Аслияб гьумералде

ТIоцебе мажгиталъуб чирахъ бакарав

ТIоцебе мажгиталъуб чирахъ бакарав

ТIоцебе мажгиталъуб чирахъ бакарав

Тамим ибну Авс Ад-Дарияв ккола насранияб диналдаса исламалде вачIаразул цояв. Гьев гьавуна Палестинаялда ва вукIана кутакалда тIадчIей гьабун насранияб дин гьабулев чи. Гьев щолаан гIемерал бакIазде, хIатта хIинкъи бугел бакIаздецин. Гьедин кьураб букIана гьесие «ХIинкъи лъаларев тируч» абураб цIарги. Бицен буго гьев дажалгунги дандчIванин абун.

 

МухIаммад аварагас ﷺ гъазаватаздаса щваралъул бутIа кьолаан Лагьм тухумалъул бану Даразе. Хайбаралъул гъазаваталдаса щвараб давлаялдаса жидеего бутIа босизе рачIунезе нухмалъи гьабулев вукIана Тамимияв. Гьедин ккана Тамимиясул тIоцебе Аварагасулгун ﷺ дандчIвай. Гьеб букIана 628-абилеб сон. Гьеб дандчIваялда Аварагас ﷺ бицараб ритIухъ гьабун, Тамимияс босана исламги.

Гьелдаса хадуб Тамими, Аварагасда ﷺ аскIов, Мадинаялда чIана. Гьес гIахьаллъи гьабуна батIи-батIиял рагъазулъги. ЦIодорав чи вукIиналъ гьев тун вукIана Аварагасул ﷺ жамгIиял масъалабазда хурхун гIакълучилъунги. Гьес рицунаан исламиял къисаби, ахир заманалда ккезе ругел гIаламатазул, дажалил питнаялъул.

Гьев вукIана гIибадат гIемерав асхIаб. Къаси сардал рогьунаан Къуръан цIалун, какал ран. Абу-Бакр ал-Байгьакъияс «ШугIайбул иман» абураб тIехьалда хъван буго Тамиму Дарияс щибаб анкьида жаниб Къуръан цIалун лъугIизабулаанин абун.

ГIабдуллагь ибну ГIабасидасан бицун буго, жеги насранияб диналда вугеб заманалдаго Тамимияв, цадахъ гьалмагълъигун, даран-базар гьабун Шамалъул ракьалде хьвадулев вукIун вугинги. Цо нухалъ гьев, ГIадию ибну БадигIгун, щун вуго Шамалде. Гьениб базаралда кIиясдаго дандчIван вуго Бану Сагьм тухумалдаса, цеве лагълъиялда вукIарав, Бадил абурав чи. Гьевги Шамалде вачIун вукIун вуго даран-базаралъ. Гьесухъ букIун буго, къираласе бичизе бачIараб, гIарцул чаша. Гьеб чаша букIун буго гьесул къайиялъул аслиябги. Гьенир ругеб заманалда унтун вуго Бадил. Цинги хвалде гIагарлъараблъи бичIчIарав гьес васият гьабун буго гьезде жиндир къайи лъимал-хъизамалъухъе щвезабеян.

Тамимияс бицана: «Бадил хведал нижеца гьесул чаша азарго диргьамалде бичана. Щвараб гIарацги кIиясдаго гьоркьоб бикьана. Бадил хъизамалъухъе щведал, нахъе хутIараб къайи-матахI гьезухъеги кьуна. Кьуралъул халги гьабун, гьез цIехана чашаялъул хIакъалъулъ. Амма нижеца гьереси бицана гьаб гуреб цоги жо Бадилица кьун букIинчIинги абун.

МухIаммад Аварагас ﷺ Маккаялдаса Мадинаялде гьижра гьабун хадуб заманалда дица исламияб дин босана ва гьеб мунагьалдаса тавбуги гьабуна. Хадуб, Бадил хъизамалъухъеги ун, гьезие бицана кин чашаялъул иш ккун букIарабали. Цинги щунусго диргьамги кьуна гьезие», - абун. (Тирмизи)

Тамиму Дарияв машгьурав вукIана кверзул махщелаздалъунги. Гьес ургъулаан батIи-батIиял тIагIелалгун алатал. ГIабдуллагь ибну ГIумаридасан бицун буго, Аллагьасул Расул ﷺ унтараб мехалъ Тамим вачIанин Аварагасухъе ﷺ ва абунин: «Я Аллагьасул Расул ﷺ! Дица дуе, жинда тIад мун вахъун чIезе бегьулеб, минбар гьабилищ?» - абун. «Гьабе», - ян жаваб кьун буго Аллагьасул Расулас ﷺ. Цинги, Тамимияс, Авараг ﷺ жинда тIад гIодов чIолеб букIараб малъичIого, кIиго болъо бугеб минбар гьабун буго. (Абу Давуд)

Тамиму Дарияв ккола тIоцебе Аварагасул ﷺ мажгит къалъизабизе нахул чирахъ жаниб бакаравги. Гьелде щвезегIан, мажгиталда канлъи гьабулаан пальмаялъул гъаркьалабиги рухIун. Гьес ритIана, кин гьабизе кколебалиги малъун, жиндир лагъзазул щугояв мажгиталде нахул чирхъал гьаризе. Абу СагIидил Худриясдасан бицун буго: «Мажгиталда тIоцебе чирахъ бакарав чи вукIана Тамиму Дарияв», - абун. (Ибну Мажагь)

Гьес рицана гIезегIанго Аварагасул ﷺ хIадисалги. Имам АхIмад, Абу-Давуд Насаи ибну Мажагь Тирмизи гIадал чIахIиял хIадис-гIелмуялъул имамзабаз Тамимиясдаса рицарал гIемерал хIадисал рехсон руго тIахьаздаги.

«Дин буго ракIбацIцIалъи». Нижеца цIехана: «Лъидехун?», - абун. Аллагьасул расулас жаваб гьабуна: «Аллагьасдехун , Гьесул ТIехьалдехун, Гьесул Расуласдехун, бусурбабазул церехъабаздехун ва тIолалго бусурбабаздехун», - абураб хIадисги Тамимиясдасан бицараб буго. (Муслим)

ХIамайд ибну ГIабдурахIманидасан бицун буго, Тамиму Дарияс ГIумар-асхIабасда гIемераб заманалъ гьарулеб букIанила жиндие мажгиталда къисаби рицине изну кьеян. ГIумар-асхIабас щибаб нухалъ изну кьолеб букIун гьечIо. Иргадулаб нухалъги изну гьарун Тамимияв вачIиндал, ГIумарица абула: «Щиб дуца гIадамазе бицинеб?» - абун. Тамимияс жаваб гьабула: «Дица гьезие Къуръан цIалила, лъикIалдалъун амру гьабила, квешалдаса нахъги чIвала», - ян. Гьеб мехалъ ГIумарица абула: «Гьеб мунпагIатаб буго», - ян ва тIадеги жубала: «ВагIза-насихIат гьабе дун рузманалъул какде вахъинегIан», - абун. Тамимиясги гьедин гьабуна. ГIусман-асхIаб халиплъун ккедал, гьесдаги гьарана Тамимияс къисаби рицине дагьаб цIикIкIун заман кьейилан абун. ГIусман-асхIабас цоги къоялъги вагIза гьабизе изну кьуна гьесие. («Тариху Димашкъи»)

Язид ибну ГIабдуллагь ибну аш-Шахирица бицун буго, цо чияс цIеханин Тамимиясда: «Кинаб букIунеб дур сардилъ балеб как?» - абун. Дагьаб ццим бахъарабгIадинги лъугьун, Тамимияс жаваб гьабуна: «АллагьасхIаги, балъго, бецIаб сардилъ цо ракагIат бай дие хирияб буго, тIубараб сордоялъ какалги ран, цинги дица гьел ранин абун гIадамазда рицунездаса», - ян абун.

Гьижрияб тарихалъул 36-абилеб соналъ, ГIусман-асхIаб халиплъун вугеб заманалда, Тамиму Дарияв тIадвуссана Палестинаялде, цинги ункъо соналдасан Аллагьасул ﷻ къадаралде щвана. Вукъун вуго Бейт-Жибрин абураб шагьаралда.

 

АхIмад Къурбанов

2026-07-15 (Сафар 1448 с.) №14.


Луганскиялда тӀобитӀана диназда гьоркьосеб гӀолилазул форум

«Халкъазул цолъи - улкаялъул къуват» абураб гӀолилазул форум тӀобитӀана Луганскиялда. Гьеб гӀуцӀана Дагъистаналъул муфтияталъ исламияб культураялъул фондалъул квербакъиялдалъун. Россиялъул Федерациялъул батӀи-батӀиял регионаздаса рачӀарал гӀахьалчагӀаз, гьезда гьоркьор бусурбабазул ва...


КIванагIан хех гьабе

Жакъа унтараб суал буго гьабураб къотIи-къай тIубангутIи ва кьураб рагIи ккунгутIи. Гьеб сабаблъун цоцада гьоркьоб гьуинлъи ва цолъи хола. Инсанас, Аллагьас ﷻ абухъе, цогидасул хIакъ тIубани ва Аварагас ﷺ хIадисалда абухъе жидиего гьабизе бокьулеб гIадин цогидасеги гьабуни, букIинищ гьениб...


Имам Мунави

Зайнуддин МухIаммад ГIаб-дуррауф ибн Таж ГIарифин ибн ГIали ибн Зайнул ГIабидин Гьади ал-Мунави, машгьурав гIалим, шайих, имам ва хIадисазул гIалимчи, гьавуна Къагьиралда гьижрияб 952 соналъ.   ГьитIинаб мехалдасаго гьес инсудасан динияб лъай лъазабуна. Балугълъиялде щвезегIан рекIехъе...


Ингердахъ - руччабазул мадраса рагьана

Гьал къоязда мадраса рагьиялда хурхун рохалилаб мажлис тIобитIана ГIахьвахъ районалъул Ингердахъ росулъ.   Мунагьал чураяв Цевехъанил вас АхIмадица, жиндирго инсул букIараб мина кьуна мадраса базе. Гьеб цIигьабун базе хIаракат бахъана гьелъул байбихьуда имамлъун вукIарав Къурбанил...


«Юсуф» сура

ТIадегIанав Аллагьас хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Дуца бице, Авараг ﷺ, дурго къавмалъе Юсуф аварагас жиндир эмен ЯгIкъуб аварагасде абураб: «Я, дир эмен, дида бихьана макьилъ анцIила цо цIва ва бакъги моцIги. Дида гьел рихьана зодоса гIодореги рещтIун, дие сужда...