Аслияб гьумералде

Таджиказул мацIалде бусинабуна

Таджиказул мацIалде бусинабуна

ДРялъул муфти, шайих АхIмад афандил «Благонравие праведников» абураб тIехь таджиказул мацIалдеги буссинабун къватIибе биччана. Гьелъул цебелъей букIана дагьал церегIан къоязда. Мажлис нухда бачана муфтияталъул председатель Шамил ГIалихановас.

Данделъиялда гIахьаллъана власталъул органазул вакилзаби, Хъвадарухъабазул союзалъул хIалтIухъаби, гIелмиял хIаракатчагIи, жамгIиял гIуцIарухъаби, республикаялъул вузазда цIалулел ругел къватIисел улкабаздаса студентал. КIалъазе рахъараз бицана рехсараб тIехьалъул бугеб кIваралъул ва жамгIияталда жаниб муфтияталъ гьабулеб бугеб бергьун кIудияб хIалтIул хIакъалъулъ.

Тадбир тIобитIулеб заманалда бихьизабуна муфтиясул хIакъалъулъ бахъараб къокъабго фильм, цIалана Къуръан, ахIана нашидал ва тажик мацIалда рикIкIана кучIдул. «Благонравие праведников» абураб тIехь къватIибе биччан буго анкьго мацIалда.

Муфтияталъул вакилзаби бергьана

Ставрополь шагьаралда тIобитIараб джиу-джитсуялъул ва грэпплингалъул рахъалъ тIолгороссиялъул Eagle Flight Championship абураб къецалда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтиясул заместитель МухIаммад Майрановас ва муфтиясул кумекчи Идрис Асадулаевас.

Жиде-жидер цIайиялда цере рахъарал гьез дандиязда тIад ракIчIараб бергьенлъиги босана. Гьезда бергьенлъи баркана ДРялъул физическияб культураялъул ва спорталъул министрасул ишал тIуралев МухIаммад МухIаммадовас.

Гьединго данделъиял - да гIахьаллъи гьабуна министрасул заместитель ХIайдарбек ХIайдарбековас ва МахIачхъала шагьаралъул депутатазул собраниялъул депутат Мурад МирзахIажиевас. Министрас гьезда баркана бергьенлъи ва гьарана халкъалда гьоркьоб гьабулеб бугеб бичIчIикьеялъулаб хIалтIуе къуват.

МухIаммад Майрановас бицана министерствоялъги Динияб идараялъги цадахъ рекъон гьарулел ругел хIалтIабазул ва гьедин гьабулеб букIиналда бан кколел ругел лъикIал хIасилазул.

Лъималазда дандчIвай гьабуна

МахIачхъалаялда дандчIвай гьабуна Сириялдаса ва ГIиракъалдаса тIадруссинаризе кIварал лъималазда. Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтиясул тIоцевесев заместитель ГIадулла Аджимоллаевас, миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министрасул ишал тIуралев Энрик Муслимовас, лъималазул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ вакил Марина Ежовалъ ва цогидазги. Аджимоллаевас данделъаразда абуна нужеде киназдего муфтияс салам битIанин ва бицана исламияб диналъ лъай тIалаб гьабиялде кьолеб кIваралъул хIакъалъулъ.

Муфтиясе кьуна медаль

Дагъистаналъул афгъанал-ветераназ, 15 февралалда тIобитIараб данделъиялда, ДРялъул муфти кIодо гьавуна хасаб шапакъаталдалъун. Жиндирго кIалъаялда шайих АхIмад афандица абуна ВатIаналда цебе тIадаб борч тIубазабулаго нужеца бихьизабунин унго-унгояб бахIарчилъиги къохIехьейги.

«Дица нуж киналго рикIкIуна улкаялъул унго-унгоял патриоталлъун. Гьединго дица нуж рикIкIуна бахIарзаллъунги. Нуж, нужеего бокьун, рагъде ин – гьеб ккола бахIарчилъи», - ян абуна ДРялъул муфтияс. Ветеранал-афгъанцаз бицана жидерго жамгIияб гIуцIиялъ гьабулеб бугеб хIалтIул ва квешабщиналдаса гIолохъаби цIуниялъул мурадалда тIоритIулел тадбиразул хIакъалъулъ.

«ВатIаналда цебе хъулухъ гьабулеб заманалда нужеца пикруго гьабулеб букIун батуларо цадахъ вугев гьалмагъасул миллаталъул. Нуж рукIана ВатIан цIунулел. Гьелъулъ букIана цолъиги. Цого къагIидаялъ бокьулеб букIана ВатIан. Чангияс жиндирго гIумруцин кьуна гьалмагъасе гIоло. Жакъаги нуж рукIине ккола цадахъ, цо къараб зарлъун», - ян бицана динияв цевехъанас. Данделъиялъул ахиралда ветераназ муфтиясе кьуна сайгъатги.

«Инсан» фондалъул нухмалъулел кIодо гьаруна

МахIачхъалаялда бугеб «Время перемен» абураб социалияб кафеялда ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Сергей Меликов дандчIвана республикаялда ругел гурхIел-рахIмуялъулал фондазул хIалтIухъабигун.

Гьеб дандчIваялда гIахьаллъана республикаялъул хIукуматалъул председателасул заместитель Анатолий Карибов, захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министр Изумруд Мугутинова, бизнесжамгIияталъул вакилзаби. «Инсан» фондалъул генералияв директор МухIаммадрасул АхIмадовас бицана жидецаго гьабулеб бугеб хIалтIулги, гьаризе тIаде росарал ишазулги.

Данделъиялъул ахиралда Сергей Меликовас пачалихъияб шапакъат кьуна МухIаммадрасул АхIмадовасе, пандемиялъул заманалда фондалъ гьабураб хIалтIухъ. Гъоркьиса апрель-май моцIазда жаниб «Продукты в каждый дом» абураб программаялда рекъон, хIажатазда гьоркьоб бикьана 22 590 909 гъурщиде росарал 400 тонна нигIматазул. Продуктаби щвана 32000 хъизамалъе.

1 июналда фондалъ хIажатазда гьоркьоб бикьана 40 720 030 гъурущ. Гьединго «Инсаналъ» 12 миллион гъурщиде кумек гьабуна мадугьалихъ бугеб лъабго регионалъеги.

Канлъукъазе цIияб тIехь

Брайлял шрифталда бахъараб «Благонравие праведников» абураб тIехь къватIибе биччана дагьал церегIан къоязда. Гьеб буго канлъукъал гIадамазе бихьизабураб ДРялъул муфти, шайих АхIмад афандил тIехь.

Гьеб лъугьа-бахъиналда бан республикаялъул канлъукъазул хасаб библиотекаялда тIобитIана дандеруссинги. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул гIелмуялъул ва лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев МухIаммад ХIажиевас, учреждениялъул директор ХIажи Малучиевас, канлъукъазул ва тIубанго беццазул «Ихсан» школалъул директор ПатIимат ХIамзатовалъ.

ХI. Малучиевас бицана библиотекаялъ гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ ва диниял хIаракатчагIазда цадахъ тIоритIулел тадбиразул. Данделъиялда хабар ккана канлъукъал гIадамазе цIализе рукIине Брайлял шрифталда тIадеги тIахьал рахъизе ккеялъулги.

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


ХIикматал махлукъатал

Оляпка   Гьеб буго гIажаибаб хIинчI. Къадако хIанчIазул тайпабаздасан кколеб гьеб буго лъелъе кIанцIизе ва жаниб хьвадизе гьунар бугеблъун.   Гьеб букIуна цIорорал хехчвахулел мугIрузул лъаразул рагIаллъабазда. Лъелъеги кIанцIула квачаялъухъ хал гьабичIого. Лъелъе кIанцIула квен...


НуцIби рагьун рукIаго, гIедегIе

ГIадамаз гIемер ракIалде щвезабула жидерго гIолохъанлъи. Гьел ракIалдещвеял гвангъарал ва рохалилаллъун рихьизе бегьула гIолохъанлъи нилъер къуваталъул ва чIаголъиялъул цIураб мех букIиналъ.   Амма гIолохъанлъиялъул щибаб ракIалдещвеялъ гуро рохел кьезе кколеб. ГIолохъанлъи мунагьазулъ ва...


МацIалъул хIинкъи

МацI ккола ТIадегIанав Аллагьас инсанасе кьурал бищунго кIудиял нигIматазул цояб. Гьелдалъун гIадамаз бухьен гьабула, гIелму бикьула, цоцазе квербакъула, Аллагь рехсола. Амма гьебго мацIалъги рачине бегьула кIудиял мунагьазде ва квешал хIасилазде, гьабулеб каламалда хадуб...


Суал-жаваб

Шукруялъул сужда кида гьабулеб? Щукруялъул сужда гьабизе суннатаб буго. Гьебги гьабула циндаго ракIалда букIинчIеб бакIалдаса нигIмат тIаде бачIиндал яги жиндаса балагь нахъчIвайдал. Гьединго, суннатаб буго шукруялъул сужда гьабизе квешаб унти бугев яги балагьалде ккарав чи вихьидал, Аллагьас I...


Аварагас ﷺ гьижра гьаби

Гьижраялъул бицунелъул нилъеда лъазе ккола гьеб цIакъ захIматаб иш букIараблъи. Маккаялдаса Мадинаялде гIага-шагарго буго 450 километр. ХIежалде щведал нилъ Мадинаялдаса Маккаялде уна машинабаздаги рекIун ва нухда бала 7-8 сагIат, кутакалда сваказеги свакала. Гьанже хIисаб гьабе, багIарараб...