Аслияб гьумералде

Мадиналда гIумру захIмалъарав

Мадиналда гIумру захIмалъарав

Мадиналда гIумру захIмалъарав

Борхатаб лагаялъул, чIегIераб тIомалъул, хIалакъаб къаркъалаялъул, ризаб расалъул, Бичасул Аварагасде ﷺ гIагарал гьудулзабазул цояв, гьесул ﷺ вазир, лагъзадерил ислам босаразул тIоцевесев, Алжаналде щвезе хIасрат букIаразул цояв – Абу-ГIабдуллагь Билал бин РабахIица ислам къабул гьабуна 30 сонил гIумруялда вугеб мехалъ.

 

Билал вукIана жидеца ислам босанин рагьун абуразул цоявги. Гьебги букIана Билал лагълъиялда вугеб заманалъго. Гьеб сабаблъун жидее кIудияб гIазаб кьурал щугоязул цоявги ккола гьев. Лагълъиялдаса тархъун, цебе букIараб захIмалъиги тIаса ун хадуб заманалъ бусурбабаз кинаб бугониги рецц гьабун Билал-асхIаб веццизе байбихьараб мехалъ, гьесул бетIер гIодобе далулаан, бералги данде унаан, гирулаго магIил гаралгун, абулаан: «Дун вуго сон-церекъад лагълъун вукIарав хIабашияв», - абун.

Нилъее Билал-асхIаб машгьурав вуго Аллагьасул Расуласул ﷺ будун абун. Амма гьеб даражаялде Билал вахарав вуго жиндир иманалъул щулалъиялдалъун, бацIцIадаб ракIалдалъун, гIодобе биччараб гIамалалдалъун. Аллагьасул Расулас ﷺ абураб буго: «Цониги авараг вукIинчIо ТIадегIанав Аллагьас ﷻ вазираллъун ругел анкьго гIагарал гьудулзаби жидее кьечIел, дие Аллагьас ﷻ гьединав 14 чи кьуна…», - абун. Гьезул цIаразда гьоркьоб Аварагас ﷺ Билал-асхIабасул цIарги рехсана.

Гьев вукIана Мадинаялде тIоцебе гьижра гьабуразул цоявги. ГIумар-асхIабас абураб буго: «Абу-Бакар вуго нижер сайид, (гьединго) гьес лагълъиялдаса вичун восана нилъер (цоги) сайидги (Билал)», - абун.

 

Мадинаялда ахирисеб как

Аллагьасул Расул ﷺ ахираталде ин захIмалъарав Билал-асхIабасда кIвечIо Мадинаялда гIумру гьабизе. Аварагасул ﷺ мажгит-рукъалъул къадал, гьев ﷺ хьвадулел рукIарал къватIал – киналъго ракIалде щвезабулеб букIана гьесда Авараг ﷺ. Как ахIиги гьес тана. Цинги халипалъун вукIарав Абу-Бакарихъеги ун, гьесда гьарана жиндие Шамалъул ракьалде гочине изну кьеян. Абу-Бакарица изнуги кьун къокъана Сириялъул ракьалде. Цинги гьенив чIана бусурбабазул ракьазул гIурхъи цIунун.

Гьедин, Дамаскалда гIумру гьабун вугев Билал-асхIабасда цо сордоялъ макьилъ вихьула Авараг ﷺ. «Кин гьаб чиярлъи бичIчIизе кколеб, я Билал? ЩвечIищ дихъе ваккизе вачIине заман?» - абун кIалъана Билалида макьилъ Авараг ﷺ. Гьеб параялъ Билал пашманго ва хIинкъараб асаргун макьидаса ворчIана. Гьесда лъана жинда макьилъ вихьарав чи хIакъикъаталдаги ТIадегIанав Аллагьасул Расул ﷺ вукIин. Щайин абуни, Аварагас ﷺ абун букIаралъул жив макьилъ вихьарав чиясда унго-унголъунги вихьанин абун. ШайтIаналда гьесул сурат босизе кIоларелъул.

Цинги тIаде вахъарав Билал хIадурлъана Мадинаялде сапар гьабизе. Гьениве щведал тIоцебе мажгиталде вилълъана Аварагасул ﷺ хабаде зиярат гьабизе. Бичасул Расуласул ﷺ хоб бихьараб мехалъ магIу кквезе кIвечIого гIодана Билал. Зама-заманалда жиндирго гьумер хабада цвизабулебги букIана.

Гьеб хIалалда вугев гьесда тIаде тIоцере ккана ХIасан ва ХIусен. Гьел рихьарав Билал цин цоясда къочун, цинги цогиясда хурхун, гьел данде къан, гьезда убачал гьарулаго нахъеги гIодана.

Бичасул Расул ﷺ чIаго вугеб мехалъ Билалида бихьун букIана гьеб куцалда Авараг ﷺ гьезда къочулев ва убачал гьарулев.

Хадур гьенире данделъарал гIадамаз гьаризе байбихьана Билал-асхIабасда, аскIов Аллагьасул Расул ﷺ вукIараб заман жидеда ракIалде щвезабизе, как ахIеян.

Билалица жаваб гьабуна жинда гьеб гьабизе кIоларин, Аварагасдехун ﷺ бугеб хIасраталъ ва пашманлъиялъ ракI цIун бугин, бажарулеб хIал гьечIин. Амма аскIор рукIарал ХIасангун ХIусеница гьаризе байбихьидал, гьездехун бугеб хIурматалъ Билал-асхIабасда инкар гьабизе кIвечIо.

Гьеб букIана рогьел баккулеб гIуж. Цинги, Авараг ﷺ чIаго вугеб заманалъ как ахIулаго вахъун чIолев вукIараб бакIалде, тIохдеги вахун, Билал-асхIабас «Аллагьу Акбар» абун ахIана.

Авараг ﷺ накълулъун хадуб гьеб гьаракьалдалъун Мадинаялда жеги как ахIун букIинчIо.

Гьеб рагIидал гIадамазул черхалда сири бараб хIал лъугьана. Шагьаралдаги ракь багъарараб кинниги асар баккана, гIадамал рукъзабахъа къватIире рекерун рачIана. «Ашгьаду ан ла илагьа илла Ллагь» ахIидал, гIадамазул сас ва гIодулезул гьаракьалъ Мадина жеги багъарараб хIисабалде ккана. «Ашгьаду анна МухIаммадан расулу Ллагь» ахIидал, къватIахъе рачIана киналго, хIатта рокъоса къватIире рахъунарел гIолохъанал ясалгицин. МагIил цIун бералгун, «Унгоги, Аллагьас ﷻ Авараг ﷺ чIаго гьавунищ вугев?» - абурал гIадал рагIабигун гIадамал лъугьана цоцазда цIехон гаргадизе.

Авараг ﷺ накълулъараб къоялъ гIадамазул букIараб хIал такрарлъана гьаб нухалъги Мадинаялда. Гьезда ракIалде щвана Бичасул Авараг ﷺ, гьесул букIараб берцинаб тIабигIат, гIамал-хасият. Ва гIадамазда букIараб хIалалъ бихьизабуна гьезул рекIелъ Авараг ﷺ цIунун вугеблъи.

ХIадисалда рехсолеб буго, цо къоялъ рогьалил какда хадуб Бичасул Авараг ﷺ вуссанин Билал-асхIабасдехун ва: «Я Билал, бице дида исламалда дуцаго гьабураб гIамалалъул, дуцаги жинде бищун кIудияб хьул лъолеб. Унгоги, гьаб сордоялъ дида Алжаналда рагIана дур хьитазул сас», - абун цIеханин гьесда. Билалица жаваб гьабун абуна: «Щиб заманалъ (къаси сардилъ яги къад) бугониги какичури гьабуни, щибаб нухалъ дица гьелда хадуб хIаракат бахъана, Аллагьас ﷻ чан базе хъван букIун батаниги, гьедигIан суннат-как базе. Гьелде гьабулелдаса кIудияб хьул дица цогиялде гьабуларо», - абун. Гьелдаса хадуб щибаб нухалъ Аварагасул ﷺ гьел рагIаби ракIалде щведал, Билал-асхIабасул бадиса магIу чвахулаан. (Муслим)

Билал-асхIаб хвалил унтулъ бусада вегун вугеб мехалъ, гьес дунял тезехъин бугеблъи бихьарай гьесул чIужуялъ, гьаракь борхун абуна: «Вай, талихIкъей», - абун. Амма Билалица жаваб гьабуна: «Огь, бугеб рохел, метер дун дандчIвазе вуго дирго хириялгун – Аллагьасул Расулгун ﷺ ва гьесул къокъагун», - абун.

Билал-асхIабас гьаб панаяб дунял тана 63 сон бараб гIумруялда, гьижрияб тарихалъул къоабилеб соналъ, Дамаскалда, гьенив вукъунги вуго. Аллагьас ﷻ гьесул баракаталдаса нилъ махIрум гьаругеги! Амин.

 

АхIмад Къурбанов

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


ХIикматал махлукъатал

Оляпка   Гьеб буго гIажаибаб хIинчI. Къадако хIанчIазул тайпабаздасан кколеб гьеб буго лъелъе кIанцIизе ва жаниб хьвадизе гьунар бугеблъун.   Гьеб букIуна цIорорал хехчвахулел мугIрузул лъаразул рагIаллъабазда. Лъелъеги кIанцIула квачаялъухъ хал гьабичIого. Лъелъе кIанцIула квен...


ХвезегIан хьитал ретIинчIев

ЦIар рагIарав гIалимчи Ибрагьим ХIарбияс бицана Бишр бин ХIарисияс абулеб рагIанин: «Нилъедаса ратIаралъарал цо-цо чагIи ракIалде щведал, ракIал чIаголъун рачIуна. Амма руго цо-цо чагIи жал рихьидал гIадамазул ракIал холел», - ян.   Гьаб макъалаялда бицен гьабизе бугевги ккола...


СВОялъулазе кумек гьабу-ралъухъ медал

Хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчагӀазе гьабураб ва гьабулеб бугеб квербакъиялъухъ жамгӀияб шапакъат кьуна Дагъистаналъул муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатовалъе.   РФялъул «Хранители России» абураб жамгӀияб гIуцIиялъул хӀукмуялдалъун гьелъие кьуна «За вклад в победу СВО» абураб...


Хехдариялъ рачуна...

Хьул къотIи ккола тавакаллъи гьабиялъул тIубанго гIаксияб рахъ. Хьул къотIиялъ рухIги гIакълуги хвезабула. Напсалда хурхун абуни, гьелъ хвезабула жанисеб рахъалъул ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ божилъи гьаби, Гьесие ﷻ мутIигIлъи, сабру гIадал муъминчиясул хасиятал.   ГIакълуялъул рахъалъ инсан...


Аварагас ﷺ гьижра гьаби

Гьижраялъул бицунелъул нилъеда лъазе ккола гьеб цIакъ захIматаб иш букIараблъи. Маккаялдаса Мадинаялде гIага-шагарго буго 450 километр. ХIежалде щведал нилъ Мадинаялдаса Маккаялде уна машинабаздаги рекIун ва нухда бала 7-8 сагIат, кутакалда сваказеги свакала. Гьанже хIисаб гьабе, багIарараб...