Аслияб гьумералде

Данде чагIи рахъунарев

Данде чагIи рахъунарев

Данде чагIи рахъунарев

ГIумар-асхIабасе ал-Фарукъ абураб тIокIцIар щвей

 

Муъминзабазул хасияталдасан буго дугIа гьабун Аллагьасда ﷻ гьари. Цояз гьарула щибаб къойил цогIаги нухалъ, цогидаз чанго нухалъ, руго цо-цоял заман, бакI, гIузру халгьабун толелги.

 

Ислам къабул гьабун хадуб ГIумар-асхIабасул рекIее парахалъи толареб жо букIана бусурбабаз дин балъго, дора-гьанир данделъун рахчараб бакIалда гьабулеб букIин. Гьеб гIилла сабаблъун цо къоялъ гьев ана Бичасул Аварагасухъе ﷺ ва абуна: «Я Бичасул Авараг ﷺ, хваниги чIаго хутIаниги нилъ нахърилълъине гьечIищ хIакъаб жоялда?» - ян. Аварагас ﷺ абуна: «Дир напс жиндир кодоб бугев АллагьасхIаги хваниги чIагояллъун ругониги нуж хIакъаб жоялда нахърилълъунеллъун руго», - ян. Гьеб мехалъ ГIумарица абула: «Щайха цинги бахчулеб? Мун хIакъалдалъун ВитIарасдалъун гьедун абула, нилъ (ислам загьир гьабун) къватIире рахъине руго», - ян.

Гьелдаса хадуб асхIабзаби данделъун рукIараб бакIалдаса кIиго кьер гьабун къватIире рахъана. Цояб кьер нухда бачунездасан вукIана ХIамзат, кIиабилеб кьералъе бетIерлъи гьабулевлъун вукIана ГIумар-асхIаб. Гьеб хIалалда асхIабзаби мушрикиназда цересан КагIба-рокъоре лъугьана. Гьениб къурайшиязда рихьана ГIумарги ХIамзатги ислам босун, цинги мушрикинал лъугьана тату хун.

Гьеб къоялъ Аварагас ﷺ ГIумар-асхIабие «Ал-Фарукъ» абун тIокIцIар кьуна. Гьеб рагIул магIна ккола къосеналдаса хIакъаб батIа бахъулев абураб.

 

ГIумарица ислам къабул гьаби къурайщиязда лъай

Ислам босидал ГIумар-асхIабасе бокьана гьеб иш киназдаго лъазе, къурайщиназ зарал гьабизе букIин бичIчIулеб букIаниги. ГIабдуллагь ибну ГIумарица бицун буго: «Ислам къабул гьабидал ГIумарица абуна: «Къурайщиязул лъица бищун хехго харбал тIиритIизарулел?» - абун. Гьесие жаваб гьабуна Жамил ибну МагIмар ал-Жамахияс тIибитIизабулин абун. Цинги ГIумар гьесухъе ана. ГIумарица щиб гьабулебали бихьизе дунги вилъана гьесда хадув.

Гьесул бакIалде щведал ГIумарица абуна: «Лъалищ дуда, я Жамил, дица ислам къабул гьабуна ва МухIаммадил диналде лъугьана», - ян.

ГIумаридаса гьел рагIаби рагIидал Жамил бигьа гьабун тIаде вахъана ва щибго рагIи абичIого КагIбаялъул рахъалде ана. КагIбаялда аскIоб букIана къурайшиял кидаго данделъулеб бакI. Гьениве щолаго Жамилица ахIана: «Ва къурайшиязул гIадамал! Ибну ал-ХIатIаб дин рехун таравлъун лъугьана, - ян. Гьесда хадувго вачIунев вукIарав ГIумарицаги ахIана: «Гьес гьереси бицунеб буго, дун диналдаса вуссинчIо, дица ислам къабул гьабуна», - ян. Цинги, «Лагълъи гьабизе кколеб жо гьечIо цохIо Аллагь гурони ва МухIаммадги, Гьесул лагъ, диналдалъун витIарав расул вуго», - ян шагьадатги битIана.

ГIумаридаса гьеб рагIидал гIадамал гьесде руссана ва рагъизе лъугьана. Цо ГIумарида данде къурайшиязул чангояв къалъул заман щвезегIан вагъана. Цинги сакварав ГIумар гIодов чIана, бугониги гьел ГIумаридаса ричIчIичIо. Гьеб мехалъ ГIумарица абуна: «Нужеца дие бокьараб гьабе…», - ян. Гьеб хIалалда гьел рукIаго тIаде вачIана къурайшиязул цо херав чи ва цIехола нужее лъугьараб щибилан абун. Гьесие жаваб гьабула ГIумар умумузул диналдаса вуссанин абун. Цинги херас абула: «ГIумарица жиндиего гьеб тIаса бищана, щиб нужее къваригIун бугеб? Те гьев вугелъув», - абун.

Гьелдаса хадуб заман ун, Мадинаялде гьижра гьабураб мех букIана. Дица цо нухалъ инсуда цIехана: «Я эмен! Щив вукIарав дов чи, дуца ислам босун букIин лъайдал, мунгун рагъулезда живго тейин абурав?» - ан. Инсуца абуна: «Я дир вас! Гьев вукIана ал-ГIас ибну Ваил ас-Сагьми», - абун. Гьевги ккола Сагьм тухумалъул цевехъан, бищун Аварагасда ﷺ данде чIаразул цояв.

 

ГIумарица гьижра гьаби

ГIали ибну ТIалибил рагIабаздаса ибну ГIабасица бицун буго: «Бусурбабазул киназго гьижра гьабуна балъго, ГIумар-асхIабас хутIизегIан. ГIумарие гьижра гьабизе бокьидал, гьес кодобе босана ханжар, гъажалде рехана чIорбутI, бана къолден, рачлихъ къазабуна хеч ва КагIбаялъул рахъалде ана. Гьеб букIана КагIбаялда аскIор къурайшиязул мушрикунал данделъулеб бакI. Цин анкьго нухалъ КагIбаялда сверун тIаваф гьабуна ГIумарица, хадуб Макъамалда аскIоб как бана, цинги мушрикуназда аскIовеги ун ахIана: «КигIан къабихIлъи гьал гьурмазул! Нуж БетIергьанас ﷻ гIодорегIан гьарила. Нужеда гьоркьов ватани вас гьечIого хутIизе, лъимал бесдал гьаризе, чIужу къороллъизе бокьарав, дида данде вахъине вачIа гьадаб расалъиялде», - ян. ГIали-асхIабас бицун буго гьеб къоялъ ГIумарида данде, цо-цо тохал чагIи гурони, бажари бугезул цониги чи вахъинчIилан.

Капурзабазегун мунапикъзабазе кьварарав, бажари бугев чи вукIаниги, ГIумар-асхIаб вукIана кутакалда рагIияталъул ургъел бугев, Аллагьасукьа ﷻ хIинкъарав ритIухъав халиф. ТIоцебе гьесда абуна «Амирул муъминин» абунги. Аварагас ﷺ абун букIана гьесул хIакъалъулъ: «Унго-унгоги Аллагьас ГIумарил мацIалдагун ракIалда лъураб буго хIакъаб жо», - ян (АхIмад).

Гьев вукIана къурайшиязда гьоркьовги къадру-къимат бугев чи ва гьес ислам босана МухIаммадихъе ﷺ авараглъи кьуралдаса анлъабилеб соналъ. Гьес гIахьаллъи гьабуна гIемерал гъазаватазулъги.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Суал-жаваб

Шукруялъул сужда кида гьабулеб? Щукруялъул сужда гьабизе суннатаб буго. Гьебги гьабула циндаго ракIалда букIинчIеб бакIалдаса нигIмат тIаде бачIиндал яги жиндаса балагь нахъчIвайдал. Гьединго, суннатаб буго шукруялъул сужда гьабизе квешаб унти бугев яги балагьалде ккарав чи вихьидал, Аллагьас I...


Наркотиказде данде

ЛъаратIа районалда, диниял хIаракатчагIазул квербакъиялдалъун, тIобитIана школлъималазе наркотиказда данде къеркьеялъул бицунеб дарс. Гьединаб мурадгун Гъараколоб росдал школалде рачIун рукIана ДРялъул муфтияталъул ЛъаратIа районалда бугеб лъай кьеялъул управлениялъул ва «Инсан»...


Районалъул ифтIар

Гъуниб росулъ тIобитIана районалъул тIолалго росабалъа рачIарал гIадамаз гIахьаллъи гьабураб кIалбиччаялъул мажлис. Гьениб бицана цолъиялъул ва цадахъ рекъон рукIиналъул бугеб кIваралъул, рамазан моцIалъул хиралъиялъул ва гьеб индалги гьабулеб гIибадат гьоркьоб къотIизе тезе бегьулареблъиялъул...


Цолъиялъул мурадалда

Болъихъ районалъул лъималазулгун гӀолилазул спортивияб школалда тӀобитӀана СССРалъул ва Россиялъул мустахӀикъав бакӀал ралев ГӀабдулбасир Халикъов ракӀалде щвезавиялъул хIурматалда кIалбиччаялъул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул бетIер Руслан ХIамзатовас, депутатазул собраниялъул...


Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго

Жакъа нилъеда гIемер рихьула цо-цо чагIи, гIураб динияб лъайги гьечIел, гIараб мацIги лъаларел, амма гIакъидалъул гъваридал суалал гьоркьор лъолел. Гьез цохIо жидерго пикрабазда мугъчIвай гьабула, амма церехун рукIарал ритIухъал чагIазул - салафазул бичIчIи хIисабалда бихьизарула. Цо-цо мехалъ...