Аслияб гьумералде

Дунялалъул лъабго жо

Дунялалъул лъабго жо

Дунялалъул лъабго жо

Цо къоялъ жинда свалат-салам лъеяв Бичасул авараг гIодов чIана асхIабзабазда аскIов ва Абубакаридаса байбихьун цIехана дунялалдаса щиб бокьулебилан? – Дие дунялалдаса лъабго жо бокьула, - ян жаваб кьуна Абубакарица ва рехсана: дуда цеве гIодов чIей, духъ балагьи, дирго боцIи дуе харж гьаби. Цинги ГIумаридехун вуссун цIехана аварагас дунялалдаса дуе щиб бокьулебилан.

– Диеги дунялалдаса лъабго жо бокьула: лъикIалдалъун амру гьаби, кигIан балъго бугониги, квешалдаса нахъчIвай, кигIан тIатун бугониги, хIакъаб рагIи аби, кигIан кьогIаб батаниги. ГIусманидаги цIехана гьединго. Гьесги абуна дие дунялалдаса лъабго жо бокьулин: гIадамазе тIагIам кьей, халкъалда гьоркьоб салам тIибитIизаби, гIадамал кьижун рукIаго къаси тIаде вахъун какал рай.

ГIалида цIехедал, гьес абуна: дие дунялалдаса бокьула гьобол кIодо гьави, хасало кIал кквей, хвалченги босун тушбабигун вагъи. Цинги гьикъана Абузарил Гъифариясда. Гьес абуна дунялалдаса лъабго жо бокьулин: вакъи, унти ва хвел. Щайин абун Бичасул аварагас гьикъидал, гьес абуна:

– Ракъи дие бокьула дирго ракI тIеренлъизе. Унти бокьула дирго мунагьал тIадагьлъизе, ай чуризе. Хвел бокьула БетIергьанасда дандчIвазе гIоло, - ян

Цинги рещтIана ЖабрагIил малаик, гьезда саламги бицун абуна диеги дунялалдаса лъабго жо бокьулин: рисалат щвезаби, аманат тIобитIи, мискинзаби рокьи. Цинги ана зодове. Жеги нахъеги рещтIана ва абуна:

– Аллагьас нужеде битIулеб буго салам ва Гьес абулеб буго, Диеги дунялалдаса лъабго жо бокьулин:

– Аллагь рехсолеб мацI.

– Дие хIелулеб ракI.

– Балагьазда сабру гьабулеб черх, - ян.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» РЕДАКТОР

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...