Студентазул форум
МахӀачхъалаялда тӀобитӀана ЧIарада районалдаса студентазул форум. Гьебги тIобитIана «Твой успех в твоих руках» абураб цIаралда гъоркь.
Гьелъ данде гьаруна батӀи-батӀиял рахъазда, ай спорталда, бизнесалда, гӀелмуялда, информациялъул алатазда ва жамгӀияб гӀумруялда бергьенлъаби щварал районалъул гӀолилал.
Данделъиялъул аслияб мурад букӀана машгьурал ракьцоязулгун лъай-хъвай гьаби гуребги, гIолеб гӀелалда гьоркьоб бухьен щула гьаби ва гӀолилазда бихьизаби щибаб бергьенлъиялъул кьучӀда захӀматги, сабруги, божилъиги букӀин.
Форумалда кӀалъана боксалъул рахъалъ Олимпиялъул чемпион ХIайдарбек ХIайдарбегов, районалъул лъай кьеялъул управлениялъул начальник Шамил МустӀафаев, имамзабазул советалъул вакил Рамазан Жаватханов ва цогидалги.
Гьез бицана цолъиялъул бугеб кIваралъул, цоцазе квербакъи гьабизе ккеялъул, гӀолилаз битIараб нух тIаса бищизе кколеблъиялъул.