Аслияб гьумералде

Аллагьасукьа ﷻ хIинкъарав вац

Аллагьасукьа ﷻ хIинкъарав вац

Аллагьасукьа ﷻ хIинкъарав вац

Цебе заманалда цо бечедав чиясул вукIун вуго лъабго вас. Херлъидал инсул хIукму ккун буго жиндирго бечелъи лъималазда гьоркьоб бикьизе ва гьезда гьоркьоса цоявги вихьизавун, гьесухъ цогидалги гIенеккизе.

 

КIудияв васас инсуда абун буго, жив кIудияв вугелъул, бетIерлъи жинца гьабилин абун. Инсуца абун буго, рарал соназул гурин кIвар бугеб, нужеда цебе цо масъала лъелин, цинги гьеб тIубазабиялъухъ балагьун къотIилин хIукмугиян.

Инсуца щивасухъе кьун буго хъаба, жанибе тIугьдузул хьоналги рехун, ва абун буго гьал гIезариялда бараб букIине бугин нужее кьолеб къиматилан.

Пуланаб заманалдаса инсуца васал ахIун руго хIасил гьабизе. Халгьабидал, кIудияв васасул хъабаялъуб батун буго тIад пихъ бараб саламатаб гъветI гIун. КIиабилев васасул батун буго берцинаб тIегь гIун. Лъабабилев васасул хъаба батун буго ракьулги цIун, щибго жоги бижичIого.

Инсуца кIиявго васасе рецц-бакъ гьабун буго. Цинги, гьитIинасул чIобогояб хъабаялъухъги валагьун, гьесие бадибчIвай гьабулеб ххвелги гьабун, инсуца абун буго, кинин дуда кIвараб чIобогояб хъабагун вачIинеян. ГьитIинасги абун буго, кигIан яхI бахъаниги, мугь тIирщизабизе кIвечIин.

Гьеб мехалда инсуца абула: «Гьале дир васал, нужеда гьоркьоса кIудиявлъун вукIине ккола бищун гьитIинав. Гьесие кьезе буго магIишаталъул цIикIкIарасеб бутIаги. Гьес бихьизабуна дунялалдаги ахираталдаги талихIалъул кIуллъун кколеблъи Аллагьасукьа хIинкъи, ракIбацIцIалъи», - ян.

Гьеб хIукмуялда ракI рекъечIел кIудиял васал гаргадизе лъугьуна щибго жо бижизабизе кIвечIев, бажари гьечIев кинин кIудиявлъун толевин абун. Гьеб мехалъ инсуца абула, нужехъе кьурал мугьал рукIанин тIирщизе ресго гьечIел, хварал жал. Нужецайин абуни, дица кьурал мугьалги нахъе рехун, сахал мугьал рекьун ругин, гьелдалъун дунги гукканин абун. Гьединлъидал гьав вугин нужеда гьоркьов кIудиявлъун вукIине рекъарав ва ирсалъул цIикIкIарасеб бутIаялъе мустахIикъавин абун.

Щивасе тавпикъ кьеги ритIухълъиялда магIишат гьабизе.

 

Заирбег МухIаммаднабиев,

Шамил район, ТIогьохъ росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...