аллагьас гьезие кьун букIараб битIараб бичIчIи. Къуръан-хIадис битIун бичIчIизе бокьараз, тIоцебесеб иргаялда, асхIабзабигун табигIиназул гIумру лъазабизе ккола. Нилъее дарслъун ва насихIатлъун букIине ва гьезул баракатги нилъеде чваххизе гьоркьехун гьезул рехсей гьабизин.

1. Абубакар-асхIаб хвалил унтиялъ унтидал гьесухъе зияраталъе Салманул Фариси вачIана. Халифасул ахIвал-хIал бихьидал Салман гIодана ва абуна: «Я, муъминзабазул амир! Дие насихIат гьабе», - ян. Абубакарица абуна: «ТIадегIанав Аллагьас нужеда цебе дунялалъул каваби рагьила ва нигIматал чвахизарила. ВукIа-вахъине гIураб къадар гурони босуге дуего. Дуда лъай, рогьалил как барав чи Аллагьасул цIуниялда гъоркь вукIуна. ЦIуниялда гъоркьги вукIун мун Гьесда гIасилъуге. ГIасилъани, жужахIалъул цIадаве рехула!» - ян.

2. Цо къоялъ тушбабигун рагъизе бо битIулаго гьезул цевехъанасда АбубакарасхIабас абуна: «Дуего ва кьерилазе сапар захIмат гьабуге, гьезде ццинги дур бахъунге ва кидаго гьезда гурхIулевлъун вукIа. Аллагьас нужее бергьенлъи кьуни, чIахIиял чагIазда, руччабазда ва лъималазда квер хъваге. КъваригIел гьечIого исрап гьабун хIайваналги хъоге. КъотIиги киданиги хвезабуге ва дуцаго рагIи кьуралъе киданиги хилиплъуге. Нухда нужеда дандчIвала монахал чIараб бакI. Гьезиеги щибго зарал гьабуге ва гьезул чадралги риххизаруге», - ян.

3. ХIасанул Басрица абуна: «Унти – черхалъе закат буго. Унтуларел чурхдул боцIудаса закат кьоларел гIадамазда релълъарал руго», - ян.

4. ХIасанул Басрица абуна: «Мун лъабго жоялдаса цIуне: «ЧIужугIадангун аскIов чи гьечIого вукIунге, гьелда Къуръан малъиялъул ният дур батаниги; къваригIел гьечIого султIанасухъеги унге, гьесие насихIат гьабизе бокьун дуе батаниги; бидгIачигунги гIодов чIоге, гьевгун кIалъаялъ дур рекIелъе унти ккезабула», - ян.

5. Имам Абу ХIанифада фикъгьи гуреб каламалъул гIелму лъикI лъалаан. Кинниги цIалдохъабазе гьес гьукъун букIана каламгIелмуялда сверухъ бахIсал гьаризе. Цо къоялъ гьесда халлъана жиндирго кIудияв вас ХIаммад калам-гIелмуялда сверухъ бахIс гьабулев. Имамас гьесие гьукъидал, васас абуна: «Дуцаги гIемер гьеб гIелмуялда сверухъ къецал гьарунагури?» - ян. Абу ХIанифаца абуна: «Дир заманалда бахIсал гьарулаго ботIрода тIад хIанчIи чIун ругеб гIадин гIодоре риччан рукIунаан. Гьелъие гIиллаги, ниж хIинкъун рукIунаан данде дагIбадулев мекъи ккелин абун. Нужер бахIсазул мурадго букIуна нужер дандияв мекъи ккун, гьев къезави», - илан.

ЖАБИР МАЖИДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...