Аслияб гьумералде

Маххул нуцIа кодоб ккун вагъарав бахIарчи

Маххул нуцIа кодоб ккун вагъарав бахIарчи

Маххул нуцIа кодоб ккун вагъарав бахIарчи

ГIали-асхIаб, Авараггун ﷺ цадахъ, гIемерал гъазаватазда гIахьаллъана ва гьезулъ кIудияб бахIарчилъи загьир гьабуна. ГIемерал бакIазда гьев байрахъулавлъунги вукIана. Мисалалъе, Бадруялъул гъазаваталда кIиго байрахъулазул цояв вукIана гьев. Бадруялъул гъазаваталда халкъалъул Хирияс ﷺ гьесде амру гьабуна ГIутбатил Валидида данде мубаразаялъ вахъаян, ГIали-асхIаб вахъана ва Валид чIвана.

 

УхIудалъул гъазаваталда кутакалда къуватав хъанчилав ГIусманил ТIалхIатги тIаде вахъун абуна: «Ле, МухIаммадил асхIабзаби! Вугищ нужеда гьоркьов цонигияв, жиндир хвалченалъ дун жужахIалде витIулев яги дир хвалченалъ дица алжаналде витIулев?» - ян. ГIали-асхIаб вахъана гьесда данде (гьев кколаан ГIали-асхIабасул вацгIал) ва къотIана ГIусманил бох, ГIусман вортана, гьесул гIаврат загьирлъана ва гьес ГIали-асхIабасда гьарана: «Аллагьасеги нилъеда гьоркьоб бугеб гIагарлъиялъеги гIоло, те дуца дун», - ян. ГIали-асхIабас гьев тана ва Аварагас ﷺ «Аллагьу акбар» абун ахIана.

УхIудалда ГIали-асхIабас чIвана чIахIиял капурзабазул лъабгоял. ТIоцебе Аварагас ﷺ гьев витIана лъикI багъулеб капурзабазул цо гьитIинабго къокъаялда тIаде. ГIали-асхIабас гьел риххизаруна ва чIвана ГIамру бину ГIабдуллагь ЖумахIи. Цинги Аварагас ﷺ гьев витIана цоги гьединабго къокъаялде, ГIали-асхIабас гьелги щущазаруна ва чIвана Шайбат бину Малик.

Хандакъалъул гъазаваталда ГIали-асхIабас чIвана жиндир къуватгун бахIарчилъи гIарабиязулъ машгьурав ГIамру бину ГIабду-вудда. Бану-МустIалакъазул гъазаваталда ГIали-асхIабас чIвана гьединго рагъизе бажари цIикIкIарал Маликги гьесул васги. Хайбаралъул гъазаваталда ГIали-асхIабас, рахсаздасаги тIезабун, гIодобе рехана хIалихъего кIикъого чияс кодобе борхулеб каву. Гьенивго вагъулелъул гьесул хъалахъо гIодобе бортидал, Хайбаралъул маххул нуцIбузул цоябги кодоб ккун, вагъана ГIали-асхIаб тIубараб къоялъ. Гьес нуцIа гIодоб рехун хадуб анкьго чи гьеб гебегизабизе лъугьиндал, бажаричIо. Къокъго абуни, Аварагасул ﷺ рокъовги гIурав, ислам босизе цогидаздаса цевеги ккарав, исламалъул малъиялда цIубарав, вахIю рещтIунеб куцги бихьарав, Аварагасе ﷺ тIолго гIадамаздаса бищунго йокьулей яс ФатIиматги ячарав, Аварагасул ﷺ вацгIаллъунги кколев ГIали-асхIаб, гIемерисел гъазаватазда цадахъ вукIана Расуласда ﷺ. Авараг ﷺ Табукалде гъазаваталъ унаго, руччабиги лъималги цIунизе гьезда хадув балагьизе гьев Мадинаялда тана. Гьедин толеб мехалъ, ГIали-асхIабас Аварагасда ﷺ гьикъана: «Дун дуца руччабаздаги лъималаздаги тIадищ толев вугев?» - абун. Аварагас ﷺ гьесие жаваб гьабуна: «Мун дида аскIов Муса аварагасда (гI. с.) аскIов Гьарун авараг гIадин вукIине разилъиларищ? Амма, дида хадув авараг вукIине гьечIоха», - ян.

Аварагасул ﷺ хIадисазда гьоркьор цонигиясул хиралъиялъул хIакъалъулъ гьечIо, ГIали-асхIабасул хIакъалъулъгIан гIемерал хIадисал. Гьел хIадисал гIемерлъиялъе гIилла Абубакар, ГIумар, ГIусман, ГIали асхIабзабаздаса хирияв вукIин гуро. Аварагасул ﷺ кьучIаб хIадис буго Бухарияс бицараб, Аллагьас жиндие кинабго Къиямасеб къоялде щвезегIан ккезе бугеб жо загьир гьабунаян. Гьединлъидал Аварагасда ﷺ цебеккунго ГIали-асхIабасда тIаде рачIине ругел балагьалги лъана, халиплъиялъул хIакъалъулъги, гьеб гуребги, мисалалъе, хаварижал данде рахъин гIадинаб ва цоги гьединал питнаби рагъарарал ахIвал-хIалазде ккедал, гIадамазе насихIатлъун, битIараб ва битIараб гуреб батIабахъизе лъазелъун, рицана Аварагас ﷺ гьесул хиралъаби.

 

ХIажи ГIалиев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...