Аслияб гьумералде

Республикаялъулаб мавлид

Республикаялъулаб мавлид

Республикаялъулаб мавлид

ГIиса аварагасул цIаралда балеб бугеб РухIияб центаралда тIобитIана, МухIаммад авараг ﷺ кIодо гьавун, республикаялъулаб мавлид.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул батIи-батIиял шагьараздасагун росабалъа рачIарал бусурбабаз.

ГIалимзабаз бицана аварагасул ﷺ гIумруялъул, гьесул ﷺ букIараб берцинаб тIабигIаталъул ва киналго ахIана аварагасдаса ﷺ мисал босун хьвадизеги рукIа-рахъинеги.

Мавлид халатбахъана кIигониги сагIаталъ. Гьеб заманалда жаниб, мажлисалде рачIаразда гьоркьоб бикьана садакъа, тIоритIана къецал ва бергьаразе кьуна сайгъатал. Бищунго аслияб сайгъатин абуни букIана гIумраялде ине рес щолеб путевка.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...