Аслияб гьумералде

Миллатазда ва диназда гьоркьосел бухьенал

Миллатазда ва диназда гьоркьосел бухьенал

МахIачхъалаялда, Гьудуллъиялъул минаялъуб, регионалъул нухмалъулев Сергей Меликовасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIана Дагъистан республикаялъул бетIерасда цебе гIуцIараб Миллатазда ва диназда гьоркьосел бухьеназул рахъалъ советалъул гIатIидаб данделъи.

Данделъиялъул аслияб тема букIана гIун бачIунеб гIелалъе тарбия кьеялъулъ, экстремизмалъул профилактика гьабиялъулъ, террористияб идеологиялде дандечIеялъулъ хIукуматалъул идарабазулгун республикаялда ругел жамгIиял ва диниял гIуцIабазул гьоркьоблъи абураб.

Мажлисалда гIахьаллъана Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди, РФялъул президентасда цебе бугеб департаменталъул управлениялъул начальник Евгений Еремин, Россиялъул тIадегIанав муфти ТIалхIат Тажудин, Москваялъул соборалъулаб мажгиталъул бетIерав имам Илдар ГIаляудинов, Ставрополалъул ва Невинномысскалъул митрополит Кирилл, Чачан республикаялъул, Шималияб Осетия-Аланиялъул, Кабардино-Балкариялъул, Гъарачай-Черкесиялъул, Ставрополалъул, Краснодаралъул, Калмыкиялъул, Астраханалъул ва Волгоградалъул муфтиял.

Данделъиялда гIахьалчагIаз гьоркьоб лъуна гIолилазда гьоркьоб экстремизмалъул ва террористияб идеологиялде дандечIеялъе гьарулел хIаракатал, патриотикияб ва рухIиябгун моралияб тарбия кьеялъул суалал ва гIемераб цогидабги.

Миллатазда ва диназда гьоркьосел бухьеназул советалъул данделъиялъул гIахьалчагIазе гьабураб хIалтIухъ баркала кьуна Дагъистаналъул бетIерас.

ГIемерал соназ ракълида ва цоцалъ рекъон гIумру гьабулел Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул бицунаго Сергей Меликовас тIадчIей гьабуна киналго дагъистаниязул гIаммаб генетикияб код цо букIиналда.

Гьес, гьединго, баркала кьуна республикаялъул диниял церехъабазе: Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-хIажиясе, МахIачхъалаялъул ва Дербенталъул архиепископасе, епископ Варлаамие, Борис Ханукаевас вакиллъи гьабулеб Дагъистаналъул жугьутIазул жамагIатазул цолъиялъе.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...