Аслияб гьумералде

ГIалимзабазул мажлис

ГIалимзабазул мажлис

ГIалимзабазул мажлис

МахIачхъалаялда тIобитIана республикаялъул гIалимзабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна 10 азаргоялдасаги цIикIкIун чияс.

КIалъазе рахъарал имамзабаз, гIалимзабаз гьаруна вагIза-насихIатал, бицана гьудуллъи-вацлъи цIуниялъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ.

Данделъиялда гIахьал-лъи гьабуна ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандицаги. Гьес бицана ракIал рацIцIадго чIезаруни, кида-къадги нилъее хIакъикъат рагьизе бугилан.

Мажлисалда гIахьал-лъарав МахIачхъалаялъул мэрас бицана шагьаралда гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ ва гьеб рахъалъ гьабулеб бугеб кумекалъухъ баркала кьуна республикаялъул мутияталъеги, хас гьабун муфти, шайих АхIмад-афандиеги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...