Аслияб гьумералде

Абу Дужанат

Абу Дужанат

Абу Дужанат абурав асхIаб вукIана кутакалда къвакIарав, лебалав чи. Гьев вукIана бищун цебе ансариязда гьоркьоб Ислам босаравги. Аварагасда цадахъ гIахьаллъи гьабуна Бадруялъул гъазаваталдаги. Абу Дужанатица жиндирго бахIарчилъи бихьизабуна УхIудалъул гъазаваталдаги. УхIудалъул гъазаваталда Аварагас , хвалченги борхун, гьикъана: «Гьаб хвалчен лъица босилеб?» - абун. Киназго кверал рорхана.

Хадубги Аварагас гьикъана: «Лъица босилеб гьаб хвалчен кколеб къагIидаялъ?» - абун. Киналго гIенеккун чIана ва Абу Дужанатица абула: «Дица босила гьеб кколеб къагIидаялъ» - ян. Цинги хехго жувала гьебги босун мушрикуназул гарбал къотIизе. Щиб гъазаваталда вугониги гьев гIажаибго ватIа вахъулаан жиндирго ботIрода бухьараб чалмаялъги. Гьеб къоялъги гьес, жиндирго чалмаги бахъун, бетIер бухьуна. Цинги тушбабазда цевесан чIухIараб рилъиналдалъун хьвадана.

Гьеб бихьидал Аллагьасул Расулас абуна: «Гьадинаб вилъиналъ ХIалкIолев Аллагьасул ццим бахъинабула, гьадинаб бакIалда хутIун», - абун.

Гьеб рагъулъ гьес цониги чи толев вукIинчIо, магIарда гъоркь чIарал руччабазде тIаде ккезегIан. Гьел рукIана къали бухулел чагIи, гьезда гьоркьой йикIана кечI рикIкIунейги. Абу Дужанатица хвалчен хьвагIидал гьев хехго лъалхъана ва дой гIадан чIвачIого тана. Рагъ лъугIидал асхIабасда гьикъана гьелъул хIикмат щибилан. Дос абуна дица Аварагасул хвалчадул къимат гьабунин, дой гIаданги чIвачIого танин абун.

Цо къоялъ Абу Дужанат унтидал, гьесул гьумер нур гIадин гвангъун букIана. Гьесухъе зияраталъ рачIарал чагIаз гьикъана гьумер гвангъун букIиналъе гIилла щибилан абун. Гьес жаваб кьуна жиндир гIумруялда жаниб мугъчIвазе гIамал гьечIин, хIажат гьечIеб жо бицунгутIиги, киналго бусурбабазулгун бацIцIадаб гьалмагълъи гьаби гурогойилан.

Аварагасул хIадисалда буго: «Цо чияс жиндир дин берцин гьабулеб букIиналъул гIаламатаздасан ккола гьес жиндие хIажат гьечIеб бицунгутIи», - ян.

Абу Дужанатица гIахьаллъи гьабуна Ямамалда букIараб гъазаваталдаги. Гьенибги бахIарчилъи бихьизабуна. Гьеб букIана Мусайлимат аль-Каззаб чIвараб гъазават. ВахIши абурав асхIабас хеч речIчIидал, тIаде щварав Абу Дужанатицаги гьесда хвалчен кьабула, цинги ВахIшица абула: «Аллагьасда гурого лъаларо нилъер кIиязулго кинас Мусайлимат чIваравали», - абун. Гьеб рагъулъ асхIабасул бох бекула, амма вагъула къуркьичIого, Аллагьас шагьидлъи кьезегIан.

Абу Дужанат хвана 633 соналъ, гьижрияб 12 соналда. Аллагьас гьединал асхIабзабазул гIадал ракIал нилъееги насиб гьарейги. Амин!

МУХIАММАД МУРТАЗАГIАЛИЕВ, ГIАШИЛТIА РОСУ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


Аллагьас ﷻ цIунула

Балагь, рекIее хIалхьи толарел ахIвал-хIалал ва захIмалъаби тIаде рачIуна нилъер щивасде. Гьаб дунялалъул рукъ гьедин гIуцIарабги буго. Амма нилъер гIумруялъул аслулъун бугеб мурад ва гьаб дунял жидее щиб бакI бугебали бичIчIи бугез дандчIварал къисматалъул киналго захIмалъаби къвакIун хIехьола....


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...


Ахиралде щвана

Баракатаб РабигӀул аввал моцӀ ахиралде щвана. Гьаб моцӀги Авараг ﷺ гьавураб къоги, цогидал моцӀал гӀадин нилъеца тӀобитӀичIо. Цогидаб заманалде ккун гьаб моцIалъ чияс дагьаб бугониги цӀалун батани Аварагасул ﷺ хӀакъалъулъ, абизе бегьула гьес хайир босанин.   ГӀумруялъ гьесул хӀакъалъулъ цӀаланиги...


Гъваридаб лъай

Гьале тIаде щвана цIалул заман. Киналго лъимал школаздеги, студентал цIалул идарабаздеги хьвадун байбихьула жидерго лъай цIикIкIинабизе. Исламалда лъай тIалаб гьабиялде кьола бищун цIикIкIун кIвар. Гьелде тIоритIел гьабулел аяталгун хIадисал гIемерал руго. Цересел номеразда гьелъул хIакъалъулъ...